ХъахIаб халгIаталъул къадру цIунана

25 сентябралда 70 сон тIубана ДРялъул мустахIикъав тохтур, РФялъул сахлъи цIуниялъул отличник, тIурул унти ккарал гIадамазе кумек гьабулеб республикаялъулаб централъул (Центр антирабической помо­щи) нухмалъулев, хирург ва травматолог Анварбег ХIажиевас.

Анварбегил хIакъалъулъ абизе гьев бегьула унго-унгояв, унтарасул тIалабалда гIумру унев тохтур вугин абун. Инсанасул сахлъи цIуниялде жавабияб тIалабчилъи букIуна гьесул. «Нижеца унти сах гьабуларо. Ни­жеца сах гьарула унтиялъ кIвекIулел гIадамал», — ан абурал тохтур-фи­лософ Авиценнал рагIаби такрар гьарула гьес кидаго. КигIан захIматаб хIалалда унтарав ватаниги, гьесда хIал лъазе толаро Анварбегица. Гье­сул сабураб ва хIеренаб каламалъ унтарасул ракIчIезабула жив сахлъи­ялде. Тохтурасда бугеб божилъиялъги кумек гьабулелъулха сахлъизе.

 

 

Анварбег ХIажиев гьавуна 1950 со­налда ГIахьвахъ районалъул ГIарчо росулъ. 1966 соналда цIализе лъу­гьана Буйнакскиялъул медучилище­ялде. Гьебги лъугIизабун, хIалтIана ЦIумада районалда фельдшерлъун. Гьенисан ана Советияб армиялде ва вукIана кIудияв рагъулав фельдшер­лъун. Армиялдаса тIад вуссиндал цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул инсти­туталде. Цадахъго хIалтIана гIаммаб хирургиялъул кафедраялда лабо­рантлъун. 1979 соналда тIокIлъиялда лъугIизабуна ДГМИ ва хIалтIизе байбихьана Каспийскиялда. Хадуб­ккун – тIоцебесеб МахIачхъалаялъул поликлиникаялъул заведующийлъун.

Мисалияв нухмалъулев ва махщел камилав тохтур хIисабалда ва ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министер­ствоялъул коллегиялъул хIукмуялда рекъон, Анварбег ХIажиев тIамуна Хехаб кумекалъул цолъиялъул бетIерав тохтурасул заместитель­лъун хIалтIизе. Байбихьана хIалхьи гьечIел сардалги рахIат кIочарал къоялги гьарзаяб заман. Анварбеги­ца гьаризе ккана гIемерал операциял, хIажалъараб мехалда чанги унтарасе гьес кьуна жиндирго би.

 

ТIаде щвана улка биххизабурал 1990-абилел сонал. Хисана тIолабго гIумру – хиса-басиял гьаруна ме­дицинаялдаги. ЦIияб къагIидаялда рекъезабун медицинаялъул хъулухъ­алъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ церехъабазул кьерда вукIана Ан­варбег ХIажиевги. ХIалтIул балъ­голъабазул гъварилъуде ваккиялъул мурадалда гьес сапарал гьаруна Рос­сиялъул Кемерово, Ленинград, Са­мара областаздеги Казахстаналъул Джезказган областалдеги. Гьел са­паразулги гIелмиял дандеруссиназ­да гIахьаллъиялъул хIасилалги дан­де гьарун, гьес хъвана ва басмаялде бахъана «Перевод учреждений здра­воохранения Дагестана на новый хо­зяйственный механизм» абураб ме­тодикияб пособие.

Камиллъараб лъайгун махщел ХIажиевас хIалтIизабуна дагъиста­ниязул сахлъи цIуниялъе. Тахшагьа­ралъул №2 поликлиникаялда гьес рагьана гьитIинабго операционная ва гьенир гьарулаан цереккун ста­ционаралда гьарулел рукIарал опе­рациял. Операция гьабурав унтарав кIиго сагIаталдасан унаан рокъове. Гьелъ гIемераб пайда кьолаан боль­ницаялъул экономикияб рахъалъе.

 

ГIемерал соназ Анварбег хIалтIана МахIачхъалаялъул №1 больница­ялъул хирурглъун. Гьарулаан батIи- батIиял операциял. «Цо нухалда нижехъе вачун вачIана унтарав. Щаклъи букIана гьесул кванирукъалда рак унти батиялде. Киназго абулеб букIана, дараби кьун, опера­ция гьабичIого теян абун. Унтийин абуни, цIикIкIунебго цIикIкIунеб букIана. Дица гIакълу данд бана дир гIелмияв нухмалъулев, профессор ТIалхIат Манаповичасда. Гьес абу­на, операция гьабизе бегьулин абун ва гьабуна гьес малъухъе. Ункъо сагIаталъ халалъана гьеб захIматаб иш. ХIасил — унтарав сахлъана ва ни­жее баркала кьолаго ана больница­ялдаса нахъе.

БукIана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Больницаялде щвезавуна гулбуз ке­рен борлъарав гIолилав. Кинго бажа­рулеб букIинчIо би чIезабун – бетула­рого букIана гьеб. Дир ишцояз абулеб букIана, заманаялъ ракIги лъалхъиза­бун, г ьабизе к келин операция а бун. ГIемер ургъизе заман букIинчIо. Гьединаб мехалда гIемер квалква­дани, лъукъарав хвеялде щаклъи гьечIин абулаан машгьурав хирург Николай Пироговас. Гьебги ракIалде щун, букIа-бахъаян абухъего, гьабу­на хехго операция. ЛъикI ккана гьеб, ва гIолилавги чIаго хутIана», — ян ракIалде щвезабуна Анварбегица.

 

 

РахIат бикъарал сардалгун къоял

1995 соналда рагьана Ортопеди­ялъулгун травматологиялъул респу­бликаялъулаб центр. Доб заманалда сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Иляс Мамаевас гьеб цен­тралъул бетIерав тохтурасул заме­стительлъун тана Анварбег ХIажиев. ЦIидасанги байбихьана хIалуцараб, сордо-къоялъухъ балагьичIого гьа­бизе тIадаб хIалтIи.

— Халкъалъе пайдаяб иш ккана Дагъистаналда гьединаб Центр рагьи. Централъ тартибалде бачун букIана республикаялда ругел киналго боль­ницабазул травматологиялъул отде­лениязул хIаракат; гьенир хIалтIулел хирургал унаан ишцоязе куме­калъе. Централда гIуцIун букIана гIелмиябгун методикияб хIалтIи ва тIоритIулаан экспериментал.

 

Нижер аслияб мурад буго унта­расе кумек гьаби. РукIана шагьараз­дагун районазда травматологиялъул отделениял, амма захIматаб хIалалде ккарав унтарав вачунаан Централде. Нагагь хехаб кумек хIажалъаниян абун, нижеца гIуцIун букIана хIалбихьи бугел тохтурзабазул кIиго къокъа. КъваригIел ккарабго, респу­бликаялъул бокьараб районалде яги шагьаралде ритIулаан гьел. Чадрахъ гIуцIараб госпиталалда букIана 70 чиясе кумек гьабизе рес. ХIалтIи гIуцIун букIана рагъулабгун авлахъ­алъулаб хирургиялъул тIалабазда рекъон. Нахъраталие толаан тохтур­забазул цоги къокъа – тIабигIияб яги техногеннияб балагь рещтIаниян абун, — ин бицана Анварбегица.

Гьесул нухмалъиялда гъоркь хирургазул хехаб кумек щвана МахIачхъалаялъул Пархоменкол къотIноб, Каспийскиялда ва Буйнакскиялда ккарал терактазул хIасилалда лъукъа- къотIарал гIадамазе. ХIалтIана гьел 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористаз нилъер республикаял­де гьужум гьабураб заманалдаги. БахIарчияб хIаракаталъухъ Анварбег мустахIикълъана Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъулгун Хал­къияб Собраниялъул ва ДРялъул хIукуматалъул рахъаздаса Баркала­ялъе. Гьесул каранда кенчIана «Хал­къазда гьоркьосел хъачагъал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон» абураб юбилеялъулаб медальги.

 

 

ЦIияб хъулухъалда

2017 соналда Анварбег ХIажиев тIамуна ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ рагьараб «Центр антирабической помощи» абураб идараялъул нухмалъулевлъун. Гье­ниб кумек гьабула тIуриялъ (бешен­ство) унтарал гIадамазе. Гьенибго цIунун букIуна унтараб гьойца яги гIалхул жанаваралъ хIанчIараб ме­халда инсанасе гьабулеб КОКАВ абураб вакцинаги антирабияб имму­ноглобулинги.

 

Дунялалъулго сахлъи цIуниялъул гIуцIиялъул (ВОЗ) баяназда рекъ­он, тIурул унтиялдалъун санайилго хола 59 азарго чи. Россиялда щибаб соналда кумек гьарун тохтурасухъе вачIуна 400 азаргониги чи. Гьезда гьоркьоса 250 азаргоясе гьабизе кко­ла дару – прививка.

Ахираб 10 соналда жаниб Дагъистаналда цониги чи хвечIо тIурул унти сабаблъун. Антирабияб централде рачIун рукIана Карамахьиялдаса, Губденалдаса, Бабаюрталдаса, Гъи­зилюрталдаса, Сабнаваялдаса, Ха­савюрталдаса ва цогидал бакIаздаса хIайваназ хIанчIун хадуб унтарал гIадамал. Заманалда гьаруна гьез­да уколал ва гьел сахго тIадруссана рокъоре.

 

 

Эркенаб заманалда

ХIалтIудаса свакан тIад вуссарав Анварбегие цIакъ бокьула хурибгун ахикь хIухьбахъизе. Гьес жинцаго чIола гъутIби ва тIугьдул, вукIуна гьезул тIалабалда. Буго гьесул рекIее хиралъараб цоги пиша: носо­ца бикIун, берцинал цIулал тIагIелал гьарула гьес. Хадуб сайгъаталъе кьо­ла гьудул-гьалмагъзабазе.

Анварбегицаги лъади Хадижати­цаги гIумруялъул нухда тIобитIана ункъо лъимер. Гьезул цоял учи­тельзабилъун рахъана, руго инже­нерал ва низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби. Гьезул кIудияб хъи­замалда (17 сибтI ва гьезулги кIиго лъимер) гIадатлъун лъугьун буго бай­рамал цадахъ тIоритIи. Гьарзаяб теп­сиялда нахъа татуял нигIматаздаса кеп босулаго, гьез цоцазе бикьула рохелгун къварилъи