Тохтурасул харж

Хьитазул устарасда бахиллъун…

 

КIиго ставкаялда хIалтIаниги, «маялъул указал» тIуразаризе захIмалъулеб буго

«Сахлъи» абураб медицинаялъул хъулухъазул халгьабиялъул фондалъги ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъги (ОНФ) цIех-рех гьабуна «Тохтурасул справочник» абураб мобильнияб приложениялъул. Гьениб хъвай-хъвагIай гьабун буго 300 азаргоялдаса цIикIкIун медицинаялъул хIалтIухъанас. Гьез баянал кьуна моцIрол харжалъулги, 2017 соналда жидер харжал цIикIкIун рукIанищанги, чан ставкаялда хIалтIулел ругеланиги ва харжал заманалда кьолищалиги.
РФялъул ЗахIматалъул кодексалда рекъон, тохтурасул ихтияр буго анкьида жаниб 39 сагIаталъ хIалтIизе. Гьелъухъ тохтурасе щвезе бегьула 15000-20000 гъуруш. ЦIех-рехалда гIахьаллъарал тохтурзабазул 21,4 проценталъ абуна цо ставкаялъухъ жидее щолин 15 азарго гъуршидаса дагьаб гIарац. 21,7 проценталъе щола 15-20 азарго гъуруш ва 16,3 проценталъе – 20-25 азарго.
25-30 азарго гъуруш щолин абуна 10,8 проценталъ. 30-35 азарго – 8,5 проценталъ, 35-50 азарго щола 12,9 проценталъе ва 8,4 проценталъе – 50 азарго гъуршидаса цIикIкIун.

Кколелдасаги цIикIкIун хIалтIула

2017 соналъул январь-сентябралда Росстаталъ кьурал баяназда рекъон, Россиялъул тохтурзабазул гьоркьохъеб моцIрол харж бахуна 53,1 азарго гъуршиде. Официалияб баяналдаги тохтурзабаз бицаралдаги гьоркьоб буго кIудияб батIалъи. Гьеб батизе бегьула, официалияб статистикаялъ гIемерисел тохтурзаби цо чанго бакIалда цадахъго хIалтIулеллъи кьочIое босунгутIиялъул хIасил. ЦIех-рехалдалъун чIезабуна, цо ставкаялда хIалтIула тохтурзабазул 42 процент, 20 процент хIалтIулев вуго цогун бащдаб ставкаялда ва 11 процент – кIиго ставкаялда.
ЦIикIкIун гIарац щвеялъул мурадалда ставкаялдасаги гIемер хIалтIи тIаде боси ругьунаблъун лъугьун буго тохтурзабазе. Хъизан хьихьизе рес гьечIолъиялъ гьел хIалтIулел руго ЗахIматалъул кодексалъ чIезабураб заманалдасаги цIикIкIун. Цо-цояз абулеб буго, хьитазул устарлъун хIалтIаниго, цIикIкIараб хайир щвелаанин.
Росстаталъул хIалтIухъабаз абулеб буго, тохтурзабазул харжазул хIисаб гьабулеб мехалда жидеца кьочIое босулин хайиралдаса кьолеб налогалъул 13 процентги. Гьелде тIадеги, гьезул пикруялда, цIех-рехал гьарулеб мехалда, гIадамазе хасиятаблъун буго жидее щолеб харж дагьлъизаби.

Харж чIезабулеб къагIида

2017 соналда тохтурзабазул харжал цIикIкIана 17 проценталъ. Гьебго заманалда тохтурзабазул 63 проценталъул ставка хисичIо ва 20 проценталъул – дагьлъана.
РФялъул хIукуматалъул планалда рекъон, тIоцебесеб октябралда медиказул моцIрол харж цIикIкIине кколаан 180 проценталде щвезегIан, регионалъул экономикаялда бугелде дандеккун. 2018 соналдаса нахъе, улкаялъул президент Владимир Путиница 2012 соналда гъолбасарал указазда рекъон, тохтурзабазе щвезе ккола регионалъул гьоркьохъеб харжалъул 200 процент.
Тохтурасе харж кьола Медицинаялъул чарагьечIеб страхованиялъул федералияб фондалдасаги (ФОМС) регионалъ тIаде кьолебги гIарцул бутIабаздасан. ФОМСалъул бюджеталъул проекталъул цеберагIиялдасан баянлъула, сахлъицIуниялъул бюд­же­тиял хIалтIухъабазул харжал цIи­кIкIинаризе ккани, ФОМСа­лъе камулеб буго 266 млрд гъуруш. Регионазулги рес гьечIо, бюдже­тиял хIалтIухъабазул харжал цIи­кIкIинаризе. Масала, Карелиялъ це­беккунго лъазабуна, жидер гьелъи­е рес гьечIеблъи. Амма РФялъул Сах­лъицIуниялъул министерствоялъу­л пресс-централъ лъазабуна, улкая­лъул президентасги хIукуматалъги це­белъураб масъала жидехъа тIу­базабун бажарулин.
Полина Звездина,
РБК

РакIунтараб тIалаб гьабула гьаниб

Ниж, ай унтарал разиго хутIана Унсоколо районалъул Шамилхъала поселокалда бугеб больницаялда регаразул гьабулеб тIалабалдаса ва хIалимаб бербалагьиялдаса.
РакI-ракIалъулаб баркала буго больницаялъул бетIерай тохтур, медициналъул гIелмабазул кандидат МухIамадова Заремае, неврологиялъул отделениялъул нухмалъулей ХIамзатова СалихIатие, функционалияб диагностикаялъул ва УЗДГялъул тохтур Набиева Элмирае ва тIолабго коллективалъе.
Больницаялда чIезарун руго унтаразе хIажатал шартIал, дараби, къойида жаниб щибаб ригьалъ 3-4 нухалъ кьола тIагIамаб квен, киса-кибего чIезабун буго рацIцIа-ракъалъи. Больница хьезабун буго медициналъул гьанжесел алатаздалъун, хIухьбахъиялъе буго хас гьабураб бакI, как базе рукъ ва цогидабги. Ниж гIадин, Аллагьги разилъаги гьеб больницаялъул коллективалдаса.
Унтаразул гьариялда рекъон хъвана ГIашилтIаса ИсмагIилов МухIамадица ва КIуядаса ХIасанов МухIамадица.

* * *
Гьебго больницаялъул хIал­тIухъабазе баркала кьураб ка­гъа­т бачIун буго редакциялде ЦIа­тIанихъа ПатIимат Шамсудиновалъги.
«Унтарасдехун тIалаб-агъаз цIикIкIарал, инсанасул рекIелъе нух батулел, ракI аваданал ва хIеренал тохтурзабигун дандчIвана дун. Хасго больницаялъул бетIерай тохтур МухIамадова Зарема, врач-терапевт ХIамзатова СалихIат, мед­сестра Дибирчуева Мадина. РакIалъ тIа­сабищараб махщел гIумруялде, гIамал-ха­сия­талде дандеккарал ругоан гьел киналго. РакI-ракIалъулаб баркала буго киназего», — ян хъва­леб буго гьелъ.