Дир команда – цадахъ хIалтIулел

Медицинаялъул хIалтIухъабазул къоялда цебе, Хасавюрт шагьаралъул ЦГБялъул бетIерав тохтур Титалав Хираевгун дандчIвана цолъ­изабураб «Гьудуллъи» газеталъул бетIерав редактор ШайхмухIамадов МухIамадрасулги газеталъул мухбирзабиги. Гьаб ахираб заманалда коронавирусалъул пандемия тIибитIиялда бан ккарал цо-цо лъугьа- бахъиназда тIасан гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъор­кьехун.

 

 

— Титалав, гьабсагIат стациона­ралда регаразул щиб хIал бугеб?

-Унти тIадбараб заманалда сордо-къоялда жаниб нижехъе вачIунаан 30-40 унтарав. Сон вачIана 4 чи. Гьеб ккола лъикIаб хIасил.

 

 

— Гьеб унтуде данде къеркьеялъ­ул мурадалда, кинаб хIадурлъи гьабун букIараб шагьаралъул ЦГБялъ?

-ГIезегIан захIматаб хIал букIана. Нижее кумек гьабуна ДРялъул Сах­лъи цIуниялъул министерствоялъги. Медицинаялъул тIолалго идараби­го гIадин, нижги хIадурго рукIана эпидемиялде данде рагъ базе. Амма хIасил ккана хIадурлъиго гьабун букIинчIеб гIадинаб. Щайин абуни, лъиданиги лъалеб букIинчIо гьелъул кIодолъи ва захIмалъи. Кин батани­ги, ресазда рекъон, нижеца гIураб хIалтIи гьабуна.

Нижее кумек гьабуна Халкъияб собраниялъул депутат Висампаша Ханалиевас, вацал ГIумахановаз. Гьединго, баркала буго шагьаралъул администрациялъе ва шагьаралъул бетIер Зайнудин Охъмазовасе. Ад­министрациялъул къайимлъиялда гъоркь гIуцIараб гIарцулаб фондалъ квербакъана тохтурзабазе хIажатаб кумек щвезе. Гьеб ишалъулъ жидер­го бутIа лъуна волонтеразги, цIар загьир гьабизе бокьичIел сахаватал гIадамазги.

Дир тIоцебесеб масъалалъун букIана гъункараб коллектив дан­де гьаби. Щиб захIмалъи тIаде бачIаниги, нухмалъулев вукIине ккола жиндирго командагун цадахъ. Дунгоги вукIана унтун. Дидаги кIолаан Россиялъул яги Европаялъ­ул бокьараб клиникаялде ине. Амма инчIо, щайгурелъул, гьелдаса хадуб кин дун валагьизе вукIарав дир­го хIалтIухъабазул бадиве? Гьелги рукIаралъулха унтун.

 

 

— Гьеб хIалуцараб заманалда ме­дицинаялъул хIалтIухъабаз ракI бацIцIадго тIубазабуна тIадаб налъи. Гьезул хIалтIуе къимат кьун, ругищ гьезие рихьизарурал ша­пакъатал яги сайгъатал?

-Улкаялъулго даражаялда кIодо гьаруралги ккана. Гьединго, кIвараб хIаракат бахъун хIалтIарал ниже­цагоги кIодо гьаризе руго ФОМСалъул сурсатаздасан. Цо-цоязе кьуна гIарцулал шапакъаталги. Гьел дица рикIкIуна унго-унгоял бахIарзаллъунги. Къварилъи ккедал лъала мугъчIвай гьабизе бегьулевги бегьуларевги чи. Гьел ккола дир ко­мандаялъул хIубал. ГIарцул бицен ккедалги, гIемерисел хIалтIухъабаз абуна жал гIарцуе гIоло хIалтIарал чагIи гурилан.

 

 

— Лъазе бокьилаан хваразул къа­дарги.

-ТIад бан унти бугеб заманал­да медперсоналалъе цIакъ захIмат букIана дару-сабаб гьабизе. Реани­мациялда регаразе къваригIуна хасаб бербалагьиги тIадчIейги. Гьедин­лъидал, ккана больницаялда регарал къадаралде щвеялъул хIужабиги.

 

 

— Заманалда «хехаб кумекалъул» бригада бачIунеб букIинчIолъиялъе гIилла щиб букIараб?

-Гьезде гIайиб гьабизеги бегьула­ро. Гьел хIалтIулел рукIана цIакъго захIматал шартIазда. 150 азарго чияс гIумру гьабулеб шагьаралъе хъулухъги гьабун, цо машинаялъ кумекалдалъун хьезавизе кколаан 1000 чи.

«Хехаб кумекалъул» станциялда букIине ккола 35 машина. ХIакъикъаталдайин абуни, буго 13 маши­на, гьелги басриял. Гьелде тIадеги, руго пациентал рокъорго сах гьари­зе бегьулел, руго захIматго унтарал, амма больницаялда регизе инкар гьабулел. Гьелъул гIаксалда, рокъ­обго дару гьабун хIебтIулез гIарз бахъулеб буго жал больницаялда ре­гизарулел гьечIилан. Гьединлъидал, щибаб гIарзалъул хал гьабизе ккола батIа-батIаго.

 

 

— ГIемер рукIуна нужер хIалтIул захIмалъиги лъаларел, медицина­ялъул хIалтIухъабаздаса разиги гьечIел гIадамал. Гьеб хIалтIуе къимат кьезе лъалел махщелчагIаз ЦГБялъул хIалтIи кинаблъун рикIкIунеб?

-Пандемиялъул заманалда Дагъистаналде бачIана щуго экс­перталъулаб комиссия. Гьел щва­на щибаб шагьаралде. ЛъикIаб къимат кьуна Хасавюрт шагьаралъул больницаялъул хIалтIухъабаз диагноз лъолеб ва дару гьабулеб къагIидаялъе.

Масала, больницаялъул хIалтIухъабаз кинаб букIаниги мекъаб иш гьабун, хъачIго кIалъан ватани яги кколеб даражаялда унтарав къабул гьавун ватичIони, гьел рачIине бегьу­ла дихъе. ХIакъикъат лъазабичIого дица теларо. Амма дихъ ругел хIужабазда рекъон, гIарзабазул 80 процент хIакъикъиял кколаро. Ни­жер хIалтIулъ ругел гIунгутIаби рихьизарулезе баркалаги буго. Гьез нижее кумек гьабула хIалтIи битIун гIуцIизе.

ЦеречIарал масъалаби гIемер руго. ЦIи гьабизе ккола материа­лиябгун техникияб база. ХIалтIизе ккола коллектив щула гьабиялда, унтаразулгун бухьен чIезабиялда тIад. Цогидал тIалабазда гьоркьоса бищунго кIвар цIикIкIараблъун дица рикIкIуна ишцоязе рекъараб харж букIинаби.

 

 

— Гьеб заманалда жаниб ки­наб хIалбихьи щвараб больни­цаялъул нухмалъулесеги персо­налалъеги? Кинаб букIараб база материалиябгун техникаялъул рахъалъ?

-Материалиябгун техникияб база буго басрияб. Шагьар буго кIодолъулеб. Районаздаса нижехъе рачIунел гIадамалги цIакъго гIемер рукIуна. Хехал шартIазда хIалтIизе ккеялъ рихьизаруна нижерго загIипал рахъалги. Мисалалъе, кис­лородалде цIакъго хIажалъи ккараб мехги букIана. Дагьабниги заманалъ гьеб гьечIого хутIани, цадахъго 50-60 чи хвезе ресги букIана. Баркала буго Сахлъи цIуниялъул министер­ствоялъе, гьенисан нижее тIадеги кьуна газогенераторалъул бочка. Москва шагьаралъул Комунаркаялъ­ул бетIерав тохтур Денис Проценко­еги бокьана нижер реанимациялъул отделениеги лабораторияги. Реани­мациялъул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. Гьенив цого за­маналда сах гьавизе бегьула 12-13 унтарав. Щибаб кроваталде бачун буго инсанасул гIумру хвасар гьаби­ялъе хIажатаб система. Монитор ни­жер гьечIо, рагIи кьун буго гьеб бо­сизе. ГIарац биччан буго «Сименс» аппарат босизеги. КТялъул алатазул букIана захIмалъи. Къойида жа­ниб 150 чиясул хал гьабизе кколеб букIана. Гьебин абуни буго басралъараб.

Амбулаторияб сах гьариялда вукIана 402 чи, сахлъана 199, сахлъу­лев вуго 126 чи. Гьединго, рукIана захIматго унтарал чагIиги. Корона­вирусалъул унти нилъее ккана унго-унгояб рагълъун. ГIадатияб рагъда фронтги, тылги, тушманги рихьула, лъала кир ругелали. Гьанибин абуни лъалеб гьечIо щалгун рагъулел руге­лали, вихьулев гьечIо тушман. Гье­динлъидал, нилъер букIине ккола цолъиги, гъункиги, сабруги, гIодоре риччайги. Дир гIемер руго жиде­даса мисал босизе мустахIикъал, къадру-къиматалда хьвадулел, бер­цинаб гIамалалда гIумру тIамулел дин батIиял гьудулзабиги. Бусур­бабазда гьоркьор мекъи хьваду­лел гIадамал рихьараб мехалда, кутакалда рахIат хвезабула. Нилъ руссине ккола БетIергьанасде. Нилъеца гIун бачIунеб гIелалда малъизе ккола нилъ щай рижарал, кин хьвадизе кколебали. РитIизе ккола гьел батIиял пачалихъазде цIализе, гьудуллъи щула гьабизе, гьезул гIадамаздаса лъикIаб мисал босизе. Дир гьадинаб къокъаги, кумек гьа­булелги рукIинчIелани, нижее цIакъ захIмат букIинаан гьаб унтуде данде чIезе. Кида-къадги нилъер щивасда тункизе бегьула гьеб. Гьединлъидал, рукIине ккола цолъун.

 

 

— Титалав, бокьилаан газета цIалулезе малъа-хъваял гьаризеги.

-ТIоцебесеб иргаялда, цIодорлъи гьабизе ккола. ЦIуне цоцазда гьор­кьоб манзил. Хасалихъе корона­вирусалъул унтиялъул букIине бегьула кIиабилебги этап. Гьедин­лъидал, тIад чIей гьабе иммунитет борхизабиялда, цIуне рацIцIалъи. Рокъор чIун рукIинчIого, зама-за­маналда рахъа къватIире, цIияб гьа­ваялде, кIванагIан гIемер чуре кве­рал, гьумер, кIал, мегIер. Нилъер диналъ чанго гIасруялъ цебего тун руго нилъее вирусалде данде чIолел малъа-хъваял – къойида жаниб щуго нухалда какие чури.

Дица дирго гъункараб, махщел камилаб, инсанасул сахлъи цIунизе тIаде босараб коллективалъе цоги нухалда кьола баркала. Унтарасе ку­мек гьабизе, гьев сах гьавизе лъайги хIалбихьиги бугеб гIоларо. БукIине ккола рухIияб бечелъи, рекIел бухIи ва гурхIел. БукIине ккола берцинаб, хIеренаб рагIудалъун гIадан сах гьа­визе махщел. Гьеб кинабго бугин абизе бегьула нижер больницаялда хIалтIулелщиназул рекIелъги би­дулъги бессун.