Кваницаги гьабула зарал

ДРялъул Роспотребнадзоралъ лъазабулеб буго ахираб заманалда нилъеца, хасго лъималаз кваналел нигIматазулъ цIикIкIунеб бугин транс-жиры (химикияб къагIидаялдалъун хисизабураб нах, беэнлъи) ва гьелъ сахлъиялъе заралги гьабулин.

Лъималазе хIадурулеб кванилъ транс-жир хIалтIизабизе гьукъун буго РФялда, кванил нигIматал гьарулел фабрикабаздаги гьеб гIемер хIалтIизабуларо. Амма, гали бахъанщинал бакIазда дандчIвалел, хехаб къагIидаялъул квен хIадурулел бакIазда гьелъул кIварго гьабуларо, гьениса босулеб кванилъ (фастфуд) цIикIкIун букIуна заралияб беэнлъи.
Транс-жирал лъугьуна хурдузул нах чанго нухалда гьализабун, чанго нухалда цого нахулъ кванил нигIматал режулел ругони. КъватIазда яги хехго квен гьабулел кафе-рестораназда картошка-фри, пирожкаби ва цогидабги бежулелъул, гIемерисеб мехалда нах хисуларо, гьебин абуни, кIиабилеб ва лъаб­абилеб нухалда гьализабуралдаса сахлъиялъе заралияблъун лъугьуна.
Клиникиял цIех-рехаз бихьизабуна транс-жирал хIалтIизариялъ рекIел унтаби лъугьиналъе хIинкъи цIикIкIунеб букIин. Гьелъ бидурихьал жанисан загIип гьарула, бидулъ холестерин цIикIкIинабула. Гьеб беэнлъи гIемер хIалтIизабулезул чехь гьорола. Цо-цояз абулеб буго рак унтицин лъугьине бегьулин кванилъ транс-жирал гIемер хIалтIизариялъ.
Транс-жирал дандчIвала маргариналъулъ, хурдузул лъамияб нах къвакIизабун лъугьараб нигIматалъулъ, фритюралъуб, микроволновкабазда жаниб бежизеян хIадур гьабун бичулеб т1епулеб цIоросаролъулъ (попкорн), фастфудазда (хехго квен гьабулел бакIазда режарал нигIматал, масала, гIанкIу, ччугIа, гамбургерал, картошка-фри ва гь.ц.), чадил нигIматазулъ (кексал, пирожниял, пончикал) рахьдал бакIалда хIалтIизарулел нигIматазулъ, картошкадул ва цIоросаролъул чипсазулъ, хIадур гьарурал цIорорал нигIматазулъ (пицца, гьанал пирогал) ва гь.ц.
Нагагь этикеткаялда «частично гидрогенизированные масла» абун хъван батани, гьел ккола транс-жирал. 2018 соналдаса байбихьун РФялда гьукъараб буго 2 проценталдаса цIикIкIун транс-жирал гъорлъ бугеб маргарин, кондитерлъиялъул, кулинариял нигIматал къватIире риччазе ва ричизе.