Гьанжеги лъим сабаблъун…

Гьал къоязда чехь-бакьазул унтигун ва цIа-кан бахун Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялде ккана 102 чи, гьездаго гьоркьоб 50 лъимерги. Унтаразул «чехь-бакьазул инфекция» (ОКИ) букIин чIезабуна.

 

ГIадамал унтиялъе гIиллаги ккола чорокаб лъим гьекъей. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзора­лъул управлениялъул экспертаз ва ДРялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул хIалтIухъабаз гьеб лъугьа-бахъиналъухъ халгьабулебги буго.
Гъизляр шагьаралда, чорокаб лъим сабаблъун, чехь-бакьалъул унти лъугьун гIадамазул сахлъиялъе зарал гьабиялъул хIужаялда бан, «гьарулел хъулухъазулъ гIа­дамазул сахлъиялъе яги гIум­руялъе хIинкъи гьечIолъиялъул тIалабал цIунизе кIунгутIи» абураб статьяялда рекъон, уголовнияб делоги рагьана.
Дагъистаналда лъим сабаблъун гIадамал унтиялъул хIужаби тIоцебесеб нухалда гуро кколел ругел. Гъоркьисаги, гьадинабго заманалда, ай цIияб соналъул байрамалдаса хадуб чехь-бакь унтун больницаялде ккун вукIана Казбек районалъул Ленинаул росулъа 77 чи.

Кидаго гIадин гIайиб буго гIадамазда

Гьеб лъугьа-бахъиналда бан ДРялъул хIукуматалъул председатель Артем Здуновасул нухма­лъиялда гъоркь Гъизляр шагьаралда тIобитIана данделъи. Гьениб ДРя­лъул сахлъи цIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовас бицана унтаразухъ халгьабизе ва гьеб лъим хIалтIизабулел минабазда кинаб ахIвал-хIал бугебали балагьизе тохтурзабазулгун фельдшеразул 16 бригада ахIун бугин.
ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр дандчIвана Гъизляр шагьаралъул бетIер Александр Шуваловгун ва дандрана халкъалъе гьабизе кколеб кумекалъул хIакъалъулъ суалал.
Гъизляр шагьаралъул централияб больницаялъул бетIерав тохтур Станислав Обловас бицана чехь-бакь унтун рачIаразул гIемерисез гIумру гьабулеб бугин, дагьаб цебегIан бихъараб лъим унеб трубаялда аскIоб. Чехь-бакьазул унти багъари бухьинабулеб буго гIадамаз гьализабичIеб лъим гьекъеялда.
«Лъел труба кьвагьараб бакIалда аскIор гIумру гьабун ругел гIадамаз ихтияр гьечIого рачун ратана канализациялъул мухъал. ГIадамаз хIалтIизабулеб лъелъе инфекцияги гьеб труба кьватIиялдалъун ккун батизе рес буго», — ян бицана шагьаралъул мэрас.

Роспотребнадзоралъул баянал

Гъизляралда ккараб лъугьа-ба­хъи­налъул хIакъалъулъ цIехон, ниж щвана Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялде.
Гьеб идараялъул баяназда рекъон, эпидемия байбихьун буго 2020 соналъул анлъабилеб январалдаго.
— Гъизляралъул ЦГБялде ккарал гIадамазул бактериологияб ва вирусологияб цIех-рех гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ нижеца лъазабулеб буго чехь-бакьазул инфекцияздаса цIуниялъе гIоло рацIцIалъиялъул къагIидаби цIунеян. Гьализабураб яги шушбузухъ бичулеб лъим гурони гьекъоге, кваналелде цере овощал ва пихъ чуре, — ян бицана Роспотребнадзоралъул управлениялда.