Устарасда релълъараб букIуна хIалтIиги

ЛъикIав инсанго гIадин, лъикIав махщелчиги вуго Сапарилав МухIамадов

 

Сапарилав МухIамадов ккола Каспийск шагьаралда бугеб живго бетIергьанаб «СагIид ва Компания» цаби-гIусазул поликлиникаялъул нухмалъулев. Гьев ккола Къорода росулъа. ГIагараб росулъ школаги лъугIизабун, ана армиялде. Гьелдаса хадув Сапарилав цIализе лъугьана Дагъистаналъул мединституталде. ЦIали лъугIидал, 1985 соналда хIалтIизе витIана Псков областалъул Хилово шагьаралде. Гьениб 13 соналъ нухмалъи гьабуна цаби-гIусазул поликлиникаялъе.
1997 соналда Сапарилав хъизан-лъималгун тIадвуссана Да­гъис­таналде. Лъади Раисат хIал­тIизе лъугьана республикаялъул неврологиялъул централде. Сапарилас рагьана живго бетIергьанаб поликлиника.
Долдаса нахъе ана 20 сон. Жа­къа клиникаялда хIалтIулев вуго 37 чи. Поликлиника хьезабун буго жакъасел технологиязда­лъун. Къого соналда жаниб поликлиникаялъ къабул гьавун вуго нусазаргоялдасаги цIикIкIун унтарав.
Цадахъ хIалтIулезги тIадегIа­наб къимат кьолеб буго Сапариласе, тохтур ва инсан хIисабалда. Ма­сала, тохтур-стоматолог Па­тIи­мат Айдаевалъ гьадин бицана:
— Поликлиника рагьаралдаса нахъе хIалтIулей йиго дун Сапариласда цадахъ. Гьесухъа бажарана жакъасеб медицинаялъул тIалабазде дандекколеб идара гIуцIизе ва цIунизе. Гьединго гьанир хIалтIулел руго тIадегIанаб даражаялъул махщалил тохтурзабиги, — ян.
— Поликлиникаялда дун хIал­тIулей йиго 2018 соналъул октябралдаса нахъе. ЦIакъ йохарай йиго гьадинаб гъункараб, махщел бугезулги хIалтIулезулги къимат бугеб коллективалде ккеялдаса, — ян бицана медсестра Севиндж ИсмагIиловалъ.
— Сапариласе, Россиялда хIал­тIу­лелъул, щвана тIадегIанаб цIар­ги. Гьев ккола Псков областа­лъул мустахIикъав тохтур. Гьениб щвараб хIалбихьи гIадада ккечIо. Ва гьес рагьана цаби-гIу­сазул поликлиника. Нижеца Са­париласда СагIидилан абула. Гьединал гIадамал ракьалда гIемерлъулелани, гIумру дагьабги берцинлъилаан, — ин бицана «Дагътехкадастр» цолъиялъул Каспийскалда бугеб МУПалъул филиалалъул директор МухIамад Зулпукъаровас.
КМШИялъул директорасул заместитель Светлана Корниенко:
— Дида Сапарилав лъала 1997 соналдаса нахъе. Нижер хъизан гьесул поликлиникаялде уна цаби-гIусал сах гьаризе. Гьев вуго жавабчилъи цIикIкIарав тохтур.
Гьеб батизе буго гьесие лъимерлъиялдаго щварал дарсалги. ГьитIинго хвана эбел-эмен. ГIисинал вацал-яцазул тIалаб гьаби тIаде ккана Сапариласде. Гьес гьезие лъикIаб тарбия кьуна. ЦIализеги лъай щвезеги кумек гьабуна. Ва нухарегIана цIияб гIумруялде.
«ГIагараб Дагъистан» гIу­цIия­лъул хIукмуялдалъун Сапарилав МухIамадовасе кьуна «Миллияв БахIарчи» абураб цIарги меседил цIваги.РакI-ракIалъго гьес­да шапа­къат­ги баркун, по­лик­линикая­лъухъ­ги ялагьана дун. Щи­баб ка­бинеталъул бугоан жин­дирго хас­лъи. Клиникаялда све­рухъ бу­геб рацIцIалъиялдаги кве­­гIен­лъиялдаги бахиллъизе ба­чIана: киса-кирго чIун руго гъутIби ва тIугь­дул.
Гьединабго бацIцIадаб ва ро­цIараб буго Сапариласул гIум­ру­ги. Лъади Раисатгун цадахъ гьес гIезабуна лъабго лъимер: кIи­го яс ва цо вас. Гьел киналго ин­сул нух­дасанги ана.
ПатIимат Алед­зие­ва,
РФялъул Журналистазул
союзалъул член