Пайдаял хурдул

Кванирукъалда яги бакьалда ру­гъун бугони, гьадин гьабила:

Семечкадул нахулги бацIцIадаб медицинаялъул спирталъулги лъаб-лъаб кIудияб гъуд тIела банкаялъубе яги шишинибе. КIалтIуги къан, цо-кIиго минуталъ лъикI чвалхезабила. Цинги спиртги нахги батIалъилалде хех гьабун гьекъела. Гьедин гьекъезе ккола къойида жаниб лъабго нухалъ кваналалде 20 минуталъ цебеккун. ЛъикI букIина жиб-жиб нухалъ цого заманалда гьекъолеб бугони.
Артрит, ревматизм, миозит, паралич, радикулит гIадал унтаби сах гьариялъе ва инсульталдаса хадуб черх лъикI хIалтIиялъе лъабго лавралъул тIамах хъурун лъугьараб жо банкаялъубе бала. Гьелда тIаде тIела бацIцIад гьабураб семечкадул нахул цо стакан. АнцIго къоялъ бецIаб, хинаб бакIалда лъун тела. Цинги цIвила. Гьеб бахуна унтарал бакIазда къаси регилалде цебе.
ГIемераб мехалъ сахлъуларого ругел ригъарал ругънал (язваби, бухIараб бакI, гIунараб бакI) ругони, босила мичIчI, лъикI хIаризабун хъурила, цIалкIила. Къойида жаниб 3 нухалъ цIалкIикьан биччараб мичIчI ругънаде щвала, катан къаниги къачIониги батIалъи гьечIо.