Унтаразе хъулухъ гьабула чIобого

Шагьаралъул цIияб больница хьезабун буго хIажатабщиналдалъун

 

15 январалда МахIачхъалаялда, Сепараторазул поселокалда, хIалтIизе байбихьана цIияб больница. Гьелда абула шагьаралъул №3 клиникияб больницайилан. Гьеб бана ва хIажатабщинаб алат-къайиялдалъун хьезабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-апандил жигаралдалъун, ресалда ругел дагъистаниязул гIарцудалъун ва, гваял ран, гIолохъабазул чIаголъиялдалъун.

Гьенир медицинаялъул хIалтIу-хъабазе гIуцIун ругел шартIазул, унти чIезабиялъе ва унтарал сахгьариялъе ругел ресазул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна больницаялъул директорасул заместитель, ДРялъул мустахIикъав тохтур ГIабдула ХIажиевасулгун.

«Цебе гьаниб букIана ясазе бараб мадраса. Гьелъул бакIалда, цIидасан къачIазеги къачIан, гIатIидги гьабун бана больница. Гьаниб буго 135 чиясе вегизе бакI, поликлиника. ГIадамал сахгьариялъе чIезарун руго киналго шартIал», — ан бицана ГIабдула ХIажиевас.

ГьабсагIаталда гьениб хIалтIулеб буго лъабго отделение: терапия, хирургия ва гинекология. Терапиялъул отделениялда кумек гьабула рекIел ва бидурихьазул, чехь-бакьалъул, гьуъразул ва гьуъразул мащабазул, кIващул унтаби ругел чагIазе. Хирургиялъул отделениялда гьарула операциял. Масала, гьаб заманалъул эхосонография аппараталъул кумекалдалъун хирургазул рес буго нусалъ къотIичIого ургьире раккун операциял гьаризе ва къокъабго болжалалда унтарав сах гьавизе. Эндоскопия абулеб къагIидаялда унти чIезабиялъе ва операциял гьариялъе больницаялда руго Fijifilm Fujinon EPX-4450 HD (Japan) фирмаялъул алатал. Операциял гьарула Россиялъул машгьурал клиникабаздаса рачIарал тIадегIанаб лъаялъул ва гьединабго махщел бугел хирургаз. Хирургиялъул отделение хIалтIулеб буго антигепатит и антиСПИД абулеб программаялда рекъон, больницаялда гьелъие хIажатал киналго шартIалги руго.

Гьединго гинекологиялъул отделениеги хьезабун буго бокьараб унти чIезабулел ва захIматал операциял гьаризе бажарулел алатаздалъун. Больницаялда цебе буго поликлиникаги. Гьенирги хIалтIулел руго хIалбихьи бугел специалистал: терапевт, кардиолог, хирург, невролог, офтальмолог, оториноларинголог, онколог, гинеколог, уролог, эндокринолог, нефролог, ревматолог, дермато-венеролог. Буго лабораториябгун диагностикияб хъулухъал тIуразариялъе хIажатабщинабги.

— ГIабдула, цIияб больницаялда хIалтIизе тохтурзаби ва медсестраби кин росулел? Кинаб даражаялда бугеб гьезул лъай, махщел, хIалтIул хIалбихьи?

— Больницаялде росарал тохтурзабазул гIемерисел руго Россиялъул регионазда ругел больницабазда хIалтIул хIалбихьи щварал специалистал. Масала, больницаялъул бетIерай тохтур, терапевт ва кардиолог Мариян СайгидхIусенова хIалтIулей йикIана Тулаялда. Махщел камилай тохтур Рашидат Лайпанова, анкьида жаниб кIиго нухалда, Москваялдаса ячIуна захIматал операциял гьаризе. Поликлиналъул нухмалъулев ХIасан Алхасов ккола 20 соналъ Москваялда хIалтIарав уролог ва УЗИялъул тохтур. Къокъго абуни, гьединалго руго цогидалги тохтурзаби.

— Бокьараб бакIалдаса вачIарав унтарав вегизавулищ больницаялда, кинал документалгун гьел рачIине кколел?

— ГIумру гьабун вугеб бакIалъул поликлиникаялдаса направлениеги босун, республикаялъул бокьараб шагьаралдаса ва районалдаса вачIарав унтарав къабул гьавула нижеца. Больницаялда вегизе вачIунев чиясухъ рукIине ккола: анализазул хIасилал, УЗИ ва гьуъразул рентгеналъул сурат. Гьединго къваригIуна медицинаялъул страховияб полис, паспорт, унтиялъул бицунеб выписка (амбулаторияб картаялдаса).

— Унтаразе кинал шартIал гIуцIун ругел?

— Киналго палатаби руго кIи-кIи ва лъаб-лъаб чи вегулел. Щивасул бусада аскIоб буго, тохтур яги медсестра хIажалъани, гьел ахIулеб хасаб кнопка, цIияб гьава биччалеб алат ва бидул тIадецуй борцунеб аппарат. Унтарал рази руго кванидасаги. Руго лъай ва хIалбихьи бугел богогьабиги, кванил даражаялда хадуб халкколел диетологалги.

— ГIарацги кьун тIуралел хъулухъал ругищ больницаялда?

— ГьечIо, рукIинеги гьечIо. Киналго хъулухъал унтаразе чIорого гьарула.

— Больницаялъе гIолареб жо щиб бугеб?

— Къокъго абуни, гьабсагIаталда унтаразе кумек гьабизе камураб жо щибго гьечIо, амма хадубккунги больницаялъул хIалтIи цебетIеялъе ва унтаразе гьабулеб хъулухъ гIатIид гьабиялъе босизе хIажат буго хирургиялъул отделениялъе операция гьабулеб кIигогIаги стол, реанимациялъе тIадеги аппаратура ва цоги рентген-аппаратал.

— Гьел тIаде рехсарал аппаратал ва цогидалги больницаялъул хIажалъаби тIуразе гIарцулаб кумек гьабизе бокьарав чи вугони, лъида аскIоре ине бегьулеб?

— Больницаялъул банкалъулаб счеталъул номер цIехон кIалъазе бегьула 66-00-03 телефоналде. 2017 соналъул ноябралдаса декабралъул ахиралде щвезегIан больница хIалтIана гурхIел-рахIмуялъул фондалдаса биччараб гIарцулаб кумекалдалъун. 2018 соналъул январалдаса нахъе больница буго ФОМСалъул сияхIалда. Больницаялъе лъагIалие къваригIунеб гIарцул лъабил бутIа гурони гьез хъвалеб къотIи-къаялда рекъон, бицанихъе, 2018 соналда щвезехъин гьечIо.

Нури Нуриев