Пал тIамичIого, гIилла балагье

Бер тIеркIани – миокимия, гьекIдани – ургьимесалъул унтаби

 

Бер тIеркIани, рикIкIада гIумру гьабун вугев гIагарлъиялъул чи вихьулин абулаан умумуз, гьекIдизе лъугьиндал — дур рахъалъ цогияз квешаб хабар бицунеб батулин хIинкъизарулаан. ГьакIкIадулев чи вихьани, гьебги берккеялъул гIаламатлъун рикIкIуна. Медицинаялъин абуни, гьел рехсарал жал рикIкIуна цо-цо унтабазул гIаламаталлъун. Беразда сверухъ ругел ччорбал чанго секундгIанасеб заманалъ тIеркIезе бегьула. Цо-цо мехалда тIубараб моцIалъгицин тIеркIелел рукIуна. Нагагь гьеб хIал халатбахъунеб бугони яги гьелдаго цадахъ гьурмал цогидал бакIалги тIуркIизе лъугьани, невропатологасухъе ине гIедегIил гьабизе кколин абула специалистаз. ХIисаб гьабидал, бер тIеркIеялъ нилъеда бицуна пуланав гьобол вачIиналъул гуреб, сахлъиялъул гIунгутIи букIиналъул. Масала, гIемерисеб мехалда ракI­бакъвайдал, ургъалилъе ккедал яги ццидахиндал тIеркIезе лъугьуна бер. Нервопатологазги гьеб гIаламат нервабазул батIи-батIиял унтабазда бараблъун рикIкIуна, миокимия бугин абула. Миокимия лъугьиналъе батIи-батIиял гIиллабиги рукIине бегьула:
— батIи-батIиял неврологиял (блефороспазм яги Лу Геригил, Паркинсонил) унтабаздаса хадуб централияб нервабазул система (ЦНС) хвей;
— инфекциялъулал унтаби (грипп, ОРВИ, конъюктивит, блефарит);
— чорхолъ микроэлементал, хасго магний ва В витаминал гIунгутIи;
— берал свакай, хIалщвей (гIемераб мехалда компьютералда нахъа гIодорчIей, цIалдей);
— берал ракъваялъул синдром;
— хIалуцин (стресс);
— цо-цо дарабаз гьабулеб асар (депрессиялде данде, антигистаминниял (аллергиялде данде) дараби);
— аллергия.
Беразда сверухъ бакI гуреб цохIо тIасияб тIелех тIуркIулеб бугони, гьеб гIаламат беразул унтуда бухьинабула тохтурзабаз. Беразул жанисеб унти бугищали халгьабула офтальмологас.
Миокимиялъул кинабгIаги гIала­мат дандчIвани, тохтурасухъе ине ккола, щайгурелъул гьел гIала­ма­тазулъ бахчун батизе бегьула нервабазул яги беразул унти.

ГьекIдари

ГIемерисеб мехалда гьекIдизарула гьитIинал лъимал. Гьеб нилъеца кIвар гьабичIого толеб гIаламат халатбахъунеб бугони, сахлъиялъул гIунгутIаби ратизе бегьула. Инсанасул ургьимес яги цогидал лугбал цIуниялъе квербакъула гьекIдиялъ. Инсанасул черх цIуниялъул гIа­ла­матлъун рикIкIуна цIакъго гIемер кванан кванирукъ цIедал, хехго кваналелъул яги черх цIорораб мехалда лъугьараб гьекIди. Цо-цо мехалда ццим бахъиндал яги хIалуциндал лъугьунеб, хадуб гIодоре риччайдал чIолеб нервабазулаб гьекIдиги зарал гьечIеблъун рикIкIуна. ГIемераб мехалда халатбахъунеб, чехьги керенги унтизабулеб гьекIди батIи-батIиял унтабазул гIаламатлъун батизеги бегьула. Масала, чехь-бакьалъул лугбал яги гьуърул гьорон ругони, гьелъ турутрукъ (диафрагма) хIалуцуна ва гьекIдизарула. Гьуърузда яги тIулада сахлъулареб гьорой (опухоль) лъугьун букIиналъул гIаламатлъун батизеги бегьула. БетIер ва гIадалнахул цо-цо унтаби, рахунел унтаби, миокардалъул инфаркт, психикияб хIалуцин бугелги халатбахъун гьекIдизаризе рес буго.
КIиго къоялдаса цIикIкIун яги моцIица гьекIдизавулев чи чара гьечIого тохтурасухъе ине ккола. Гьеб букIине бегьула кванирукъалда ругъун лъугьиналъул гIаламатлъун яги тIул, ццидал къвачIа яги цIекIгьан унтиялъул гIаламатлъун.
Халатбахъунареб гIадатияб гьекI­диялъул инсанасул сахлъиялъе къварилъи гьечIо. Гьединаб гьекIди хехго лъугIизабизе бокьани, хIалтIизаризе бегьула батIи-батIиял, къагIидаби. Ма­сала, Гиппократица абулаан гьекI­ди чинхъиялъ къотIизабулин.
— Чанго секундалъ хIухьел ккун чIела.
— ГьитIинал лъимал гьекIдула квачалел ругони яги цIакъго гIорцIун ругони. Гьединлъидал гIорцIараб лъимадул мугъ лъухьани, гьекIди къотIула.
— Хехго кваналелъул щокъроб квенги речIчIун гьекIдизаруни, гьеб хехго инабизе кIола кIиябго кверги цоцаца ккун, столалда тIад лъураб лъел кружкаялде тIадеги къулун, кверазул кумекги гьечIого лъим гьекъани.
Халатбахъараб гьекIди кидаго гуро кинабалиго унтул гIаламатлъун букIине бегьулеб. Гиннессил чIелазул тIехьалъул баяназда рекъон, Америкаялдаса Чарльз Осборн гьоркьоса къотIичIого гьекIдун вуго 1922 соналдаса 1990 соналде щвезегIан. Гьес кIигониги лъадиги ячана ва гьезие микьго лъимерги гьабуна.

ГьакIкIади

ГIалимзабаз чIезабун буго инсан гьакIкIадулин эбелалъул ургьив вугеб мехалдаса нахъего ва тIоцебесеб нухалда – ургьиб 12 анкь барабго. Гьуърузулъе цIикIкIун кислород щвезе ва гьениб цIияб гьава хьвадизабизе (вентиляция) кумек гьабула гьакIкIадиялъ. ГьакIкIадулебгIан за­маналъ цIикIкIун гьава цIалелъул, бидулъги кислород цIикIкIуна, гьелдалъун лъикIлъула гIадалнахул ва гьурмал тIомол би хьвади. ГIемерисеб мехалда гIадамал гьакIкIадула радал ва къаси кватIараб гIужалда. Гьелъги кумек гьабула гIадалнахалъе гIу­раб къадаралда кислород щвеза­бизе. ГIемер цIалдолел яги гIакъ­лияб рахъалде хIал кколеб хIалтIуца нервабазул клеткаби жалго цIунизе тIамула ва гьел загIипго хIалтIула. ГьакIкIадиялъ инсанасда ракIалдещвезабула гIадалнахуе хIалхьи хIажат букIин. Цо-цо мехалда гIадамал гьакIкIадула цогидав чи гьакIкIадулев вихьаниги. Гьелъие гIилла лъалеб гьечIо гIалимзабазда.
Пайдаял гурелги заралиял рахъалги руго гьакIкIадиялъул. Цо-цо мехалда гIилла гьечIого гIемер гьакIкIадулев чиясул гормоналияб низам хун батизе бегьула яги чакрил диабет, склероз унтаби ратизе бегьула.
Макьицаги гIорцIун вугони, хIал кколеб хIалтIиги гьабулеб гьечIони, инсан гьакIкIадиялъул цогидал батIиял гIиллаби рукIине бегьула. Масала, чакрил диабет бугев чиясул чорхол клеткабазулъе гIураб къадаралда глюкоза щоларо ва энергия кьоларо. Гьеб мехалда унтарав цIакъ свакарав гIадин ва кидаго макьихун вукIуна.
Инсан гьакIкIадизавула артериалияб давление гIодобе ккараб мехалдаги. ГIемер гьакIкIади унтилъун рикIкIине кколарин абулеб буго тохтурзабаз.

Чинхъи

Инсан чинхъула, чорхое гьабураб кинабгIаги асаралъе жаваб гьабулеб хIисабалда. Масала, бецIаб бакIалдаса къватIахъе щведал, бадиб речIчIараб бакъул чIоралъцин чинхъизарула. Гьединго чинхъиялъе гIиллалъул букIине бегьула аллергия яги квачалъул унти. Гьелъул магIнаги ккола аллергияги рахунел унтабиги чорхолъ цIуничIого чинхъун къватIире рачIин.
Чияда рагIуларедухъ, гьаракь би­ччачIого мегIерги кIалги бахчун чинхъула гIемерисел. Тохтурзабаз абулеб буго мегIерги кIалги бацизабун «ургьирго чинхъиялъ» гIундузе зарал гьабизе бегьулин. Чинхъулелъул, цо секундалда жаниб 120 метралъул хехлъиялда къватIибе бачIуна гьава. КIалги мегIерги бацинабуни, гьеб къватIибе бачIунеб букIараб чорокаб хIацIу цIикIкIараб тIадецуялъ мегIер мукъулукъгун цолъулеб бакIалда рукIунел гIундузул трубабазухъе ккезе рес буго. Гьелъул хIасилалда жанисел гIундул (слуховая труба) гьорозе (воспаление) рес буго, гьединго лъугьине бегьула синусит (жаниса мегIер гьорой), гайморит, фронтит унтабиги.
МегIер ва кIалги бацун чинхъиялъул хIасилалда, чIахIияб ригьа­лъул гIадамазул внутричерепное давление лъугьинеги рес бугин абула отолорингологаз.
ХIадур гьабуна
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВАЛЪ.