ТIабигIат сорона, гIумру гIунана

Гьадин хъвана ХIамзатил Расулица руччабазул хIакъалъулъ. Щибха гьезул релълъараб бугеб – талихIги талихIкъосинги, магIуги релъиги, рохелги къварилъги. ГIумруялъул сариналги релълъарал руго гьезул. ТIолабго дунялалъего захIматал гьел моцIаз, ПатIиматил угьдулеб са­ринги цолъана киналго руччабазул сарингун, лъалъалеб букIана гьеб гIаммаб магIуялъ. Амма хIал лъазе тезе рес букIинчIо ПатIиматил. Гьелъ хвасар гьабизе кколаан анцI-анцI лъимадул гIумру. Къваридаб сариналъ къуват кьуна гьелъие. Гьелъул кумекалдалъун чанги эбе­лалъухъе тIад руссана гьимиги гIумруялде бугеб рокьиги. Гьаб зама­налда бахIарчилъилъун рикIкIине бегьулеб ПатIиматил гьеб иш би­хьана больницаялъулги республикаялъулги нухмалъиялда. Гьелъиещвана «Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур» абураб цIар. Газета-лъул коллективалъги баркула ПатIимат ГIалиевалда тIадегIанаб цIар.

 

 

МугIрул чIужугIаданалъул къвакIиялъулги кьвариялъулги бицун, хъван дун свакаларо. Дие кидаго мисаллъун рукIана, намусалда хIур хъвазегIан, хвел тIаса бищарал АхIулгохIалъул руччаби. Гьединал хIикматал руччабазул ирсилаллъун ругел жакъасел магIарул руччабаз­дасаги чIухIула дун. Ралагьея сверухъе – гьел руго киса-кирего. Хъиза­малъул гъасда бакараб цIа свине толарей гьелъул хIакъалъулъ хъван свакачIо шагIирзабиги. Жидецаго жидеего бараб намусалъул сиялда жи­дерго къисматги бекIкIулаго, гьез гIумруялда рахъулел руго гIажаибго берцинал суратал. Гьединазул цояйги ккола МахIачхъала шагьаралъул №1 лъималазул больницаялъул отделениялъул нухмалъулей ПатIимат ГIалиева.

 

 

 

ГIодана ПатIиматилги сарин

 

— Щибаб къойил гIедегIун що­лаан хIалтIуде. Дида лъалаан гье­нир дихъ ралагьун чIун рукIин диде кIудияб хьулгун гьитIичазул улбул (ПатIиматица нухмалъи гьабулеб буго цIакъго гIисинал лъимал сах гьа­рулеб отделениялъе (грудное отделе­ние). Диргоги цIикIкIунаан гIумруялде бугеб рокьи, гьелегьун бачIунаан гьеб дихъе, сахлъарал гьитIичазул гьими бихьараб мехалъ. Бабал карандаги хурхун, бакъул гьумер цIураб лъи­мер бихьидал, киналго захIмалъаби кIочон тола дида. Гьедин букIана гьеб къоялъги. Гьеб къоялъ лъима­лазулги улбузулги гьурмазда белъ­анхъулеб букIараб талихIалъул хьолбохъ рещтIана жеги лъидани­ги жиндир гIамал-хасият лъала­реб, гьитIинал-кIудиязда, херал- бахIаразда жинца рахIму гьабизе гьечIеб вахIшияб унти. Гьеб аскIобе гIагарлъизегIан, ракI-ракIалъ бо­жулелги рукIинчIо. Амма хасалица тIабигIаталъулгун къо-мех лъикIги гьабун, ихтияр ихалъухъе кьолеб, гIадамазул ракIазда ихдалил махI рекIараб лахIзаталда, кIетIана гьеб гIумруялъул нуцIида, — янги бицуна­го, къварилъахъдана ПатIимат…

 

Гьел къояз гIодана ПатIиматил са­ринги. ТалихIалъул гъасда хъаравул­лъун букIараб гьелъул угьдиялъухъ угьдана тIолабго тIабигIатги.

 

 

Москваялдасан рачIунел ругье­лазги тIадкъаязги бичIчIизабулеб букIана унтиялда нахъе къазе ракIалда гьечIеблъи. Байбихьуда лъалеб букIинчIо унтарал лъимала­зул больницаялде рачIине рукIинги. Абулеб букIана унтарал лъима­лазе гIемеррахъазулаб больница хIадурулеб бугилан. Ва цо къоялъ больницаялъул нухмалъиялда лъаза­була унтарал лъимал къабул гьаризе хIадуризе кколилан.

 

1 апрель — 8 июнь. Гьелда гьор­кьоб заман цIакъго захIматаб ва хIалуцараб букIана. Цогидал больницабаздаго гIадин, гIолел рукIинчIо тохтурзабазе хасаб пар­тал, дараби, рагIа-ракьанде щун лъалеб букIинчIо къобахъанагIан «ццидахунеб» бугеб унтуда кинаб дандчIвай гьабизе кколебали. Щай­гурелъул гьелъ жиндирго гIамалал къойил хисулел рукIиндал.

 

 

ПатIиматица рихьизарурал су­ратазул кумекалдалъун дида цебе чIолеб букIана доб вахIшияб си­пат. Ралагье цо параялъ нужги, хIурматиял цIалдолел, гьаб сура­талъухъ. Гьалда берчIварабго, цебе паркъезе лъугьуна ТIадегIанасул кумекалдалъун тохтурзабазул хъа­тикь жиндир хадусеб къисмат бугеб, тIуркIараб, гIунун хутIараб гIумру.

 

Амма тохтурзабазда ракIалдецин ккечIо нахъе къазе. Хъизан-лъима­лазде регIичIого, гьел тIаделъана ун­тарал лъималазул гIумруялда цIияб рухI лъезе. Гьалеха унтарал лъимал. Гьездаго цадахъ унтана гьезул ул­бузул кечIги. Хехаб къагIидаялда хвасар гьабизе кколаан согIаб унту­ца согIал ругънал лъураб эбелалъул кечI. КIиго лъимадул эбел, гьезул­ги лъималазул йокьулей дахIабаба ПатIиматида лъалаан гьеб кечI цIидасанги бохизе ккани, унтуда «зарал» рихьизе кколеблъи.

 

— Огь, букIараб бакIлъиха каранлъ­ги, рекIеде тIаде бегун бугеб бакIаб гамачIлъун букIана нижее, больница­ялъул хIалтIухъабазе, хвелалъ жин­дихъа лъимер бахъун арай эбелалъул ахIи. Аслияб къагIидаялда унтулел, холел рукIана чакрил унти (сахарный диабет) бугел лъимал. Хъизамал­да ругелщинал унтарал хIужабиги рукIана. Масала, гьитIинаб лъимер­ги унтун гьелда цадахъ ячIарай эбел жийгоги унтана, лъимералъухъ хал гьабизе вачIине ккана эмен. Цинги гьевги унтана гьенивго.

 

Гьанибго рехсечIого гIоларо боль­ницаялъул бетIерав тохтур Супиян Абакаровасул цIарги. Гьесул жигар­чилъиялъул ва кIудияб жавабчилъи­ялъул хIасиллъун ккола унти къеза­биги, — ян бицана ПатIиматица.

 

 

 

ЦIидасан гьимана ПатIиматил кечI

 

ПатIиматихъе иналде, цин дун телефоналъ кIалъана гьелъухъе. Гьелъул гьаракь рагIидал, дихъе цо гIажаибаб рохелги бачIана. РоцIараб, бацIцIадаб, берци­наб гьаракьалъ гьелъ данде жа­ваб гьабидал, дир ракI рагьун ана. Йихьилалдего, цIакъ рекIее гIурай ПатIиматил сипатги цебе чIезабулеб букIана дица. Гьара­кьалда рекъон, гьей ятизе кко­лаан берцинай чIужугIадан. Дун мекъи ккечIо — цее чIезаюлей йикIаралдасаги гьайбатай йигоан гьей хIурулгIин. Берцинаб гьурма­да гьелчелеб бугеб гьайбатаб гьи­мигун гьелъ дандчIвай гьабидал, бигьалъана дие гьелъулгун гара- чIвари гьабизе.

 

Унтул букIараб ахIвал-хIалги цIехон хадуб, гьелъ дие бицана жиндирго тохтурлъиялъул нухазул ва гьениб тараб щибаб хIокIалъул хIакъалъулъ.

 

 

ПатIимат ГIалиева гьаюна ва гIуна Советск районалъул ХIебда росулъ. Гьей ккола Гьандихъ ро­сулъа. 1981 соналда ХIебда росдал гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб мединституталде. 1988 соналда ПатIиматица тIокIлъигун лъугIизабуна институталъул педи­атриялъулаб факультет. Гьенибго лъугIизабуна интернатураги.

 

ХIалтIана республикаялъул лъи­малазул клиникияб больницаялда (многопрофильная больница).

 

1990 соналъул февралалда хIалтIизе лъугьана республикаялъул медобъединениялъул кIиабилеб отделениялде тохтурлъун. Гьебго сона­лъул сентябралда хIалтIизе лъугьа­на гьабсагIаталда хIалтIулей йигеб больницаялде гьебго отделениялде. 2011 соналъул апрелалдаса нахъе нухмалъи гьабулеб буго 60 унтарасе бакI бугеб отделениялъе.

 

 

ЛъугIана ПатIиматилгун букIараб гара-чIвари. Биччанте гьелъул гьур­мада кидаго къираллъун гьими букIине. Гьелъул талихIалъул са­риназухъе кьурдулел гьитIичазул улбузул бакъулаб кечIгун цадахъ нахъа толел ругел гIумруялъул шагьрабазда ва сухъмахъазда къалъаги даимаб нур.

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакци­ялъги баркула ПатIимат ГIалиевалда, коронавирусалде данде къеркьо­лаго, рихьизарурал хIасилазухъ ва лъималазухъе тIадбуссинабураб гIумруялъул бакъалъухъ гьелъие щвараб шапакъат. Гьей яхъана Дагъистаналъул мустахIикъай тохтур­лъун. Жегиги чIахIиял бергьенлъаби дуе, магIарулай!