Учеталда вуго 12 азарго чи

Дагъистаналъул урологияб централда гIадамал сах гьаризе тIадегIанаб даражаялъул специалисталго гIадин буго гьанжезаманалъул тIалабазда рекъонкколеб тIагIел-алатги. Щибаб анкьалъ республикаялъул батIи-батIиял районазда гьеб рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьизе къватIире рахъуна Дибирдада ХIажиевас нухмалъи гьабулеб централъул хIалтIухъаби.

 

Унтарал росула учеталде ва гьел сах гьаризе рачуна тахшагьаралде. ХIатта, Россиялъул бищунго церетIурал урологазулгун тIоритIула цIакъго унтразул бугеб ахIвал-хIалалъул ва гьезие лъураб диагнозалъул хIакъалъулъ бицарал видеоконференциялцин. Унтарал сах гьарулелъул хIисабалде росула гьезул малъа-хъваял.

 

 

Гьал къояздаги республикаялъул урологияб централъул тохтурзабаз видеоялдасан бухьен гьабуна Москваялъул специалисталгун. Гьаб нухалъ гьоркьоб лъуна 37 сон барай ургьисалаби (почкаби) унтун рехсараб сахлъи цIуниялъул идараялде ячIарай гIадалъул диагнозалда тIасан суал. ДРялъул урологияб централъул тохтурзабаз бихьизабун бугоан гьелъие операция гьабизе кколин. Москваялъул махщелчагIиги нилъер тохтурзабаз къотIараб хIукмуялда тIадрекъана. Больницаялда вегун вугев чанго унтарасул бицана видеоконференциялда. ПалхIасил, нилъер тохтурзабаз ва хIалбихьи бугел Москваялъул специалистаз унтаразе лъурал диагнозал данде ккана.

 

 

ДРялъул урологияб централъул бетIерав тохтур Дибирдада Пайзулаевас нижее бицана Лопаткинил цIаралда бугеб НИИялъгун цадахъ рекъон Дагъистаналда гIумруялде бахъинабулеб бугеб программаялъулги.

 

 

«Гьелда рекъон урологияб централъул хIалтIухъаби щола батIи-батIиял районазде, росабалъе ва бакIазда ругел гIадамазулгун гьарула гара-чIвариял, цIехола чорхол сахлъиялъул хIал. ПалхIасил, тIатинарула унтарал. ЗахIматаб хIалалда ругезе гьабула хехаб кумек. Цогидалин абуни рикьун къокъабаздегун, гьезул ахIвал-хIалалъухъги балагьун гьарула сах. Гьедин жакъа къоялъ нижеца учеталде восун вуго 12 азарго чи», — ян бицана Дибирдада Пайзулаевас.