ТIадагьлъи, сахлъи ва берцинлъи

ГIорцIарабги рахIатабги гIумруялъ кидаго гуро лъикIалде рачунел

 

Интернеталдаса пайда босизе рес щваралдаса нахъе гIемерисезул гIадатлъун лъугьун буго тохтурасул малъа-хъваязул бакIалда интернет-сурсатал хIалтIизари. ХIалакълъизе бокьани къаси анлъго тIубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, пихъ цIикIкIун квине кколин, пиринчIул лъим гьекъейин Интернеталдасан бокьа-бокьарав чияс гьарулел малъа-хъваязухъги гIенеккун, цо-цояз жидерго сахлъиялъе зарал гьабула. Цо-цояз, хIалакълъизе бокьарал гIадамалги махсараде ккун, Интернеталъул кумекалдалъун лъикIаб бетIербахъи гьабулеб буго. ХIалакълъизе гьекъолел хасал дараби ричулел сайталги гIемер ратула гьенир. Цо-цо дандчIвала кваналеб мехалда лъим цIикIкIун гьекъеян малъулел диетологалгицин.
Кьаралъиялъ инсанасул сахлъиялъе зарал гьабизеги бегьула. Медицинаялъ кинал ресалха рихьизарун ругел кьаралъиялде данде? ГIалимзабаз гьеб рахъалъ гIемерал цIех-рехал гьаруна. Тохтурзабаз малъулеб диетаги соналдаса соналде хисулеб буго. Интернеталдаса босараб рецепталда рекъон хIалакълъаниги, гьединал къагIидабаз сахлъиялъе зарал ккезеги бегьула. Кьаралъиялдаса цIунулаго гIадамаз сахлъиялъе зарал кколел гIемерал гъалатIал гьарулел ругин абулеб буго гIалимзабазги. Кинал гъалатIаздасаха нилъ цIунизе кколел?

Овощал гIемер кванай –
кванирукъалъе гIакъуба

Цо-цо диетологазул гIадатлъун букIана хIалакълъизе бокьараз кваналеб кванил калориял рикIкIунеб. Дагьаб къадаралда гурони килокалориял кьоларел нигIматаллъун овощал рикIкIуна, гьединлъидал овощал кванан диета гьабула цо-цояз. Амма гьеб къагIида хIалтIизаби гIалимзабаз мекъаблъун бихьизабула. Махщел бугел ва жидерго иш лъалел диетологаз жидехъе кумек гьарун рачIарал гIадамаз кунеб кваница кьолеб энергия рикIкIунаро. Щайгурелъул щивав чиясул квен бихIинабиялъул хехлъи (метаболизм) батIи-батIияб букIуна. ХIалакълъизе кумек гьабула цо кинал рукIаниги хасал нигIматаз гуреб, гьеб къваригIел гьечIеб кьаралъи лъугьиналъе гIилла тIатинабизе кIвани. Кьаралъиялъе 50 батIияб гIилла букIине бегьула.
Цо-цояз хIалакълъизеян кваналеб гIурччинлъиялъулъ (хъапустIан, сельдерей ва цогидалги овощазулъ) аслияб къагIидаялда букIуна клетчатка. Амма гьеб инсанасул кванирукъалъе захIмалъула бихIинабизе. Овощал гIемер кваналел ругони, кванирукъалъур ва бакьазухъ рукIунел пайдаял бактериязухъаги гьезде дандечIун бажаруларо. Гьелъул хIасилалда чехь гьорола, къвакIула, унтула, гьурал лъугьуна, риххел щола. Гьеб хIал тIадеги хIалуцуна, бихIинабизе захIматаб нигIмат — хъапустIан кваналеб бугони.
Витаминал ва микроэлементал гъорлъ ругел овощал хIажат руго квен бихIиналъул рахъ рукIалиде ккезабизе. Амма цIакъго цIикIкIун гIурччинлъи ва овощал кванаялъ сахлъиялъе зарал гьабизе бегьула. Гастрит ва кванирукъалъул цогидал унтаби ругел гIадамаз овощал гIисинги гьарун яги ххенон гурони кваназе бегьуларо. ГIатIгоял овощал кваналеб бакIалда лъикI букIина гьел режун яги релъун кваналел ругони.

Лъеца гIорцIизаруларо

Цо-цояз абула, хIалакълъизе ккани, гIемераб лъим гьекъезе кколин. ГIемераб лъим гьекъолеб бугони, гьелъ кванирукъги цIезабун квандаса ракIбуссинабулинги рикIкIуна. Лъеца кванирукъалда тIадецуй гьабиялъ гIадалнахги «махсараде кколин» ва лъеца гIорцIидал кваназеги бокьуларин. Амма нилъ гIорцIун рукIин гIадалнахуда лъазабулеб гIаламатлъун ккола кванирукъалде бугеб тIадецуй гуреб, бидулъ чакрил къадар цIикIкIин. Кванирукъалъул сок дагьаб гурони лъугьунарел гIадамазе радал мачIикьаго яги кванда цадахъ лъим гьекъезеги лъикIаб гьечIо. Сахлъиялъул гьединаб гIунгутIи бугезе, кванан хадуб 10-15 минуталдасан гурони лъим гьекъезе лъикIаб гьечIо, гьебги цохIо стакан.
Хехго гIорцIизе ва кьаралъичIого хутIизе бокьараз батIи-батIияб ролъул тIахьдиялъул карщал квине бегьула. Гьелъулъ пайдаял жал цIакъго дагьал рукIуна, амма квен бихIинабулел лугбузухъан унаго тIахьдиялъулъ лъим чIола ва гьеб нигIмат жеги буччун бачIуна, ва гIорцIарал кинигин ккезарула. Гьелъ ракъиги гIодоцинабула ва кунеб жоялъул къадарги дагьлъизабула. ТIахьдиялъ гIорцIизарула, ва гьелъул 100 граммгун цадахъ 300-400 грамм лъел ккола ургьибе. ТIахьдиялъул квен кваналелъул аслияб шартIлъун ккола гьекъолеб лъел къадар цIикIкIин (сордо-къоялда жаниб 1,5-2 литр).

Къасимехалъ кваназе бегьулищ?

Къаси сагIат анлъго тIубаралдаса нахъе кваназе бегьуларин, гурони кьаралъулин абураб жоялда божун кваначIого чIола гIемерисел хIалакълъизе бокьарал. Амма гьеб къагIидаги хIалтIизабун, тIубараб къоялъ бокьанщинабги кванан хIалакъ­лъизе рес гьечIо. Гьеб рахъалъ цIех-рех гьабурал гIалимзабазул пикруялда рекъон, къаси анлъго тIубаралдаса хадуб кваназе бегьула. Амма углеводал гъорлъ ругеб квен гуреб, дагьабго тIадагьаб квен квине лъикIаб буго. Къаси квине бегьула тIерен гьабун къотIун бежараб гьанал яги ччугIил кесек ва углеводал гъорлъ дагьаб цогидабги квен. Амма къасимехалъ пиринчI, картошка, макаронал яги торт кванани гьелъ бидулъ инсулиналъул къадар борхизабизе буго. Инсулин абуни ккола кьаралъиялъе рагьараб каву. Гьединго гьелъ кьаралъи бихIинабулеб гормон лъугьинеги биччаларо. Гьединлъидал къасимехалъ углеводал кваназе лъикIаб гьечIо. ХIалакълъизе бокьани, лъикIаб букIина углеводал гъорлъ ругеб квен дагь гьабуни. Сордо-къоялда жаниб 40-60 грамм углеводазул кванарабги гIола. Гьебги ккола 3-4 помидор.

Пихъицаги кьара гьарула

Цо-цояз абула, хIалакълъизе диета гьабулаго, бокьанагIан пихъ кваназе бегьулин, гьелъул пайда гуреб зарал букIунарин. Амма гьеб мекъаб пикру буго. Кинабго пихъилъ букIуна чакар, гьебги цIикIкIараб къадаралда. Гьеб ккола фруктоза. ЦIолболъ ва бананазулъ букIуна конфетазулъгогIанасеб чакар. Гьединлъидал бокьараб пихъицаги кьаралъизе бегьула.
Цебе чакрил унти бугезе гIадатияб чакрил бакIалда пихъ кьолаан. Амма дагьаб цебегIан гIалимзабаз гьарурал цIех-рехазул хIасилалда лъазе кIвана фруктозаялъул зарал глюкозаялдасаги цIикIкIараб букIин. Гьелъ тIул кьаралъизабулеб буго.
Гьеб гуребги, фруктозаялъ ракъиялъул гормон лъугьинабула. ГIемерисеб мехалда пихъ кванан хадуб ракъун ратула нилъ. Ахираб заманалда базаралда бичулеб къватIисел пачалихъаздаса бачIунеб пихъилъги витаминал ва пайдаял минералал цIакъго дагьго гурони ратуларин чIезабулеб буго гIалимзабаз. ЦIикIкIкIунисел витаминал ва пайдаял жал щвезе бегьула белок гъорлъ бугел нигIматазулъа – ай ччугIидаса, гьанадаса.
Цо-цояз, диета гьабулебин абун, къойида жаниб цохIо нухалдаги кванан къокъабго заманалда хIа­лакълъизе хIаракат бахъула. Амма хIалакълъун хадуб бокьа-бокьараб жоги кванан цIидасанго кьаралъула. ХIалакълъизелъун диетаялда чIун рукIаразда лъикI лъалеб батила, хIажат гьечIеб кьаралъи нахъе ина­биялдасаги захIматаб букIин хIа­лакълъун хадуб тIаде килограммал рахине риччачIого чIей. Статистикаялъул баяназда рекъон, хIа­лакълъизе гIоло диета гьабуразда гьоркьор щуго процент гурони хIа­лакълъуларо, ва гьезда гьоркьосаги щуго процент гIадамазул гурони гьеб хIасил цIунун хутIуларо. Гьединлъидал хIалакълъизе ракIалде ккун батани, тохтурасул малъа-хъваязухъ гIенеккун, кидаго дандекколеб диета тIасабищизе ккола.

ХIамамалъ хIалакъ гьаруларо

Цо-цояз рикIкIуна хIамамалда черхги багIаризабун, гIетIгун цадахъ кьаралъиги биун бачIунин абун. Амма гIетI – гьеб кьаралъи гуро, лъим буго. Кьаралъи гIетI гIадин тIомолъа къватIибе бачIунаро. КъваригIел гье­­­чIеб кьаралъи биинабизе кIола гIицI­­го ччорбазулъа, гьебги ччорбал гIемер хIалтIизарун. Гьелъие гIоло тренировкаби гьаризе ккола. ХIухьел цIазе захIмалъулеб хIалалда ччорбал хIалтIизарулел ругони кьаралъи биунаро. ХIалакълъизе ккани щибаб къойил 40-60 минуталъ къватIир ба­цIцIадаб гьаваялда рилълъанхъизе лъикIаб буго.
ГIемерисез абула хIалакълъу­ле­лъул тIоцебе гьумер ва керен хIа­лакълъулин. Гьеб бараб буго гьел лугбазда би лъикI хьвадулеб букIиналда. Чехьалдаса ва цогидал лугбаздаса кьаралъи тIагIинабизе бокьани, гьел лугбазда би лъикI хьвадизабизе ккола. Би лъикI хьвадизабула массажалъ яги хIамамалъ.
Ахираб заманалда чакаралъул бакIалда гьеб хисулеб нигIмат хIалтIизабизе байбихьун буго. Амма гIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда рекъон, гьеб нигIматалъ кванде гъира базабулеб буго. Гьединлъидал, черх махсараде кквеялъ щибго лъикIлъи гьабуларо, цин щай кьаралъулел ругелали гIилла батизе ккола.
ПатIимат СултIанмухIамадова