ГIадада гIодорчIеялъ сахлъиялъе зарал гьабула

ЧIахIияб ригьалъул гIадамал гIемер хьвадизе кколин лъазабулеб буго ВОЗалъ

 

ГIемер рагIула кIудияб ригьалъул гIадамазда гIолохъанаб гIелалъ, нуж гIумруялъ хIалтIун сваканги ратилин, гьанжегIаги хIухьбахъиялда рокъор чIун рукIаян абулеб. Росабалъги дандчIвала, ункъойилъе раханиги, боцIи-панзги хьихьулел, рагIи-херги, данде гьабулел херал гIадамал. Дунялалъул боцIи данде гьабизе гIащикълъун, бахиллъиялъ гьабулеб жо гуребха гьез хур-хералъул хIалтIи, гьеб гьабичIони, сахлъи нахъекколеб букIун, гIумруялъго гьабун ругьунаб хIалтIи рехун тезе бокьичIого. ГIемерисел чIахIияб ригьалъул гIадамаз абула, боцIи хьихьичIони, жал унтулин, гъеж-квер битIизабизегIаги хIалтIи къваригIинарищ жидееян. Медицинаялъги лъикIаблъун бихьизабулеб буго чIахIияб ригьалъул гIадамазул сахлъи рилълъанхъиялъ ва батIи-батIиял физическиял упражненияз щула гьабулин. ЧIахIияб ригьалъул гIадамазул сахлъиялъул халгьабулеб, «геронтология» абураб хасаб рахъгицин буго медицинаялда.

2010 соналда физичес­кияб хIа­ракаталъул рахъа­л­ъ сах­лъи­цIу­ния­лъул тIолгодуняла­лъулаб гIу­цIиялъ (ВОЗ) дунялалъулго батIи-батIияб ригьалъул гIадамазе дандекколел малъа-хъваял гьарун рукIана. Гьениб буго 65 соналъул ригьалдаса тIаде арал гIадамаз гьабизе кколеб физическияб хIаракаталъул хIакъалъулъ бицунеб бутIаги, геронтология­лъул рахъалъ тохтурзабаз жидерго хIалтIулъ гьелдаса пайдаги босула. Гьел малъа-хъваяздаса пайда босани, чIахIияб ригьалъул гIадамал миокардалъул инфаркталдаса, инсульталдаса, кIиабилеб тайпаялъул чакрил диабеталдаса ва кьаралъиялдаса, гье­динго онкологиял батIи-батIиял тай­пабазул унтабаздаса, депресси­ял­даса, гIакълу загIиплъиялдаса цIу­нулин чIезабун буго гIалимзабаз гьарурал гIемерал-цIех-рехазда.
ВОЗалъ чIахIияб ригьалъул гIа­да­мазе лъикIаблъун бихьизабула гIицI­го спорт гуребги, бокьараб ра­гъа-рашари, хIаракат. ЧIахIияб ригьалъул гIадамазе сахлъи щула гьабиялъе гIураб буго рокъоб, ахикь, хуриб хIалтIи, тIабигIаталда тира-свери, хехго рилълъин, велосипедалда рекIун хьвади ва гь.ц. Щибаб къоялъ жидерго ругьунаб хIалтIуде хьвадулел ругоницин сахлъи щулалъулин рикIкIунеб буго.

Тохтурзабазул малъа-хъваял

ЧIахIияб ригьалъул гIадамаз, сахлъи щула гьабиялъул мурадалда, щибаб къойил хьвади тIасабищулеб батани, ракIалде кковухъе хьвадизе бегьуларо, гьелъие ВОЗалъ заманги къагIидаги бихьизабун буго.
Масала, хехго рилълъине бокьулел анкьида жанир 150 минуталъ рилълъанхъизе ккола. Рекерулезейин абуни, анкьида жаниб 75 минут бихьизабун буго. Анкьида жаниб рилълъанхъизе кколеб заман щибаб къоялъ цого къадаралда бащад кколедухъ бикьизе ккола: 150 минут анкьиде бикьила, гьеб ккола щибаб къойие 20 минут. Рекеризейин абуни щибаб къойил 10 минут гIола. Сахлъиялъул квалквал гьечIони, рилълъин жеги цIикIкIинабизе бегьула 300, рекери — 150 минуталде щвезегIан. Гьеб сахлъиялъе пайдаяблъун букIине бокьани, гьоркьоб къо биччачIого рилълъанхъизе яги рекеризе ккола.
Нагагь жакъа нуж 10 минуталъ гурони рилълъанхъун ратичIони, метер гьелиъе заман цIикIкIун кьезе ккола, гьединлъидал щибаб къойил хьвадизе бихьизабун букIараб 20 минуталъул бакIалда 30-40 минуталъ рилълъанхъизе кколин абулеб буго «Геронтология» гIелмияб центра­лъул хIалтIухъабазги.
Чакрил диабет, гипертония яги цогидал унтаби ругел гIадамазул къуват дагьлъула, гьезул ччорбалги загIиплъула, гьев дагьав гурони хьвадуларо. Инсанасул ччорбал гIола 50 сон базегIан, хадубин абуни гьел тIагIуна. Ччорбал цIунизе кIола анаэробиял (кислород хIажалъуларел) упражнениял гьарулел ругони. Къуваталъулал упражнениял анкьида жанир лъабгогIаги нухалъ гьаризе ккола, цо упражнение 30 минуталъ гьабила. Гьелъие дандеккола гиряби, гантелял, штанга, къуваталъулал тренажерал. Нагагь гьединал упражнениял захIмалъулел ругони, лъел шушбиги росун гьел рорхун гьарурал упражнениялцин гIола ччорбал цIуниялъе.
«Геронтология» Россиялъул гIел­мияб централъул гIалимзабаз ри­кIкIунеб буго, чIахIияб ригьалъул гIа­дамазул сахлъи щула гьабиялъе ВОЗалъ рихьизарурал упражнениял щивасул чорхол хIалалъухъ балагьун гьаризе кколин. Рилълъанхъи, рекери яги къуваталъул упражнениял тохтурзабазулгун дандбан гьаризе лъикIаб буго.
ХIадур гьабуна
ПатIимат СултIанмухIамадовалъ.