Гиппократил гьаялъе ритIухъал

ЦIакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «ХIакъикъат» газе­талдасан цIалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «ГанчIил ракIал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батIи-батIиял газетазул гьурмазда гIемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магIна релълъарал макъалаби.

 

Дица ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гIагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгIан рикIкIад букIиналъ ва кидаго хунз­дерил тохтурзаби махщалил рахъ­алъги унтараздехун хIалимаб бер­балагьиялъул рахъалъги цебесеб кьерда рукIиналъ.

Дие цебего бокьун букIана ни­жерго Харахьи участковияб боль­ницаялъулги, гьенир хIалтIулел сах­лъи цIуниялъул махщалилазулги, гIадамазул баркалаялъеги реццалъе­ги мустахIикъаб хIалтIул газеталда­сан бицине. М. Халиловасул макъала цIалидал, гьеб пикру жеги щулалъа­на ва ракIалде ккана гьеб макъала­ялъул «героязулги» гьезда релълъа­рал цоги ратани, гьезулги рекIелъе дагьабниги яхI-намусалъулги има­налъулги асар бачIинародаян.

 

Харахьи участковияб больница рагьана рагъдаса хадусел соназдаго. Гьелдаса нахъе гьенир, гьитIинабго больницаялда, гIемерал нухмалъу­лел хисана.

1992 соналдаса нахъе больни­цаялъе нухмалъи гьабулеб буго Харахьи росулъа Хъайтмазов МухIамадица. 1982 соналда Дагъ­истаналъул мединститут лъугIарав МухIамад хIалтIизе витIана Белгород областалъул Б. Валуйск шагьаралъул больницаялде хирург-травматолог­лъун. 10 соналъ гьенивги хIалтIун, 1992 соналда тIад вуссана росулъе ва тIамуна участковияб больница­ялъул нухмалъулевлъун. ХIалтIул тIоцересел къояздаго МухIамадида бихьана унтаразе больницаялда бакI цIакъго къварилъун букIин, пала­таби, кабинетал, поликлиникаялъе рукъзал, бихьиназеги руччабазеги как балел бакIал ва гIемераб цоги­дабги хIажат букIин.

 

Нилъеда лъалаха 90-абилел ва хадусел соназул улкаялда букIараб хIапу-чапур. Гьеле гьеб заманалда ккана Хъайтмазов МухIамад боль­ницаялде нухмалъи гьабизе. Заманалъул захIмалъабазухъ балагьичIого, МухIамад хIалтIуде гъорлъе лъугьа­на.

ГIемерав векерахъдизе ккана рай­оналъул нухмалъулезухъеги, респу­бликаялъул Сахлъи цIуниялъул ми­нистерствоялдеги, жеги тIадегIанал идарабаздеги хIалтIи гьабизе сурсатазда хадув. Гьеб рахъал­дасан МухIамадие кинабгIаги кумек щвечIо. Жинца тIаде бо­сараб хIалтIудехун гьесул бугеб цIикIкIараб жавабчилъи бихьичIого хутIичIо гьудул-гьалмагъзабазда, гIага-божаразда, дагьабниги ресал­да ругел росуцоязда. Къокъабго за­маналда жаниб больницаялъул хьи­билалда эхетана цIияб, гIатIидаб, кIитIалаяб мина. ТIоцебесеб тIалаялда лъуна рентгенаппарат. Къваридалго рукъзабахъа гьенибе­го гочана лаборатория, физкабинет. КIиабилеб тIалаялда рагьана лъима­лазул отделение. Аслияб корпусалда эркенлъана чIахIиязе палатаби, тох­турзабазе кабинетал, лъималазеги чIахIиязеги батIа-батIаго поликли­никабазе рукъзал. Гьебго заманалда больницаялда цебе эхетана киналго рахъаз санагIалъаби ругеб, бокьараб мехалъ хинабги цIорорабги лъим­гун, гIатIидаб ва берцинаб, бихьи­назеги руччабазеги батIа-батIаго как базе рес бугеб как балеб рукъ. Как балеб рукъилан гьелда абуниги, гьеб буго унго-унгояб мажгит. АскIобго бана хIамамги.

 

Больницаялъул нахъисеб рахъалда гIурабго гIатIилъиялда гIун бачIунеб буго пихъил ах. Гьенибго бана унта­разе хIухьбахъиялъе батIи-батIиял хIаял гьаризе бегьулеб, бокьарасе цIалдезе рес бугеб цIулал рукъ.

Гьеб кинабгоги, гьанир рехсечIел цогидалги гIемерал хIалтIаби МухIамадица гьаруна хIукуматалъул кумекалда божун чIечIого. Гьанже хIажат букIана жанисеб рахъалъе капиталияб ремонт гьабизеги тIохда ккураб басрияб шифер хисизеги. Гьел хIалтIабазе, цо талихIалъ, рай­оналъул администрациялъул рахъ­алдасан кумек щвана ва къокъаб­го заманалда жаниб гьеб кIудияб хIалтIиги рагIалде бахъана.

 

Хъайтмазовас гьабурабщиналъул пикру гьабуни, ракIалде ккезе бегьу­ла, магIишатияб хIалтIуде вуссун, жиндирго аслияб, гIадамазул сахлъи цIуниялъул ва хIалтIулаб коллекти­валъе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ загIиплъиги квалквалги ккечIодаян.

КкечIо. Жиндирго аслияб хIалтIиги гьес цо лахIзаталъги бер­зукьа борчIизе течIо. ТIоцебесеб ир­гаялда, жиндехунго тIалабчилъиги, жавабчилъиги, жигарчилъиги цIикIкIарав МухIамадица гьебго тIалаб гьабула коллективалдаса.

 

Бицинин цо дидаго бихьаралъулги. 2012 сон букIанин ккола, дун витIана унти мухIкан гьабизе МахIачхъалаялде, централияб поли­клиникаялде. Гьенир щвалде щварал анализал гьаруна, батIи-батIиял ап­паратазда лъуна ва ахиралда тохту­ралъ хIасилияб кагъат дихъе кьуна.

Дихъ кодоб цIунун букIана Ха­рахьи больницаялда лаборант ГIакъилова ПатIиматица гьарурал анализазулги тохтурзаби Хъайтма­зов МухIамадицаги ХIакимов Ибра­гьимицаги, дир унти чIезабун, дие рихьизарурал дарабазулги хъвараб кагъат. Гьеб дица гъой тохтуралда бихьунги букIинчIо. Хадуб бала­гьидал, гьел данде кколел ратана. Гьеб бихьарабго тохтуралъ, бетIерги кIибикIун, дида абуна: «Гьадинал тохтурзабиги лаборанталги ругеб бакIалдасаги нуж гьанире щвезегIан щай рачIунел?» -ян.

 

Гьелъги батила, гьитIинабго боль­ницаялда хIалтIулев 8-ясда гьоркьо­са щугояв ДРялъул мустахIикъав тохтур вукIана. Гьанже гьезул кIигояв нилъедаса ратIалъун (гье­зул мунагьал чурун ратаги), цояв пенсиялде ун, кIигояв хутIун вуго. Живго МухIамадги ккола ДРялъул мустахIикъав тохтур.

Нилъер умумуздасанго бачIараб гIакъилаб аби буго, хIалтIи бокьулес кигIан захIматал шартIаздаги гьеб гьабизе ресал ралагьулин ва бокьу­ларес гьабичIого теялъе багьнал ра­лагьулин абураб.

 

Гьеб абиялъул ритIухълъи би­хьула Хъайтмазовасул коллекти­валъул мисалалда. Гьениб щи­васда бичIчIулеб буго унтарав чиясул рекIел тIеренлъиги, нерва­базул загIиплъиги, гIамалалъул маз­ликълъиги. Гьединабго бербалагьи хасиятаб буго квен-тIехалъул ва рацIцIа-ракъалъиялъул бутIаялъул хIалтIухъабазеги. Больницаялъул минаялъуб киса-кибго чIезабун буго мисалияб рацIцIа-ракъалъи, унтара­зе санагIалъи.

АбичIого гIоларо чанго рагIи ква­нил устарзабазул хIакъалъулъги. Гьез унтаразе хIадурула данде кко­леб тIагIамаб квен.

 

Дидаго гIемер рагIана чанго унта­рас: «Гьадинаб квен кидаго жидер рокъобги букIунаро», -ян абулеб.

Ахираб заманалда больницаялъул нухмалъулесул разилъи гьечIолъи бугоан унтаразе хIукуматалъ бич­чалеб шагьи-пара соналдаса со­налде мукъсанлъулеб букIиналда бан. Нилъеда бихьулеб буго «коро­навирус» абулеб балагьаб унтиялъ дунялалдаго гьабулеб бугеб балагь. Цебе рехун рачIунел руго сахлъи цIуниялда хIукуматалъ риччарал гъалатIал. Хьул лъолеб буго гьан­жениги Россиялъ сахлъи цIуниялде букIине кколеб кIвар кьелилан.

 

Гьеб балагьаб вирусалда хурхун­ги Харахьи больницаялъул коллек­тивалъ цIикIкIараб жавабчилъиги жигарчилъиги бихьизабулеб буго, гьел руго унтиялде данде къеркье­ялъул цебесеб кьерда. Гьоркьоса къотIичIого гьабулеб буго халкъалъе бичIчIи кьеялъул хIалтIи, кумек гьа­булеб буго ишалъулал малъа-хъваяз­далъун.

ХIасил гьабун абуни, Хъайтмазов МухIамадицаги гьесул коллекти­валъги гIумру гьабулеб буго жидер­го халкъалъул унтуцаги унтун, рох­халица рохизарун.

 

Ракьалда унеб бигьаяб гуреб гIумруялъулъ гьез жидехъа бажара­рабщинаб гьабулеб буго гIадамазул гIумру сахаблъун букIиналъе.