Тохтур тезе ккола тохтурлъиги гьабун

Жиндир заманалда тIатинабуни, сахгьабизе кIолареб унти букIунаро

 

МахIачхъалаялъул Редукторазул поселокалда бугеб шагьаралъул тIоцебесеб больницаялда буго республикаялъулаб кIваралъул колопроктологиялъул отделение. Гьединаб хаслъизабураб отделение Дагъистаналъул цониги больницаялда гьечIо. Отделение рагьараб 2006 соналдаса нахъе гьенив хирурглъун хIалтIулев вуго ГIахьвахъ районалъул КIаратIаса Хангерей ГIабдулмажидов.

Отделениялъул хIалтIул, гьенир сахгьарулел унтабазул, гIаммаб къагIидаялда сахлъи цIуниялда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Х. ГIабдулмажидовасулгун.
— ЦIалдолезда бичIчIизе ва лъазе бокьилаан нужер отделениялъул хIалтIул хIакъалъулъ кинал унтаби гьенир сахгьарулелали?
— БичIчIуледухъ абуни, колопроктология ккола чехь-бакьалда хадуб халкко­леб, лъугьараб свиш (бижараб гьан, гьорой), бавасур (геморрой) толодул унтуде (ракалде) сверилалде гьеб сах гьабулеб бакIлъун. Колопроктологиялда буго кIиго подотделениеги – онкопроктология ва гIаммаб проктология.
— ГIатIидго тIибитIараб унти бугищ гьеб, кин ва сундасан ккезе бегьулеб чехь-бакьалда рак унти?
— Гьанжеялдаса анцIго-анцIила щуго соналъ цебе чехь-бакь унтаразда гьоркьоб онкологиялъул унти загьирлъи, цогидал унтабазда дандекку­н, анцIабилеб бакIалда букIана. Гьанжейин абуни гьеб лъабабилеб-ункъабилеб бакIалде бачIана.
Чехь-бакьалда, хасго биццатаб бакьалда рак унти ккеялъе квербакъулеб чанго гIилла буго. Гьеб ккезе цIикIкIун рес буго рахIатаб гIумруялда, вагъа-вачари къанагIатав, лъелго хьвади дагьав чиясда. Гьебго заманалда бегьуларо бакIаб хIалтIи гьабизе. Бищун аслияб буго кванил бацIцIалъиги низам цIуниги. Щиб нилъеца гьанже кунеб бугеб? Кинабго буго химия гъорлъ бессараб. Кунеб буго, гормоналги кьун, лъабго-ункъо анкьиде гIезарурал гIанкIудул, гьелго гормоналги кьун бокьахъ жанибго тун хьихьараб гIи-боцIул гьан. ЛъикIаб гьечIо газ гъорлъ бугел, батIи-батIиял кьеразул минералиял лъинал гьекъезеги. Нилъеца цIакъ гъираялда режула, куна шашлыкал. Чехь-бакьалъе гьел руго бакIал ва заралиял. Бертабалъ рукIуна чанго батIиял тIагIамал, цин-циналде квер бегьун кванала чехь-бакьалъе бегьи-бегьунгутIиялъухъ ба­ла­гьичIого. ЦIекIлъи цIикIкIараб, хъа­чIаб, хIадурун заман бараб квен, кон­сервантал аскIоре къазе риччазе бегьуларо.
Цо къадаралда асар гьабулеб буго гьаб хIалуцараб, парахалъи гьечIеб рукIа-рахъин, гIумру букIиналъ нервабазулги гIодобиччай гьечIолъиялъги. Гьелъул хIасилалда цебе чехь-бакьалда ракалъул унтаби 50-60 соналде рахаразулъ гурого тIатунел рукIинчIел ратани, гьанже тIатунел руго 16-17 сон баразулъги, ай унти гIолохъанлъулеб буго.
— Рес бугищ чехь-бакьазда унти баккулеб букIин цебеккунго лъазе, гьелъул гIаламатал кинал ругел?

ГIужда тIалаб гьабизе ккола

— Жиндир заманалда тохтурасухъе вачIун тIатинабуни, сах гьабизе кIолареб унти букIунаро. Щивав чияс жиндирго черхалда хадуб халкквезе ккола. Мисалалъе, цин лъамияб гъиз бачIани, хадуб гьеб къвакIун хIажат тIубазе захIмалъани, гьелда гъорлъ бидул тIираби тIатани, хехго нижехъе рачIине ккола. БукIине бегьула чехь понцIойги, хIухьел цIазе захIмалъиги, чохьониса гьури гIемер бачIинги ва чохьол къагIида хвейги. Хадуб сахлъиялъе кколеб заралалъул, гIумруялъе бугеб хIинкъиялъул хIисабги гьабичIого, гIаврат бугеб бакI бугин тохтурасухъе ине нечон, намуслъун чIаразул хIасил лъикIаб кколаро. Цо мисал бачинин. Щуго-анлъго соналъ цебе Гъарабудагъкент районалдаса анцIила микьго сон барав гIолохъанчи вачIана отделениялде. Балагьараб мехалда гьесул биццатаб бакьалда бугоан нахъа ракалде буссине бегьулеб гьорой. Эбел-инсуда абуна операция гьабун, кьалбал риччалелде гьеб бакI васасул къотIизе кколин. Метер рачIинин, анкьидасан рачIинин абун гьел тIокIал раккичIо. ЛъагIалидасан рачIана, васги вугоан гьорон чехьгун. Гьеб заманалда васасе ригьинги гьабун буго, хьвадун руго хурдузул дараби гьарулезухъе, хIасил ккечIеб мехалъ рак унтиялъ киса-кирего кьалбал риччан вачIарав гьесие гьабизе кумек букIинчIо.
Баладасан цIех-рех гьабун биццатаб бакьалда полип (гьорой, гьан лъугьин) батани, кьалбал риччалелде бухIизабун, къотIун сахгьабизе кIола, кIиабилеб стадиялде щвезегIан бижун, тIирщун батаниги, рес буго сахгьабизе. Амма гьелдаса хадубги бичча-бихъан тани, операция гьабула, амма химия-терапия гьабизе ккола. Хадуб кколеб Аллагьасда лъала.

Медтехникаялдалъун
хьезарулел руго

— Дагъистаналда махщел загIипал тохтурзаби ругин нилъер гIадамал унел руго Москваялде, Краснодаралде, Ростовалде, Астраханалде ва цогидалги Россиялъул шагьаразде…
— Нилъер гьанир руго гIезегIан махщел бугел тохтурзаби, загIипал дораго гIадин гьанирги ратила, суал буго тохтуразул рахъалъ гуреб, тIадегIанал технологиялъул аппаратазул рахъалъ. Россиялъул централдехун ругел шагьаразул больницаби ва поликлиникаби гьездалъун лъикIго хьезарун руго. Гьелдалъун буго гьединаб пикру бижун гIадамазулги. Гьеб рахъалъ нилъер гьанибги иш лъикIлъулеб буго. Лъица щиб бицаниги, абизе ккола, ахираб ункъо-щуго соналда республикаялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул хIаракаталдалъун больницабазде бачIана гIезегIан гьанжесеб заманалъул медицинаялъул аппаратура. Мисалалъе, нижеца цебе операция гьабулелъул, чехь свизе кколаан, гьанже гьабула аппараталъго лапороскопиялъул кумекалдалъун. Унтараб бакIалда тIад чехьалда гьабула гьитIинабго каратI, цинги къотIула бакьалъул унтараб бакI. Гьеб данде букъулеб аппаратги буго.
— Щибаб соналъ анцI-анцI тохтур къватIиве виччала медуниверситеталъ, гьоркьохъеб медицинаялъул хIалтIухьаби къватIире риччалеб чанго медучилищеги буго. Гьел гIемер гьечIищ? ХIалтIи щоларогоги рукIунелъулха медицинаялъул лъай бугел гIадамал.
— Квеш ккараб жо буго нилъер гьаниб 70-80 ва жеги тIаде сонал аниги тохтурзаби хIалихьиялде унел гьечIолъи, хIатта кIиго-лъабго бакIалда хIалтIулелги рукIуна. Цебесеб къагIидаялъ хIалтIулел, цIиял медицинаялъул технологиял, цIирагьиял лъаларел гIемераз гIолохъаназе нух кьолеб гьечIо. Жалго бетIергьанал, хасал медицинаялъул централ, поликлиникаби рагьун рукIиналъ, саламатаб кумек гьабулеб буго медиказе хIалтIизе бакIал рукIиналъе. Рес-санагIалъи бугел гIолилал хIалтIизе унел руго республика бахун къватIирехунги.
— Тохтурзабаз ришватал росичIого иш тIубаларин, унтарасул агъаз гьабуларин абула. Дуца щиб абилеб?
— Дида лъалеб жо буго цониги тохтурас абизе рес гьечIо, гьадигIанаб гIарац кьечIого, унтарасе операция я цогидабги медицинаялъул хъулухъ гьабизе гьечIилан. Жидее хъулухъ гьабидал, унтарас кьураб сайгъат-гIарац босулел тохтурзабиги ратила, босуларелги ратила, лъаларо. Цогидаб рахъалъ босани, тохтур вуго гьаб заманалда нилъгун вугев чи. Лъималазул рокъоб лъимер гьабуралдаса нахъе кьолеб гьечIищ ришват – яслиялде лъимаде бакI щвезе, школалде, институталде, хIалтIи тIалаб гьабун. ХIасил, вижаралдаса хвезегIан ришватал кьолеб къагIида буго сверухъ. Нилъ беццалги гьечIо, гIинкъалги гьечIо – бихьулебги буго, рагIулебги буго. Тохтурасги цогидазги ришват босизе кколин абулеб гьечIо, амма хIакъикъат гьединаб буго. Тохтур вукIине ккола гIицIго тохтурлъиги гьабун, гьесие гIураб мухьги букIине ккела. Дица лъагIалида жаниб гьабула гьоркьохъеб хIисабалда 250 операция. Бищун бигьаяб геморрой операция гьабун ФОМСалъ больницаялде рехула 21 азарго гъуруш. БукIуна заман къойие кIиго-лъабго операция гьабурабги. МоцIрое дие щолеб буго анцIила анлъазарго гъуруш гIарац. Кибе унеб бугеб дица операция гьабуралъухъ ФОМСалдаса бачIунеб. Гьелъул ункъил бутIагIаги тохтурасе кьезе ккеларищ? Руго жеги гIемерал суалал, ричIчIуларел бакIал.
Ахиралда абила, унтун нижехъе рачIаразда гьоркьор бащдалде гIагарун магIарулал рукIуна. Гьединлъидал гьарула нужерго чехь-бакьалъул халгьабизе нижехъе рачIаян. ГIарацги босизе гьечIо.
Пайзула Пайзулаев