Лъималазул сахлъи цIуни – эбел-инсул борч

Гриппалде данде прививкаби гьарулел руго

 

Дагьал церегIан къоязда, Ма­хIач­хъалаялда тIобитIараб республикаялъул тохтурзабазул данделъиялда, бицана исана Дагъистаналда гриппалда данде 714000 прививка гьабунин. Гриппалдаса цIуниялъе исана республикаялда миллионгун 200000 чиясе прививка гьабизе ккола планалда рекъон. ГIураб къадаралда вакцинабиги рачIун руго республикаялде.
Дагъистаналъул СахлъицIуния­лъул министерствоялъул бетIерай эпидемиолог Муслимат ХIасановалъ лъазабуна, исанасеб гриппалъул вирус захIматаб букIине бугин, гьединлъидал жиндир заманалда прививкаби гьаризе лъикIаб бугин. Вакцина тIоцебесеб иргаялда чIобого гьабулеб буго лъималазе, медицинаялъул хIалтIухъабазе, учительзабазе, чIахIияб ригьалъул гIадамазе, гьуърул, ракI унтарал гIадамазе.
ДРялъул сахлъицIуниялъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимовас абуна, районазда киналго медицинаялъул хIалтIухъабазе ва учительзабазе гриппалде данде прививкаби гьарун гьечIин. ГIемерал гIадамалгун хIалтIулеб ва хасго лъимал цIалулеб бакIалда хIалтIулез гриппалде данде прививкаби гьаричIого тезе бегьуларо. Гьединлъидал тIолалго больницабазул бетIерал тохтурзабазда тIадкъан буго прививкаби гьариялъул хIалтIул хIисабкьезе.
Хаслихълъи — гIадамазда гьоркьоб грипп тIибитIулеб заман букIин балъгояб жо гуро. Гьединлъидал республикаялъул сахлъицIуниялъул идарабазда гриппалде данде тIадчIун вакцинаби гьарулел руго. Хаслихълъиялъул квачгун цадахъ баккулеб гьеб унтигун байбихьула гIолохъанал эбел-инсудаги тохтурзабаздаги гьоркьор «бахIсал». Тохтурзабаз малъа-хъваял гьарула гриппалдаса цIунизе прививкабаз кумек гьабулин, Интернет «тохтурлъун» тIасабищарал эбел-инсуца абула прививкабаз зарал гуреб сахлъиялъе пайдаяб щибго гьабуларин, лъабабилез абула, прививка гьабуниги гьабичIониги, хаслихъе гриппалъ унтичIого хутIуларин.

Жавабчилъи цIикIкIанагIан…

Кинаб къагIидаялъ нилъер гIада­маз гриппалда дандечIей гьабулеб, тохтурасул кумекалдаса пайда босуладай? Гьелъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабуна гIолохъанал улбузда гьоркьоб.
ПатIимат, кIиго лъимадул эбел: «Дица, дунял квачаралдаса нахъе, лъимал гриппалдаса цIунизе дараби гьарула. МухIамад аварагасул суннаталда рекъон, хурдузул дараби гьарула. БатIи-батIиял вакцинаби сабаблъун сахлъиялъе зарал кколин абун, Интернеталдасан бицунеб рагIаралдаса гриппалде дандегицин прививкаби гьаризе хIинкъун чIун йиго дун. ТIоцебесеб лъимадуе киналго прививкаби гьарулаан дица. Амма прививкаби гьаруницин, лъималазул ахикь раккаралги квачалъулги унтаби рахуна гьесде. КIиабилеб лъимадуе абуни, лъабго моцI баралдаса, цогIаги прививка гьабичIо. Гьес кIиго сон бана, амма цингIаги унтун гьев тохтурасухъе вачине ккечIо. Суннаталда рекъон, сахлъи щула гьабиялъе хурдузул ва пихъил дару гьабулелъул дица гьесие».
Марият, цо лъимадул эбел: «Лъимаде грипп бахинаредухъ, прививка гьабула дица. Гьединго хIаракат бахъула квачараб заманалъ хинаб ретIел ретIине, иммунитет щула гьабулел дарманал кьезе. Даруги дица, лъимадухъе тохтурги ахIун, рокъоб­го гьабизе хIаракат бахъула. Прививка гьабунигицин цо-цо мехалда квачалъ унтичIого хутIуларо. Гьединлъидал киналго рихьизарунщинал прививкаби гьаризе ракIалда гьечIо. Лъимадул сахлъиялъе пайдаялдаса цIикIкIун зарал гьабулелин рикIкIунел прививкаби чанго рагIана дида. Гьез зарал гьабулин абун, гIадада бицунеб батиларин гIадамазин ракIалдеги ккола».
Диана, кIиго лъимадул эбел: «Гриппалде яги цогидал рахунел унтабазде данде лъималазе гьарулел прививкабаздаса дица инкар гьабуларо. Рокъоб бокьа-бокьараб даруги гьабун, лъималги толаро. Щиб кканиги тохтурасухъе уна, ва официалияб медицинаялда дандекко­лареб щибго жо гьабуларо. Прививкаби нилъер халкъалъул къадар дагь гьабизе квешал гIадамаз ургъараб сихIирлъи бугин абун, Интернеталдасан рицунел маргьабаздаги дун божуларо. Даим социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел рукIуна къватIисел пачалихъаздаса рачIунел ругин гIадамал сакъат гьарулел вакцинабиян. Цо-цо улбул гьел харбазда божулелги руго. Амма дица рикIкIуна гьелъул гIаксалда бугин хIакъикъатин абун. Нилъер улкаялда гIадамал цIикIкIинариялъе гIемерал программаби руго гIуцIун, лъимал гьариледухъ, федералияб бюджеталдаса гIемераб гIарац буго биччалеб. Гьебщинаб хIалтIуда тIад мухъ цIалеб жолъун кколарищ, квешал прививкаби гьарун, гIадамал дагь гьари?..»

Тохтуралъул пикру

Исана гриппалдаса цIуниялъе щиб дару-сабаб гьабун лъикI, яги прививкаби гьарун тIубалищали цIехон, дун щвана МахIачхъалаялъул щуабилеб поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсудиновалъухъе. Гьелъ бицана ахираб заманалда квачалъул унтиялъ цIа-кан бахарал лъималазухъе рокъое гIемер ахIулин жий.
— Гриппалдаса цIунизе кумек гьабула прививкабаз. Гьединго грипп баккулеб заманалъ, иммунитет щула гьабизе хIаракат бахъизе ккола. Цо-цояз Интернеталдасан бицунелда божун, прививкабаздаса инкар гьабулеб буго. Гриппалъул вакцина гьабизе бегьулелги бегьуларелги бакIал рукIуна, гьеб чIезабула тохтурас. Прививкаби гьаризе бегьуларо гьеб вакцинаялда жанир ругел жалазде аллергия бугони, цIа-кан бахун унтун ругони.
Гъоркьиса республикаялда тIи­би­тIун букIана корь, паратит ва месед унти. Гьел ккола некIогоялдаса нахъе гIадамазда кIочон тун рукIарал унтаби. Гьел унтаби тIиритIиялъе гIиллалъун букIинги чIезабуна цо-цо эбел-инсуца прививкабаздаса инкар гьаби.
Гриппалъ чIахIияздаса цIикIкIун лъимал унтулел руго. ГIемерисеб мехалда хъизамалде грипп бачун бачIуна лъималаз. Гьедин, хехго унти бахуна загIипаб сахлъи бугел чIахIияб ригьалъул гIадамаздеги. Инфекция бахуна гьаваялдасан, хIацIудасан. Вирус хьвадула инсанасул хIухьел цIалел нухаздасан, хадуб, гьенир ругел сахал клеткабазулъги чIун, цебеса цебе ун, щибаб вирусалъул цIияб азарго вирусги лъугьуна. Гьелдалъун гIамерисез гьадингояб гIиси-бикъинаб жоян толеб квачалъул унти буссине бегьула фарингит, ларингит, трахеит унтабазде. Амма мегIерччин яги квачалъул унтаби грипп бугин абун, мекъал пикраби рижулел руго гIадамазул, гIемерисезда гьел ратIарахъизеги лъаларо.

Грипп яги ОРВИ

ОРВИялъул унти бугони, цин мегIер бацула, хъухIуди ва ме­гIер­ччин баккула. ЦIа-кан бахун хадуб, гьеб гIодобе буссун гурони баккуларо мегIерччинги хъухIудиги. ЦIа-кан бахуна 37,5-38 градусалде. ОРВИялъул унти бугони, черх халатбахъун загIипго хутIула. Грипп абуни байбихьула хехго цIа-канги бахун, цадахъго бетIерги ччорбалги унтула. Гриппалъ унтаразул сахлъиялъе зарал ккола, гIемерисезул гьелдаса хадуб цогидал унтабиги раккизарула. Статистикиял баяназда рекъон, гриппалъ унтаразул 42 процент холеб буго. Гриппалдаса хадур гIемерисеб мехалда лъугьуна бронхит, гьуърузул унти, пневмония. Гьединлъидал квачалъул унтийищ, ОРВИйищ, гриппищ бугебали батIабахъизе лъазе ккола ва жиндир заманалда даруги гьабизе ккола.
Гриппалъ унтарав чияс гIемер лъим гьекъезе ккола. Гьесул чорхолъ бугеб лъим гIетI бан хадуб дагьлъун букIунелъул. 38 градусалдаса гIодобегIанаб температура бугони, цIа-кан гIодобе ккезабизе бегьуларо, щайгурелъул гьеб ккола организмалъ жибго цIунулеб къагIида. ЦIа-кан гIодобе ккезабиялъе лъикIаблъун ва зарал гьечIеблъун рикIкIуна парацетамол.
Тохтурасухъе инегIанги хъегIия­лъе хурдузул дараби гьаризе бегьула. ХIалтIизаризе бегьула багульникалъул гьабураб тIокIкIел, каранзул унтабазул хурдул, алтей ва гъаличуялъул гьарурал дараби.
Щекъер унтулеб бугони, гьеб хулизе бегьула махIквешалъул, шалфеялъул, календулаялъул гьабураб тIокIкIелалъ, цIамгун сода жубараб лъеца, мирамистин даруялъ. Амма щивав чиясе дандекколебги кколаребги дару букIуна, гьединлъидал лъикIаб букIина нужерго бакIалъулав тохтурасда цIехани.
ПатIимат СултIамухIамадова