ГьоцIо даруйищ яги…

Бищун гIемер гьересигьоцIо гьабула Китаялда

 

Телевидениялъул НТВ каналалдасан щибаб хамиз къоялъ бихьизабула Сергей Малоземовасул «ЧIагояб ва хвараб квен» абураб, кванил хIакъалъулъ бицунеб передача. Гьелъул кумекалдалъун рес буго нилъеца кваналеб квен щиб пайдаялъул бугебали ва кинаб зарал гьелъул букIине бегьулебали лъазе. Лабораториял цIех-рехалги гьарун, специалистазда ва тохтурзабазда дандги бан гурони, гьес нигIматазул хIакъалъулъ гьениб бицунаро.

Дун гIажаиблъизавуна гьацIул хIа­къалъулъ бицунаго батIи-батIиял специалистаз гьелъул хIакъалъулъ рехсарал хIужабаз ва баяназ. Масала, гьитIинаб къоялдаса нахъе рагIула нилъеда гьоцIо дару кколин, гьелъ гIемерал унтаби сахгьарулин бицунеб. Цо-цояз жакъаги абула гьа­цIуца сахгьарулин къватIул унтиялъ кIвекIулевги, лага бекаравги, ургьимес жагъалъаравги, берал чвахулевгиян. Бицен буго гIолохъанго хварав Александр Македонскиясул жаназа гьацIулъги лъун босанин ватIаналдейинги.
1751 соналда къватIибе биччараб гIурусазул «Сельский лечебникал­да» гьацIул хIалкIолъиялъул хIа­къалъулъ бицунеб буго 50 бакIалда. Гьениб хъвалеб буго, гьоцIо бугила кутакаб дару. Интернеталдаги ратула гьацIуца сахгьариялъе цIакъ гIемерал малъа-хъваял, малъула гьеб хIалтIизабизе кколеб къагIида. Масала, щибаб къоялъ хIегун цадахъ анцIго грамм гьацIул чIамани, рак унти сахлъулин, лъимер гьабуларезе гьеб гьабулин…

Киб бугеб бацIцIадаб гьоцIо?

Наязул рукIуна гIемерал унтаби, гьел сахгьарулаго хIалтIизарурал дарабазул хутIелал гьацIулъе ккечIого хутIуларо. Башкириялдаса найихъан ГIамир Ишемгуловас абуна: «Россиялъул базаралда бичулеб гьацIул 40 проценталдасаги цIикIкIараб къадар гьересияб ккола. ГьересигьоцIо гьабиялъул рахъалъ дунялалда тIо­цебесеб бакI Китаялъухъ буго. Гьо­цIойинги абун, гьез бичула гьацIул кьерги тIагIамги бугеб чакаралъул сироп. Китаялъул гьацIул цониги тайпа гьечIо специалистаз гьоцIойилан рикIкIунеб ва сахлъиялъе кинабгIаги пайда бугеб».
Жакъа найихъан я законалдаса, я хIакъалдаса хIинкъулев гьечIо, гьединлъидалин наялги чакарги кьун хьихьулел ругел. Гьединаб гьацIул кинабгIаги пайда букIунаро.
Ирландиялдаса машгьурав найихъан Филип Маккейица абулеб бу­го, дунялалдаго тIибитIун бугила гьересигьоцIо гьабиялъул бизнес. Гьеб мурадалда цо-цо улкабазда хIалтIизабулила муцIидул чакар, гьелъул гьацIул гIадаб тIагIамги махIги гьабулила, гьацIуда релълъинабизелъун гьелъулъе тIогьол хIурги жубалила.

Лабораториялъ бицуна

ГьоцIо бацIцIадабищ яги гьересиябищ бугебали балагьизелъун хIалтIизабула химикияб къалам, хинаб рахь ва пайда босула цогидалги къагIидабаздаса. Лабораториялда гурони, лъиданиги кIоларо хIакъикъат лъазабизеги. Масала, химикияб къаламалъул кумекалдалъул тIатинабула гьацIулъ бугеб крахмал, амма гьелде гъорлъе жубараб чакар, сироп, патока, ароматизаторал гIадал нигIматал тIатинаризе кIоларо. Гьединлъидал, лъикI лъалев ва иман бугев найихъанасухъа гурони гьоцIо босизе бегьуларо. ЧIахIиял компаниязул лабораториязда гурони рес букIунаро рагIа-ракьанде щун гьацIул химикиял цIех-рехал тIоритIизеги.

ГьоцIо ва рак унти

Унго-унгояб гьацIулъ цIакъ дагь гурони букIунаро рак унти ккезабиялда хIинкъи букIунеб оксиметил фурфурал абулеб жо. Амма, гIемер заманалъ нахъе цIунараб гьацIулъ гьелъул къадар 30 нухалъ цIикIкIуна. 40 градусалдаса тIаде гьоцIо бухIизабизеги бегьуларо, 60 градусалдаса цIикIкIун багIаризабуни, гьелда гьоркьоб бугеб оксиметил фурфуралалъул къадар дагьабго цIикIкIуна, рак унти ккеялъе гьелъул щибго хIинкъи букIунаро. Амма гьацIулъ рукIунел витаминал хола.

ГьоцIо даруйищха?

Абула хъегIулел ругони яги ургьимес жаниса цIун гIадин лъугьун бугони, гьоцIо хIалтIизабизе кколин. БитIараб буго, гьелъ кумек гьа­була, амма гьединабго хIасил кьо­ла гьалараб рахь гьекъани яги ма­гIазукъалахъе ва гьуърузда жанибе гьелъул хинаб хIухьел цIани.
Наязул нигIматазул кумекалдалъун сахгьариялда апитерапия абула (апис — на, терапия — сахгьаби). Гьа­цIуца унти бигьа гьабула, тохтурас би­тIун чIезабураб унти сахгьабия­лъул хIасил гьелъ лъикIлъизабула. Гьа­цIул массажалъ черхалъе чIаголъи, тулаклъи кьола, гьелъул ваннабаз нерваби гIодориччазарула. Найил хечалъ инсанасул чорхолъе ккезабураб загьруялъ, унти сасинабула ва гьор буссинабула. Башкириялъул апилечебницаялъул бетIерав тохтурасул заместитель Азат Кунаховас абулеб буго, сахлъиялъе лъикIаб хIасил кьеялъе цо сеансалъе къваригIунила 50-70 найил загьру. Сахгьариялъул гьеб къагIида чара гьечIого тIобитIизе кколила тохтурасул балагьиялда гъоркь, щайгурелъул цо-цо чагIи найил загьруялъ цIикIкIараб аллергияги кьун, хвеялда хIинкъи бугеб хIалалде ккезарулила.
ГьацIул нигIматазулъ рукIуна, инсанасул сахлъиялъе цIакъ пайдаял Е, К ва Д гIадал витаминал, каротин, фолиевая кислота, микроэлементал. ГьацIулъ букIуна лъикI биунеб ва хехго чорхолъ босулеб пихъил чакаралъул 80 процент. Гьединлъидал, цIайи бахунел ва чакаралъул унти бугел чагIаз гьеб гIемер хIалтIизабизе бегьуларо. Къойида жаниб анкьго чайгъудалдаса цIикIкIараб къадаралда гьоцIо хIалтIизабизе лъикIаб гьечIо. ЦIикIкIинабуни, хIинкъи букIуна чакаралъул унти ккеялда, черхалъул цIайи бахиналда, рекIее ва гIадалнахуе зарал ккеялда, иммунитет загIиплъиялда. ПалхIасил, гьоцIо гIемер чIикIизе бегьуларо.

КъанагIатал тайпаби

Дунялалда бищунго багьаяблъун рикIкIуна (цо килоялъухъ ичIазарго гъуруш) Новозеландиялда бижулеб манука абулеб чаялъул гъотIол тIогьол гьоцIо. Антибиотиказдаги хвезаризе кIоларел заралиял микробал гьелъ чIвалин абулеб харбида тохтурзаби божуларо. Гьез гьоцIо рагIа-ракьанде щвараб дарулъунги рикIкIунаро. Гьез абула гьоцIо дару кколарин, гьеб бугин пайдаяб квен.

ХIасил

1. ГьацIуца сахгьарулин абулаан я да­раби, я антибиотикал рукIинчIеб некIсияб заманалда.
2. ТIадчIун гьоцIо хIалтIизабуни, инса­насул черх щулалъула ва хIал­тIизарулел дарабазул хIасил лъикIлъула.
3. БухIизабураб гьацIул сахлъия­лъе пайда букIунарин абулеб жо мекъи буго, 40-60 градусалъ багIа­ри­забуниги, гьацIул даража холаро.
4. ЛъикI лъалел, иман-яхI бугел найихъабахъа гурони гьоцIо босизе бегьуларо.
5. Диетологаз абулеб буго, къойи­да жаниб инсанасе кIиго-лъабго гъуд гьацIул гIолин, гIемер кванани, гьелъул зарал букIунин.
6. Найихъабаз бицунебгIан кIудияб пайда гьелъул букIунаро, гьелда гъорлъ ругелго гIадинал витаминал цIияб пихъилъги рукIуна.
Нури Нуриев