Ракалдаса бергьарай

Гьал къоязда нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рак унтиялда къуркьизайизе кIвечIей, гIумруялъулги гIадамазулги къимат гьабизе лъалей, букIинеселде хьулгун балагьулей Жарият ГIалиевалъулгун. Гьелъ бицана захIматаб унтигун жакъа къеркьолей йигеб къагIидаялъул хIакъалъулъ.

 

— Жарият дулъ рак унти кин тIатараб, гьелъ кинаб асар гьабураб ва гьелдаса хадуб кин хисараб дур гIумру?
— Рак унтиялъ хвана дир лъикIай гьудул, гIагарай яс…  Черхалъул цониги унтулеб лага яги санагIат хвезабулеб бакI букIинчIониги, рак унти бугодай дирилан абун, щаклъи ккана. Халгьабидал, кереналда бугоан гьитIинабго буцIен. Тохтурзабаз абуна гьеб онкология бугин ва кIванагIан хехго операция гьабизе кколин. БотIродаса гъоркье цIорораб лъим тIураб гIадаб асар гьабуна дие кьогIаб хIакъикъаталъ, бокьун букIинчIо гьелда божизего. Ростовалъул онкоцентралда операция, хадуб МахIачхъалаялда онкоцентралда радиологиялъул ва химиотерапиялъул процедураби гьаруна. Гьеб согIаб дару-дарманалдаса хадуб цеве вукIарав гIадин чи лъугьунаро. Гьайгьай, гьез дир черх цIакъ загIиплъизабуна, иш рагIалде бакIарулеб бугилан ккун, дица дунялалъулгун къо-лъикI гьабулеб букIана. 
 
— Абулаха, химиотерапиялъ хвел гIагар гьабулин…
— БитIараб буго, тохтурзабаз жидецагоги абула, химиотерапиялъ черхалъул сахал клеткабиги чIвалилан. Химиотерапиялъ хехго хвезавула чорхолъ ракалъул унти бессарав чи. Амма, лъелъ гъанкъулев чияс гьава балагьулеб гIадин, ракалъ унтарасги тохтурас малъанщинаб гьабула: багьаял дараби хIалтIизарула, процедурабазде хьвадула… 
 
— Унтун йикIин лъайдал, щиб дуе бищунго захIмалъараб?
— ГIага-божараз, лъалел-хъвалез дида абулел гурхIелалъул рагIабаз лъикIаб асар гьабулароан. 
Лъиданиги лъалароан дие операция гьабураблъи, киназго абулаан дир гьурмал кьер тIун бугин. Унтуе нагIанаги кьун, къеркьечIони, ракалъ чи хехго рехула. Аллагьас дие къуват кьуна, зар букъун, унтиялде дандечIезе ва гьебгун къеркьезе, квербакъана умумулъанго чорхолъ батараб къвакIиялъги. АлхIамдулиллагь, гьеб унтиялъ дун лъадарана ва жеги къуватайлъун лъугьинаюна. 
 
— Лъиде хитIаб гьабураб байбихьудаго?
— Лъалел чагIаз малъун, саламатал харжалги гьарун, дица тIоцебе бухьен гьабуна халкъияб къагIидаялда рак унтиялдаса сахгьарулел чагIазулгун. Жидеца мун тIуян сах гьаюлин рагIиги кьун, гьез дида гьекъезаруна батIи-батIиял кьеразулгун махIазул лъамалъаби, черхалда тIад рахана мазал… Киналго унтаразе гьезул рукIана цого «дараби». Гьез хIисабалде босуларо щивасул черхги унтиги батIи-батIияб букIин. ХIасил, гIадада ана лъагIелгун бащдаб заман, байбихьана чорхолъ рак тIибитIизе (метастазы). Рак унтиялъ кIвекIулел чагIазда дица малъила, кIал хъахIал харбазда ва сах гьаризе ругин кьолел рагIабазда божун, вореха, нуж гьел «тохтурзабахъе» унге. 
Щибаб унти сахгьабиялъе Аллагьас инсанасе кьун буго даруяб чIахI-хер. Интернетги рагьун, дица балагьана, гьединго исламияб медицинаялдаса лъазабуна дида данде кколел рак къинабулел чIахIал, гьениб малъухъе хIадурана лъамалъаби ва гьез дие кIудияб пайдаги гьабуна. 
Жидеца рак унти сах гьабулин абулел «тохтурзаби» ккола, чиясул талихI къиналдаса пайдаги босун, жидеего гIарац гьабулел хIарамзадаби. Унтарасда лъаларо гьез кьолел лъамалъаби сундул хIадурарал ругелали, сахлъиялъе гьезул пайдайищ яги заралищ цIикIкIараб бугебали. 
 
Дуца абулеб бугоха, ругьунаб медицинаялде хитIаб гьабизе кколилан.
— ТIад калам гьечIого гьабизе ккола ракIчIарав тохтурас малъараб. Гьеб гуребги, хисизабизе ккола гIумру гьабулеб къагIидаги. Жиндаго ракIбухIи, лъалездеги лъаларездеги гIарзал гьари ккола гIамал-хасият загIипав чиясул пиша ва рак унти чорхолъ тIибитIиялъе квербакъи. 
ЦохIо нухалъ, ай тIоцебе рак унти бугин бициндал, магIу кквезе кIвечIо дида. Москваялда дида абуна, гьуърузде метастаза кьун бугин, гIумру гьабизе дие лъабго моцI хутIун бугилан. Хадур гьарурал цIех-рехаз бихьизабуна гьеб метастаза гуреб, радиология-облучение гьабулаго, чIоразул къуват цIикIкIинабиялъ гьуърузда жанир лъугьарал фибромал рукIин. 
Москваялдаса тIадюссиндал, дирго гIадаб унти бугей мадугьалалъ дун тIамуна ункъо-щуго моцIалъ цIел цIияб рахь гьекъезе ва радал яхъиндалги къаси егилалдеги прополис чIамизе. Гьелдаса нахъе дида эркенго хIухьел цIазе кIвана, хIехьезе кIолареб унти сасана, лъим гьекъезе бигьалъана.  
Дица тохтурзабаз малъанщинаб гьабулаан, амма гьез хъварал дараби хIалтIизаричIо. Я районалда, я МахIачхъалаялда, яги Москваялда ругел онкологазухъа бажаричIо дир гьуърузул унтиялъул диагноз чIезабун. Гьединлъидал унтарасда дица малъила, цо аппараталъ бихьизабуралда ва цо онкологас чIезабураб диагнозалда хIукму къотIун чIогеян. Унтул цIех-рех гьабизе ккола цо чанго аппараталда ва лъабго-ункъониги лъикIав тохтурасухъеги щун. 
 
— Унтарасул гIумру гьабиги къойил тартибги кинаб букIине кколеб?
— Аслиял тIалабал ккола: макьидалъун черх хьезаби, кванил батIалъиялда ва низамалда тIадчIей гьаби, тIабигIаталъулгун щулияб гьудуллъи кквей. Масала, химиотерапия ккола черхалъе захIматаб процедура. Гьелдаса хадуб унтарал палатаялъур регун чIола, дун абуни, цIорораб хасалоги, бацIцIадаб гьаваги цIалаго, тIабигIаталъул сихIкъотIиялъухъ ва чвахулеб лъел сасалъухъ гIенеккизе рохьоб бугеб гIурул рагIалда кIусизе унаан. 
Тохтурас малъана дида накIкIи­рохьилгун гьудуллъи гьабизе, даруял чIахIазул чай, накIкIитIамахалъул лъим гьекъезе ва, гьацIулъги жубан, накIкIигъотIол хIур хIалтIизабизе кколин абун. ХIаллъана рохьое, гьеб киналъго черхалъе лъугьинабуна дун разияб мадар. Щибаб соналъ кибалиго бугеб санаториялъе 70-90 азарго гъурущ кьезегIан, унтаразе рес буго нилъер рохьазда чIорого сахлъизе. 
 
— Тохтурзабаз хъварал дараби дуца хIалтIизаричIого теялъе гIилла щиб?
— Гьел ккола цIакъ къуватал дараби, гьез дир бетIер хIехьезе кIолареб хIалалда унтизабула, гьединлъидал дица гьездаса тIубанго инкар гьабуна. Гьездехун божилъи гьечIо дир. Ният гьабуна, тIабигIиял дарабазул кумекалдалъун, рак унти дицаго сахгьабизе. 
Гьайгьай, цIакъго кIудияб талихI ккола гьеб унти сахгьабун бажарулев тохтур щвей. 
 
— Гьеб унти ккеялъе аслияб гIиллалъун щиб дуца рикIкIунеб?
— Лъимерлъудасаго дир черхги сахлъиги загIипаб букIана, ахирал соназда дир хIалтIи цIакъго цIикIкIана, гьелъ макьуялъул гIадлуги хвана. Гьеб киналъулго хIасилалда дагьлъана черхалъул унтиялда дандечIей (иммунитет) ва тIатана рак унти. Гьедин бугониги, ракалъе операция гьабун хадуб,  дица кIиго  нухалъ хIеж борхана. Аллагьасул кумекалда­лъун, гьениса юссиндал, дун цIидасан гьаюрай гIадин лъугьана.   
 
— Гьаб захIматаб заманалда унтуе кинаб цIуна-къай гьабулеб дуца?
— Унтуе цIуна-къай гьабичIого, нервабазда хIал гьабуни яги хIалтIи гIемерлъани, берал рагьизе кIолареб хIалалда гIодой ккола. Бищунго захIмалъула телефоналъ кIалъазе.
 
— Рак нахъе къазабун кин бажарараб?
— Рак нахъе къалеб унти кколаро, мадар лъугьанин абун, гIодоре риччан чIезеги бегьуларо. Унтарав кидаго вукIине ккола жиндирго чорхол сахлъиялъул хъаравуллъуда ва унтигун къеркьезе хIадурго. Ракалъе цо нухалъ операция гьабизе бегьула, нахъеги гьеб тIатин рикIкIуна ахиралъул байбихьилъун.  
 
— Рак унтиялъ кIвекIулесе кинаб гIакълу кьелеб?
— Нилъер тIолабго гара-чIвари рикIкIине бегьула дир малъа-хъвайлъун ва кьолеб гIакълулъун. Эркенаб заманалда дун гIенеккула Къуръаналъул аятазухъ, бокьула дагьал чагIи данделъараб бакIалда умумузул бакъаналда ахIулеб кечI ва кьурди. Жигар бахъула ни­лъер рухIалъеги хIалалъеги бокьулеб бакIалде щвезе, хасго тIабигIаталда хIухьбахъизе. Къварилъи-зарал ккараб, хвел-хоб тIобитIулеб бакIалде ани, анкьалъги яхъине кIоларо дида. Рак унти метер-сезе сахгьабилин абун, нахъе тIамун тезе бегьуларо, тани, гьелъ, цIадуца хIе гIадин, унтарав виинавула. 
 
— ЦIех-рехазул идараялъги мун ахIун йикIанилан бицана…
— ИчIго соналъ ракалъ унтаразул сияхIалда йигей дир хIал-хIукму цIехезе дихъе цониги нухалъ онколог щвечIо, гьес дун жиндихъе­гоги ахIичIо. Следователасин абу­ни, дун кIиго нухалъ ахIана Ма­хIачхъалаялда бугеб кинабалиго жалго бетIергьанал чагIазул реабилитациялъул централда, хIу­ку­маталъул гIемераб гIарацги хвезабун, дун сах гьайизе тадбирал гьа­рун рукIанищилан цIехезе. Гьелдасан дида бичIчIана, гIадамазул талихIкъараб хIалалдаса пайдаги босун, гьединал центраз хIукумат бечIчIулеб букIин.