Къисматалъул къалъарал чIорал

Даимаб цIадул хинлъиялъухъ

 

Ратизе рокьула лъикIал гIадамал

Инсанасул гIумруги рукIа-рахъинги дагьабги берцин гьабула сверухъ ругел лъикIал гIадамаз, цIиял гьудулзабаз ва лъай-
хъваяз. Нилъер къисматалъулги цо чIор буго, лъикIал гIадамазда гурони кунчIизабизе кIолареб. Написат Рашидова лъараб къоялъ къалъараб дир къисматалъул чIор даим къалъахъе хутIизе букIиналда ракIчIана гьелъулгун хабаралдаса хадуб. Щийха кколей Написат Рашидова? Тахшагьаралъул Редуктор поселокалда гIумру гьабун ругел киназдаго лъала гьей хIикматай магIарулай. Сундулъха бугеб гьеб хIикмалъи? ТIоцее йихьулей, лъалей дида кидаго лъалей гIаданалда гIадаб дандчIвай гьабуна гьелъ. Гьелъулъ батана гIаданлъиги гIадатлъиги. Бералги рукIана гьелъул гьимулелго гьимулел. РекIел матIуйилан абуларищха беразда.
Написат Рашидова ккола МахIачхъалаялъул №1 больницаялда цебе бугеб поликлиникаялда хIалтIулей участкаялъулай тохтур-терапевт. ХIалтIул къоялъул ахир бугиланги абун, бакъанида гьение щварай дун лъикI мехалда гIодой чIезе ккана. Написатил хIалтIул къо гьанжего гьанже байбихьараб гIадин букIана. Ирга щвезегIан, къватIир гIодор чIараздаги гьикъана дица гьелъул хIакъалъулъ. Киназулго букIана цохIо калам.
— Нижер Написат йиго гьаб заманалда цо дагьаб къанагIалъулеб бугеб кIудияб лъикI-лъиялъул гIадан. Гьелда свак лъаларо, унтарасул ва цогидалги жиндихъего рачIаразул къваригIел тIубачIони. Нагагь къваригIел тIубазе санагIалъи кколеб гьечIони, лъимер гIадин къварилъахъдула гьей, лъида гьардонги, нижер ракIал рохизаризе лъугьуна. Гьелъухъа гьеб бажаризеги бажарула. Аллагьас нижее йитIун ячIарай хIурулгIин ккола гьей. Нижер сахлъиги цIехон, телефоналдасан кIалъазе заманги батула гьелда, — ян абуна гьез.
Ахир-къадги щвана дидеги ирга.
Кабинет къалъ-къализабун бугоан хъахI-
макказул сипаталда гьенир ратарал Написатицаги медсестра, Шамил районалъул Бакълъухъа ХIасибат ХIажиевалъги. Дир къваригIелги бицун, гьез какал ран рахъинегIан пикрабазде юссана.
— ТалихIал гIадамал ратила тохтурзаби. Чан гIумруялъе гьез нухал рагьулел, чан талихIалда бичIчIулеб, лъалеб гьезул мацI, чан эбелалъул кочIое гьез роржен кьолеб. Гьеле гьединал чагIи руго тохтурзаби. Гьезие гIодула, гьезие релъула, гьезухъ ралагьула, кумекги гьарун, гьезде ахIи бала гIумру цIунеян. Гьезулъ бугебщинаб сабру, щивав унтарасе гьесул унтуда рекъараб. Гьезул рекIел кIутIи кидаго хIалуцахъе букIунеб батила. Гьебги сабруялда чIани, щибха унтараз гьабилеб? Тохтурасул хъахIаб халгIатги кколеб батила гьесул къисматалда чIвараб кунчIараб нурлъун. ХъахIаб кьер. Гьеб ккола чороклъи, хъублъи аскIобе къазе рес гьечIеб бацIцIалъи. Нагагьлъун гьелда ланг лъуни, гьеб ккола гIумруялда лъураб, сунданиги нахъе инабизе кIвезе гьечIеб чороклъи. Гьелъул магIнаги ккола тохтурасе ТIадегIанас мекъи ккезе, гъалатIал ккезе ихтияр кьун гьечIин абураб…
Гьединал пикрабазда йигей дир берчIва-
на Написатил столалда тIад лъун бугеб магIарул шагIир ТубхIат Зургьаловалъул «Маржанал» абураб тIехьалда. ТIехь бегулаго, тIаде ккана шагIиралъ тохтуралъе сайгъат гьарурал кочIол гьадинал жугьабазде:

— Гиппократил гьацин
БетIергьанасе балей,
Дур халгIатги, колпакги,
какикьжоги, чIумалги…
Рашидил цIар цIунарай,
тIанчIазе цIа цIунарай,
Дур эбеллъи, якьадлъи,
цинги — чIужугIаданлъи!
Мун йижараб КIуяда,
мун хьвадараб гьелъул ицц.
Гьардаралгун дахIалал дур гIагарлъи,
дур кьибил.
Гьарула, Аллагь,
цIуне гьай гIадан гIадамазе,
МагIил горо гиризе
гIилла гьелъие тоге.

ТалихI билараб лъимерлъи

Дунялалъул берцинлъи бичIчIилалде, гьелъул гьуинаб махI цIвилалдего, рещтIана Написатихъ бесдаллъи. КIиго сон гьелъ бараб мехалда, хвана эмен. Амма гьелда бесдаллъиялъул кьогIлъи лъазе биччачIо эбелалдаго цадахъ инсул эбел РахIаниятицаги. Написат гIолей йикIана кIодоэбелалъул гIакълабазул гъанситохъ. ГьитIинай Написатие гIумруялъулъ ккараб кIудияб икъбаллъун рикIкIине бегьула гьеб заманалда гьезул гьенив хасал органаздаса лъутарав кIудияв гIалим, ЦIумада районалдаса ХIайбулагь гIумру гьабун вукIинги. Эмен чIаго вугеб мехалдаго, вачIун вукIана гьев гьениве. Гьес кIудияб бутIа лъуна Написатил рухIияб бечелъиялда рухIги жанги лъеялъулъ. Жакъа къоялъги кIудияб адабалда ва рокьигун рехсола Написатица жиндие хириявлъун хутIарав инсанасул цIар.
Написат гIун ячIуней йикIана талихIаб лъимерлъун. Гьелда жеги лъалеб ва бичIчIулеб букIинчIо жиндие къисматалъ хIадурулеб бугеб цоги «сайгъат». Абуларищха бесдаллъи-ятимлъиялъул куркьбал гIемер рукIунилан. Цого кваркьиялда боржине бокьичIеб бесдаллъиялъ микьабилеб классалда цIалулей йигей Написатихъа кьурун бахъана эбелалъул кечI. Радал боцIи рохьдолъе гъезе арай гьей тIокIалъ тIадюссинчIо Написатихъе. Кьурулъа гъоркьеги йортун, хвана. Бекана Написатил, эбел хвараб мехалда гурони бекулареб рекIел тIегь.
Гьелъул бакI ккуна бичIчIизе ва къабул
гьабизе захIматаб чIобоголъиялъ. Дагь-
дагьккун гьей ругьунлъулей йикIана эбелалъул кечI гьечIеб дунялалде. Гьей Написатие хисана кIодоэбелалъ. Гьелъ гIолилай куцалей йикIана мугIрузул законазда рекъон гIумру гьабизе. АнцIго сон бараб мехалдаго Къуръан цIаларай гьей ругьунлъулей йикIана магIарул гIадатаздеги исламияб нухалдеги.

ЦIияб талихIалъул цIиял чIорал

ГIурала микьгосонил школаги лъугIизабун, 1967 соналда Написат цIализе лъугьана Каспийскалъул медучилищеялде. Гьенирги хIажалъана магIарулалъе кIодоэбелалъул гIумруялъул дарсал. Киназго мисал босулеб хьвада-чIвадиги цIала-къалиги букIана гIолилалъул. Гьеб букIун батула гьитIинго гIумруялъ ругънал лъурай, къисматалъул согIазул кьогIлъи лъарай гIолилалъе гьимулеб цIияб талихIалъул цIиял чIорал. ЦIалудаго цадахъ хIалтIиги гьабулаан Написатица. Гьей чIухIулароан кинаб бугониги хIалтIудаги. ГьитIинго лъана ва бичIчIана гьелда жиндирго гIетI тун щвараб гъурщил къимат.
1971 соналда Написатица багIараб дипломалда лъугIизабуна училище. ТалихIалъул цIурай гIолилалъул рукIана жиндирго балъголъабиги, анищалги, хьулалги. Амма кIодоэбелалъе бокьана, жиндирго бетIер бегилалде, Написат ригьнаде кьезе. Гьелъ Написатидаги бичIчIизабула гьеб.
— БитIарабги буго кIодоэбелалъул. Дида жаниб рухIги жанги лъун бугей гьелъул кин ракIбакъвазабилеб. Гьейги цееса ани, дун тIуянго бесдаллъилагури. Дица гьелъ малъараб гьабила, — ян ракIалде ккана гьелда.
ГIуцIана Написатица жийго бетIергьанаб хъизан. Бакана цIияб гъанситохъ цIияб цIа. Гьеб цIадул хинлъиялъухъ жакъаги баркала кьолеб буго гьелъ гIумруялъул гьудул Рашидие.
— Гьев вукIинчIевани, гьадинаб къисмат букIинароан дир. Рохалилъги, пашманлъиялъулъги, магIу-релъиялъулъги гьев дунгун вукIана. Гьелъ бигьалъана дие гIумруялъул сухъмахъаздаса эхеде инеги,- ян абуна Написатица.
Гара-чIварун ниж рукIаго, кабинеталде жаниве лъугьун вачIана гьев. Гьеле гьединавлъун цеве чIезавунги вукIана дица гьев. Санал ран, ботIрода саву ккун бугониги, жеги ссиялда вугев гьесул лъадуде бугеб адабалъ хIайран гьаюна дун. Къойил гьединал махсарабиги рагIулей, гьединаб каламалъ асирги гьаюлей чIужугIаданалъул талихIалъул магIна тIубанго бичIчIана дида.
ХIеренго гьесие жавабги кьун, гьесул махсарабакьа дагьайго нечезеги нечон, гьелъ Рашид рокъове нухарегIана, жий кватIилариланги абун. Хадуйги гIенеккана дун, кIалдиб хIацIу ккун, бицунеб тохтуралъул къисаялъухъ.

Къисматалъул болъабахъан

Написат хIалтIана росулъ акушеркалъун. Гьей йохун йикIунаан, гIадамазе кумек гьабизе щвеялдаса. Гьезул талихI бихьидалги, лъимер гIадин, йоха-хинлъулаан.
Заманалдасан Написатие бокьана дагьабги цIикIкIун талихI гIадамазе сайгъат гьабизе. Гьеб пикруялда 1979 соналда цIализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде.
Камиллъана Написатил махщел. Щвана гьелъие тIадегIанаб лъай. Институтги гьелъ лъугIизабуна багIараб дипломалда.
Институт лъугIаралдаса нахъе Написат Рашидова хIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул №1 больницаялда. Цебе гьелда абулеб букIун буго «Дагрыба» больницайилан. Гьений хIалтIулагоги, гIадада заман биччалароан гIолохъанай тохтуралъ. Жиндирго аслияб хIалтIудаса эркенаб заманалда гьелъ лъухьулаан больницаялъул азбар.
— Цо нухалда, хIалтIул къо байбихьилалде, рогьалилъго больницаялъул азбар лъухьулей йикIана. Унтарал рачIиналде, гIедегIунги йикIана. Киназдаго гурелъулха лъалеб букIараб дун больницаялъул «дворник» йикIинги. Лъараб мехалда, гьезул букIараб рихха-хочи. Дун йикIана хехго кIудияй гIезе ккараб лъимер. Гьединлъидал щвараб хIалтIи гьабизеги ругьунлъун йикIана, — ян бицана Написатица.
Доб мехалда больницаялда букIана жинде божилъи гьабураб тохтурилан (доверенный врач) абураб хъулухъги. Гьей тохтурлъун, къад къо гурого, къаси сордо гурого, хIалтIулей йикIана Написат. Редуктор поселокалда гьей лъаларев чиги вукIун ватиларо.
Гьелда лъалаан жинца тIаде босараб иш цIакъго тIадегIанаб ва жавабчилъи цIикIкIараб букIин. Гьелъго батила ТIадегIанасги гьелъие кумек гьабулеб букIараб. ХIисаб гьабеха цохIо минуталъ: гьанже гIадал шартIалги рукIинчIо доб мехалда, чере-хелейги квераз гьабулаан, хIукуматалъул хIалтIиги, хIалтIудаса хадуб – хъизан-рукъги, эбелалъухъ урхъарал лъималги, лъимал реэдизе урхъарай гIолохъанай эбелги. Гьеб кинабго букIинчIого букIинеги бегьулаан, хъизамалъул гъасда цIалъун Рашид вукIинчIевани.
Хабар-кIалалда ниж рукIаго, Написатил хIалтIул къо ахиралде щвана. РакIалде ккун букIана гьанже цо дагьабго гIодоре риччан кIалъазе щвелилан. Амма гьелъухъе рачIунел лъугIулелго рукIинчIо.
— Дур хIалтIул къо лъугIанагури, — ян дица абидал, гьей елъана.
— Цо-цо мехалда микьго-ичIго тIубазегIанги хутIула. Кири букIинарищ дие хIалтIудаса гIедегIун рачIунел гьезул къваригIел тIубани. Тохтурасул хIалтIул низам букIинецин бегьуларо. Щайгурелъул гьесул низамалда рекъон унтуларелъул гIадамал, — илан абуна гьелъ.
— Дагьабги захIматаб ва хIалуцараб, доб лъимал гIисинаб мехалдацин, щолароан дун ригьда рокъое. Гьанже эркенаб заман цIикIкIун буго. Дицаги хIаракат бахъула, гьаний хIалтIулей йигебгIан заманалъ, дихъе рачIанщинал унтаразул мурад тIубачIого, рокъое унгутIизе, — ян тIадеги жубана.
Ахир-къадги ХIасибатица Написатида ракIалдещвезабуна кIалбиччазе заман некIого щванилан. ТIокIай батIияй медсестра Написатида цадахъ хIалтIизе ресги букIинчIо. ГIодобе биччараб каламалъул, тIоцее гьей йихьарасулгицин рекIелъ йосулей гIолилай йигоан ХIасибат. Иманалъул цIураб гьумералъул гьей диеги йихьидалго рекIее гIуна.
ХIасибатица лъагIел бан буго Написатида цадахъ хIалтIулаго. Эбелги ясги гIадин ругел гьезухъ бахилго ялагьана дун.
— Гьаб буго кIалбиччаялъул цебехъан, — иланги абун, чайги тIуна гьелъ нижее. МугIрузул хурдузул чайги, чаялда нахъа бицунеб гьуинаб хабарги, гьединго гьуинаб Написатил къисматги. Дица цIехана гьелда лъималазул хIакъалъулъги.

Гъанситохъ рекIараб цIа даимаб батаги

Написатил руго кIиго васги кIиго ясги. Вас МухIамад ккола ФСБялъул полковник, хIалтIулев вуго РУСГИДРОялда. Яс Хадижат хIалтIулей йиго МахIачхъала шагьаралъул администрациялда. Яс Асият ккола Горводоканалалъул хIалтIухъан. Вас ХIажимурадги хIалтIулев вуго МВДялда. Написатил гIумруялъул гьудул Рашидги хIалтIулев вуго №1 больницаялъул пресс-централда.
Гьеле гьединаб талихIаб хъизамалъул гъасда цIаги бакун, паракъат йиго Написат. Гьеб талихIалда берккогеги. Гьеб батизе буго гьитIинго бесдаллъиялъул рагIдукье, лъимерлъиялдаго гIумруялъул карачелазде данде лъедезе ккарай сабру бергьарай чIужугIаданалъе ТIадегIанасул шапакъат.
— Рецц Аллагьасе. Бесдаллъи кIочене Гьес дие Рашидги кьуна, лъималги щвана, ракIалъ тIасабищараб хIалтIуе ритIухъайлъунги хутIана. Лъималазул лъималаги рукъалде руссунел руго. Гьанже дун налъулай йиго гIумруялъе – дир лъималазулъ такрарлъичIо дир лъимерлъи. Гьанже цо ахирисеб мурадги буго дир. Гьеб киналго руччабазулалда релълъараб буго: дунялалда рекъелги рокъоб гьуинлъиги. Бихьугеги умумузда лъималазул рухIел. Такрарлъугеги дир лъималазул лъималазул лъималазеги дир гIадаб лъимерлъи, — ян абуна Написатица гара-чIвариялъул ахиралда.
ЦIи-цIиял лъай-хъваяз цIия-цIиял лъалкIал тола дир рекIелъ. Гьедин ккана гьаб нухалдаги. ТIаде яхъиналдеги, чанго нухалъ ялагьана дун талихIалъ кенчIелей йигей Написатихъ. Даимаб батаги гьелъул хъизамалъул гъасда чанго соналъ цебе бакараб цIа. Абадияб батаги гьелъул хинлъи.
Гьелдаса цо батIияб тIагIамалъул хинлъи диеги щвана. Дун чIухIулей куцха гIадамаз жидер адабги гьабулел, мугIрузул тIадегIанлъиги жиделъ бугел, жидерго гIадатлъиялъ гIадамазеги кIодолъарал миллатцояздаса. Гьединазул цояйги ккола тIадегIанаб категориялъул терапевт, Дагъистан Республикаялъул мустахIикъай тохтур, Гъуниб районалъул КIуядаса Написат Рашидоваги.