Кьаралъизе чIоге

КIудияб ригьалъул гIадамазе кьаралъиялъул зарал

 

ЦIакъго тIасан ккараб цIайи медицинаялда рикIкIуна сахлъиялъе заралияблъун. Хасго кIудияб ригьалъул гIадамазул сахлъиялъе хIинкъи бугеблъун ккола кьаралъи, тIатIи рекIин. Гьеб ригьалъул гIадамазул унтабазул халгьабулеб «Геронтология» медицинаялъул централъул гIалимзабаз рикIкIунеб буго бокьараб ригьалъул гIадамазул сахлъиялъе унтилъун кколин тIатIи рекIин. Квен бихIинабиялъул рахъалъ захIмалъаби ругезул цIайи цIикIкIунеб буго ва батIи-батIиял унтабиги раккулел руго. ГIемерисеб мехалда кьариял гIадамазул букIуна артериалияб гипертония, кIиабилеб тайпаялъул чакрил диабет, атеросклероз, остеартроз ва цогидалги унтаби. Гьединал унтабаздаса чIахIияб ригьалъул гIадамал цIунизе хасал диетаби ва физическиял упражнениял рихьизарулел руго геронтологаз.

Ворхалъиялда рекъараб цIайи

Щивав сахав чиясул чорхол борхалъиялда рекъараб букIине ккола цIайиги. Гьелда абула чорхол цIайиялъул индексилан. Щивасда кIола жиндирго чорхол борхалъиялда рекъараб цIайи бугищали халгьабизе. Масала, 170 см борхалъи бугев чиясул цIайи 90 кг бугони, гьесул цIайиялъул индекс кколеб буго 31,1, гье­лъул магIна ккола гьев чиясул тIоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин абураб. Кинха гьеб индекс батизе кIолеб? Инсанасул чорхол цIайи (90 кг) гьесул ворхалъи метраздалъун бихьизабураб роценалде (1,7) кIицIул бикьила, (мисал, 90:1,7:1,7=31,1) ва гьелъул хIасил таблицаялда дандекквела. Таблицаялда рекъон, рехсараб мисалалда индекс батарав чиясул тIоцебесеб даражаялъул кьаралъи бугин рикIкIу­на. Гьеб таблицаялдаса ва чорхол цIайиялъул индекс борцунеб мисалалдаса пайда босула тохтурзабаз.

ДандбачIого хIалакълъуге

КIудияб ригьалъул гIадамазул цIайи борциналъул къагIидаян гIо­лохъаназул гIадаб букIунаро. Чорхол цIайиялъул даражаялъул бицунеб таблицаги кIудияб ригьалъул гIадамазе дандекколаро. Херав чи хIа­лакъ­лъулелъул тIатIи гуребги ччорбалги цадахъ тIагIине бегьула. Гьеб ригьалъул гIадамал хIалакълъизеян кваначIого чIани, саркопения унти лъугьине бегьула. Саркопения ккола кIудияб ригьалъул гIадамазда гьоркьоб дандчIвалеб, лугбазул ччор­бал (рилълъине, рагъаризе хIа­жалъулел ччорбал) загIиплъи. Ччорбал загIиплъиялъ чорхол къуватги лъугIизабула, сакъатлъиялде ккола. Гьединлъидал кIудияб ригьалъул гIадамазул чорхол цIайи кколеб даражаялда бугищали халгьабизе биоимпедансометрия абураб къагIида хIалтIизабула. Гьеб ккола хасаб аппараталъул кумекалдалъун инсанасул чорхолъе дагьабго токги биччан ччорбазул къуваталъул халгьабулеб къагIида. Гьелъ бихьизабула инсанасул чорхолъ кьаралъийищ яги ччорбалищ цIикIкIун ругелали. Гьелда рекъон, гьабула тохтурас даруги, малъа-хъваялги.

Геронтологазул малъа-хъваял

ГIолохъанаб мехалда чорхол цIайи цIикIкIине биччачIони, херлъараб мехалдаги гьел унтабаздаса цIунараллъун, ракIалда жо чIо­леллъун, гIакълу роцIараллъун ху­тIулин рикIкIунеб буго герон­то­ло­газ (херал гIадамазул тохтурзабаз).
ЦIикIкIараб цIайи бугел гьеб ригьалъул гIадамазе тохтурзабаз бихьизабулеб буго жиндилъ калориял дагьаб квен ва физическияб хIаракат цIикIкIинаби. Гьелдалъун цIайиги дагьлъула. ДагьабгIаги цIайи гIодо­бе ккейги сахлъиялъе лъикIаб шартI­лъун рикIкIунеб буго. ЦIайи цIакъго гIодобе ккезабизе лъугьине ва чорхое гIакъуба кьезе лъикIаб гьечIо, кIудияб ригьалъул гIадамазе дагьабго хIалакълъарабгицин гIолеб буго сахлъи рукIалиде ккезабиялъе.
КIудияб ригьалъул гIадамазул сахлъиялъе кIвар бугеблъун бихьизабулеб буго белок, гьелъ цIунула саркопения унти лъугьиналдасаги. Масала, чорхол цIайи 70 кг бугев чиясе къойида жаниб белокалъул 70 грамм хIажалъула. Кьаралъи гьечIеб гьанал 100 граммалъулъ батула 70 грамм белокалъул. ЛъикIаб букIина кьарияб гуреб гьан, яги гIанкIудал яги цогидаб хIанчIил гьан, ччугIа, багIаргьоло, гьоло квине. Гьединго кIудияб ригьалъул гIадамаз щибаб къоялъ 500 граммалдаса гIодобе ккезе биччачIого клетчатка, витаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел нигIматал, ай пихъ ва овощал квине бихьизабулеб буго тохтурзабаз. ГIатIгояб квен бихIинабизе кванирукъалъе захIмалъулеб бугони, пихъилгун овощазул пюре гьабун квинеги бегьула.
КIудияб ригьалъул гIемерисел гIадамазе жибго рахь дандекколаро. Амма хIалтIизаризе бегьула цогидал рахьдал нигIматал. Къаси йогурт кваналеб бугони, чехь-бакь сахаб букIина ва гIадалнахги гIолохъанго хутIила. Анкьида жаниб чанго цIулакьо ва хъабхъил пурчIун кваналеб бугони, депрессиялдаса ва деменциялдаса (гIакълу дагьлъи) цIунун хутIила.
КIудияб ригьалъул гIадамазул кванил тIагIамал хисула. ГIе­ме­рисел, гьитIинал лъималго гIадин, гьуин­лъиялде ва ханждал кванде рала. Цогидаз цIикIкIун цIам хIалтIизабула. Гьеб ригьалъул гIа­дамазул сахлъиялъейин абуни гьеб цIакъ заралияблъун ккола. ЦIамудаса тIубанго инкар гьабизе ккола яги гьелъул бакIалда батIи-батIиял специял яги гьел тIагIам лъикIлъизабулел жал гъорлъ ругеб цIам хIалтIизабизе бе­гьула. Цо-цо херал гIадамал жал­го жидедаго чIун гIумру гьабулел хутIидал цIакъ дагьго кванала ялъуни, гьелъул гIаксалда, жидерго къварилъи къинабизе гIо­ло цIакъго гIемер кванала, гьеб кIиябго къагIидаялъ сахлъиялъе кIудияб заралги гьабула.