Бищун захIматаб балагь

Гъира букIун гIолеб гьечIо, сурсатги къваригIунеб буго

 

«Наркотикал гьечIеб Россия» проекталъул автораз гьабураб цIех-рехалда рекъон, Hydra абураб даркнеталда щибаб къойил наркотикал ричула 13 600 чиясе. Даркнетин абула, хъвай-хъвагIай гьабулаго, хIакъикъияб цIарги цогидал баяналги цIехечIого, балъгояб дарам гьабизе кумек гьабулеб сайталда. Наркотикал ричулезул даркнеталда жанире раккулезул къадар бахуна 800 азарго чиясде. Гьеб ахIвал-хIалалъ рахIатхвезабураб РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул комитеталъ 15 октябралда тIобитIана хасаб данделъи. Рехсараб комитеталъул председателасул заместитель Борис Чернышевасул пикруялда рекъон, наркотикал хIалтIизари ккола «жакъасеб Россия-лъул бищунго кIудияб балагь».

Щиб хIал бугеб Дагъистаналда?

Республикаялъул наркотиказде данде къеркьолеб комиссиялъги тIоритIула данделъаби. Гьениб бицуна чан чиясул хъвай-хъвагIай гьабун бугебали, кинал тадбирал къуваталъул идарабаз гIуцIулелали. Гъоркьиса риидал Сепараторазул поселокалда бахъун букIана ахIи-хIур. Полициялъул хIалтIухъабаз гьенир ккуна, гIемераб заманалъ хадуб халги ккун, гIолилайгун гIолилав. Гьел рачIун рукIана пуланав чияс интернеталдасан бичун босараб наркотик гьесда батулеб бакIалда бахчизе. ТIадго ккурал гьел хIалица нахъе рачана полициялъул хIалтIухъабаз – гьенир гIумру гьабун ругез чIвазехъин рукIана гьел, жидер лъималазе наркотиказдаса букIине бугеб хIинкъиги хIисабалде босун.
Республикаялда гьеб хIал лъикIаб рахъалдехун хисулеб гьечIеблъи загьир гьабуна Дербент шагьаралъул бетIерай нарколог ПасихIат ГIабдусаламовалъ. Дагьалъ цебе гьелъ гьениб рагьана наркотикал ва инсанасул гIакълу биххизабулел цогидал жал хIалтIизарулел рукIарал гIадамал сахлъизарулеб отделение. «Нижер гьаниб буго анкьго чиясе бакI. Гьел рачIуна радал, гьезие гьарула дараби ва къаденахъе гьел рокъоре тIадруссуна. Жиндир цIар загьир гьабизе бокьуларелги рачIуна нижехъе, кумек гьарун. Гьединал хIисабалде росуларо. Наркотикал хIалтIизарулел гIадамазул къадар цIикIкIунеб буго. 2018 соналда наркотикал хIалтIизарулел рукIана 3688 чияс, вукIана 7340 гьекъолду-хъан ва 420 токсикоман. Дербенталда вуго хIисабалде восарав 885 чи (2018 соналда вукIана 875 чи). Гьезда гьоркьоса 276 ккола наркоман, 191 – гьекъолдухъан ва хутIарал – токсикоманал (клей, лажбар ва цогидал жалазул махI сунтIулел ва гьелдаса кеп щолел гIадамал – ред.)», — ан бицана гьелъ.
Гьеб буго гIицIго официалияб статистика, ай наркодиспансеразда сияхIалде росарал унтаразул къадар. Официалияб гуреб статистика, лъалеб букIахъе, кидаго букIуна батIияб. Гьелде тIадеги, руго жиндир цIар рехсечIого сахгьаризе хьвадулел гIадамалги. Гьелги унаро официалияб статистикаялде гьоркьоре.
ПасихIатица рагьараб отделениялда гьабсагIаталда гьечIо киналгIаги шартIал. Буго гьениб цо палатаги, чвердолеб рукъги. Жеги хIажат буго богорукъ гIадинаб бакI: унтарал тIубараб къоялъ рукIунелъул гьенир, дагьа-макъабниги жо кваназе ккеларищха гьез. «Дербент шагьаралъул районазда гьоркьосеб больницая-лъул нухмалъулес нижее ихтияр кьуна цебеккун лъимал гьарулеб отделение букIараб бакIалда наркоманал сахгьарулеб отделение рагьизе. Амма больницаялъул рес гьечIо отделение хIажатаб къайиялдалъун хьезабиялъе. Нижехъа бажарараб куцалда къачIана гьеб. Жеги хисизе ккола чIабар, росизе ккола шкафал, кроватал ва цогидаб къайи. Унтарал радал рачIуна нижехъе, дару-сабаб гьабун хадуб хIухьбахъула ва рокъо-ре уна. Официалияб къагIидаялда цIарги хъван гьабулеб бугони, гьезие дару гьабула чIобого, ай дараби кьола больницаялъ. ЦIар рехсечIого дару гьабизе бокьаразухъа босула 2500 гъурущ – сахгьавиялъул цо курсалъухъ цадахъго», — ян бицана ПасихIатица.
Дербент буго пачалихъияб гIорхъоде гIагарлъухъ бугеб шагьар. Гьединлъидал наркоманалги гьенир гIезегIан руго. МахIачхъалаялъул наркодиспансералда ругел унтаразда гьоркьорги бищун гIемер руго дербенталъулал.

ХIажат руго пачалихъиял централ

Дагьалъ цебе ДРялъул хIукуматалъ тIобитIараб данделъиялда бицунеб букIана республикаялда рагьун ругин наркоманиялдасаги, токсикоманиялдасаги, гьекъолдиялдасаги сахгьарулел централин абун. Амма гьел руго жалго бетIергьанаб предприятие хIисабалда рагьарал. Гьединал центразде унтарал ритIеян ва гьединал централ рагьиялъул хIакъалъулъ гIадамазда лъазабизе хIажат бугинги бицана данделъиялда. Амма бугищ гьелъие рес наркоманал хьихьулел хъизамазул? Гьеб буго захIматаб масъала. Гьединаб централда сахгьариялъул цо курсалъухъ кьезе ккола 15000-17000 гъурущ. Нагагь цIар рехсечIого сахлъизаризе бокьани, тIадеги кьезе ккола жеги 5000-6000 гъурущ. Экспертазул баяназда рекъон, наркоманиялдаса сахлъизе ккани, унтарасе щвезе ккола бищунго дагьаб лъабго курс. Гьединлъидал унтарасе хIажалъула 40 азаргоялдаса цIикIкIун гъурущ.
Россиялъул аслиял шагьаразда рагьарал наркоманиялдаса сахлъизарулел центразда хIалтIизабула динги. Руго килисабазда рагьарал хасал централги. Гьенир ругел унтаразе бицуна диналъул бербалагьиялъул хIакъалъулъ, унтарасулгун накъитал гьариялдалъун гьев куцала наркотиказдаса эркенаб гIумру гьабизе. Гьединаб центр рагьизе ракIалде ккун буго Дагъистаналъул Динияб идараялдаги. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин бицана П. ГIабдусаламовалъ: «Динияб идараялъул гьеб лъикIаб пикру буго, амма гьеб буго гIицIго анищлъун хутIизесеб мурад. РачIун рукIана гьел дихъе. Гьезда цадахъ дун ана Гъазданущиеги – гьениб пуланаб мина балагьун буго центр рагьизе. Лъица хьихьизе бугеб центрилан гьикъана дица ДУМДалъул
вакилзабазда. Гьез жаваб кьуна бусурбабазин абун. Амма гьелъул
жо кколаро. Наркоманиялдаса сахгьариялъе къваригIуна гIемераб гIарац. Сурсат гьечIони, иш байбихьудасаго лъикI ине гьечIо: жакъа букIина гIарац, метер букIин щакаб буго. Даруйин абуни, щибаб къоялъ гьабизе ккола ва гьелги учузал гьечIо. Дица гьезда абуна, сахлъизе рачIарал хIалтIулеб производство рагьани, мурад тIубазе бегьулин абун. Амма гье-лъиеги квекIенал гIемер рукIунеблъи бичIчIизабуна гьез дида», — ян.
МадихIат ХIажиева