СагIидбеговасул къагIида

Унтаразе хIажатаб, тохтурзабазе чара гьечIеб

 

Италиялъул тахшагьар Рималъул «La Sapienza» университеталъул профессор, тохтур-невролог Жалал СагIидбегов Дагъистаналдеги вачIун, хIалхьи гьабиялъул бакIалда, унтарал чIорого сах гьарулелалдаса гIемерал сонал руго.
Исана июль моцIги ккана профессорасе гIагараб ракьалда цIакъго хIалуцараблъун. Дагъистаналъул ми­ллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъиялда жамгIияб гIуцIиялъул председатель ХIасанхIусен ГIабдул­жа­лиловас СагIидбеговасе кьуна «Честь и гордость Дагестана – Золо­той орел» — абураб орден. Гьелде тIа­деги, гьал къоязда Дагъистаналъу­л пачалихъияб университеталда букIа­на профессорасул «Если болит спина» абураб цIияб тIехьалъул цебелъейги.
ЛъаратIа районалъул Хадиял росулъа Жалалил дунялалдаго цIар рагIана хIалтIуде бугеб рокьиялъги, бажариялъги, гьунаралъги. ТIолабго дунялалдаго гьечIо гьес гIадин инсанасул мугъзагьодалъул унтаби сах гьарулев тохтур. Гьев лъала Италиялда гуревги Россиялдаги, Япониялдаги, ГIизраилалдаги, Болгариялдаги, Германиялдаги, Канадаялдаги ва гIемерал цогидал улкабаздаги. Машгьурав профессорасул цIар тIибитIун буго киса-кибего.
1991 соналдаса нахъе гьев ва гьесул вас Рамазан хIалтIулел руго Рималда. Гьенив СагIидбегов рикIкIуна цIар рагIарал тохтурзаби-преподавательзабазда гьоркьов бищунго машгьуразул цоявлъун. Жакъа къоялде щвезегIан гьес хъвана нусгоялдаса цIикIкIун гIелмияб хIалтIи, тохтурзабазе малъа-хъваял ва пайдаял тIахьал. Гьединго Жалал СагIидбегов мустахIикълъана Италиялъул тохтурзабазул Орденалъе, гьев ккола мугъзагьодалъул унтабазул хаслъабазул Америкаялъул университеталъул хIурматияв член.
Жакъа ракIчIун абизе бегьула Жалал ХIажиевич кколин дунялалъе­го хIажатав тохтурилан. Гьелъги батила профессорас, операция гьабичIого, мугъзагьод сах гьабулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь цоцахъе бахъи гьабулебги. Гьединабго хIужа ккана ДГУялъул деканаталда гьесулгун данделъи тIобитIулеб заманалдаги. ТIохьол презентациялде рачIун рукIана гIемерал тохтурзаби, гьудул-гьалмагъзаби, журналистал ва цогидалги. Данделъи бачунеб букIана ДГУялъул электрониял СМИязул кафедраялъул заведующий Илман ГIалипулатовас.
«Если болит спина» абураб тIохьол хIакъалъулъ бицуна­го, СагIидбеговас абуна гьеб кко­лин жиндирги васасулги кIи­къо­гогIанасеб соналъул хIалтIул хIасилилан. ЦIалдолезда бичIчIулеб хIалалда хъван буго живго росулъ гIеялъулги, ракIалда чIарал лъугьа-бахъиназулги, тохтурасул хIалтIи тIасабищиялъулги, гIолохъанлъи тIамураб къагIидаялъулги, Москваялда букIа­раб цIалулги ва Рималде ине ккеялъулги хIакъалъулъ. Гьелдаго цадахъ бицунеб буго, операция гьабичIого, мугъзагьодалъул грыжа сах гьабулеб къагIидаялъулги. Гьебин абуни ккола тохтурзабазе унго-унгояб справочник гIадинаб жо. ТIехьалда лъун руго гIемерал сураталги, ай бицунебщинаб лъикI бичIчIизе букIине.
Профессорас бицана мугъзагьо­далъул хIакъалъулъ хъварал тIа­хьалги гIелмиял макъалабиги гIемер ругила, амма гьезда бугила гIемерал дандеккунгутIиял, ай унтараз жал хIалтIизаризе бегьуларел. Цоги гIилла, 1982 соналда Николай Андреевич Касъянил «Мануальная терапия при остеохандрозе позвоночника» абураб монография хъваралдаса гIемераб заман инги. Гьал ахирал соназда Касъянил «цIалдохъабаз» гIадамал сах гьариялъул бакIалда, унтизарулел рукIинги, ай гьесул методика мекъи хIалтIизабулеб букIиналъул хIасил кколин гьебилан. Жакъа 35 сонил ригьалдаса тIаде аразда гьоркьоб 80 процент гIадамал мугъ унтарал руго. Гьел сах гьарулел Касъянил къагIида цIунун букIарабани, кинабго дунялалдаго кIвезе букIана унтаразул къадар дагь гьабизе. «Дун талихIавлъун вукIанин абизе бегьула чанго соналъ Николай Алексеевичасда цадахъ хIалтIизе, унтарал сах гьаризе рес щвеялдаса. Гьес дида абулаан СагIидбегов жиндир ученик вугилан. Гьесул гIумрудул ахирал соназ ниж лъугьана гьудулзабилъунги», — ян бицана профессорас.
Гьелдаго цадахъ Жалал ХIа­жиевичас абуна, щвараб лъаялда гIей гьабун чIечIого, цIи-цIиял къагIидаби рекIелъанги риччан, гIелмиял ресалги хIалтIизарун, жинца ургъанила НИРПИС абураб, ай операция гьабичIого бищун захIматабги грыжа сах гьабулеб хасаб къагIида. Гьесухъ гIенеккизе рачIараз цIехолеб букIана гьеб хIалбихьи цогидазеги гIахьал гьабизе бегьуларищилан. Щайгурелъул гьеб къагIида дунялалда лъицаго хIалтIизабуларелъул. Гьесги жаваб кьуна, вас Рамазан ругьун гьавулагоги гIемерал сонал анин, гьеб къагIида лъазе ккани, жинда аскIовги чIун, 7-8 сонгIаги базе кколин тохтурас. Гьелгощинал соназ цадахъ хIалтIизе ва цIализе студентасул сабурги гIоларила ресги букIунарила. Чанги рагIула СагIидбеговасул къагIида хIалтIизабулин абулеб. Амма гьединаз унтарал жеги щокъ гьаризе рес бугинги абуна профессорас.
«Чанги чиясда ракIалде ккола жидехъаги бажарулин унтаразул черхалъе гьединабго тимар гьабизе. Цо-цояз абула жидецаги бегьуларищин рокъорги чIун дуца малъухъе, абухъе черхалъе «гIакъуба» кьезе. ТIаде балагьун бигьаялин ккеялъе гIоло, дир гьел къагIидаби руго гIемерал хаслъаби жиндилъ ругел ва гьел лъанин кканиги чи унтизавизе бегьулел. Мугъзагьод буго инсанасул черха­лъул хIуби. Гьелда бараб буго гIемераб жоги. Гьодил цо бутIаялъе жагъаллъи ккани, унтула черхалъул цогидаб бакIги», — ян бицана СагIидбеговас.
Гьединго профессорасе суалал кьуна тохтурлъиялда хурхарал гурелги, гIумруялъул хIакъалъулъги. Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму МухIамадовалъ рикIкIана профессорасде жинцаго гьабураб «Вусса, Жалалудин, инсул ракьалде» абураб кечIги. СагIидбегов Да­гъи­станалда вугин абун рагIун, данделъиялде рачIун рукIана гьес сахги гьарун бусадаса рахъаралги жеги сахлъи бокьаралги.
ПатIимат Расулова