Халкъияб медицина

Хурдузул тохтур

 

Дараби гьекъезе ккола лъиданиги лъаларедухъ, гурони гьез кумек гьабуларо

Физкультурияб институт лъугIун хадув, гIолохъанав  махщелчи хIисабалда, ТIагьир хIалтIизе витIана ГЭСал ралеб гIуцIиялъул школалде. Гьений завучлъун хIалтIулей йикIана Валентина Михайловнаги, Дагъистаналде  хIалтIизе ячIарай гIурус мацIалъул учительница.

— Дица физкультураялъу­л дарсал кьеялдаго цадахъ бачунаан тIадагьаб атлетикая­лъул рахъалъ секцияги. Ир­га­­дулал къецазда нижер коман­даялъе щвана кIиабилеб бакI. БагIарараб къоги букIун, нижеца хIисаб гьабуна, тIаде рачIарал гьалбалги рачун ГЭСа­лъул хIорихъе чвердезе ине. Диегоги цIакъ бокьулаан лъедезе. Гьеб нухалда дун сири бан лъугьана ва лъабабилеб къоялъ радал дида тIаде вахъинего кIвечIо…
… КIикъойиде бахун бугин цIа-каниланги абун, тохтурас дун больницаялде вачана. Цо-кIиго моцIидасан байбихьана гIисинккун хъегIизе. Тохтурзабаз хъварал дараби гьекъезе байбихьидал, аллергияги ба­гъарана. Щибаб соналъ вегизе кколаан больницаялдаги. Гьединав учитель лъиеха вокьилев? ХIатта цIалдохъабаз дида лъун букIана «ХъегIело» абураб тIокIцIарцин. Тренерасул хIалтIиги тезе ккана. Заманалдасан дача босана дица. Хьолбохъ бугеб дача букIана «Эльтав» заводалъул хIалтIухъан Сиражудинил. Гьесул хъизан Написат дачаялде къанагIат гурони ячIунароан. Гьаб нухалда дачаялде щварав дида йихьана гьение ячIарай Написат.
— ЙорчIами, Написат! Сахлъи кин бугеб? Мун лъикI гьечIилан абулаан Сиражудиница.
— ЛъикIав мадугьал мун вукIаравани, ТIагьир, диде ваккизе вачIинаан, Сиражудиница бицарабщиналдаги божун вукIинчIого, — ян махсара гьабуна гьелъ. — Жаниве вачIа, Сиражудинги вугин гьанив гIебедечIван.
Дун Сиражудиница жиндаго аскIов гIодов чIезавуна. Гьалъул-долъул бицана. Дица Написатида нахъеги цIехана сахлъиялъул хIакъалъулъ.
— ЦIакъ лъикI йиго, ТIагьир. Баркала Валентинае, гьелъ хва­сар гьаюна дун, — ан абуна гьелъ­ги.
— Щий Валентина? Нижер школалда йигей Валентина гурони дида тIокIай Валентина лъаларо. ЦIияй тохтурищ ячIун йигей?
— Валлагь гуроха, ТIагьир. Гьей йиго нужер школалъул завуч. Дир ракI унтараб букIин чанго соналъ цебе чIезабуна тохтурзабаз, — ан байбихьана Написатица. – Ахираб заманалда иш лъикI букIинчIо. ГьитIинго росулъ гIурай дида хур-хералда квалквадичIого чIе­зе кIоларо. Гьелъ букIана Си­ражудиница босун гьаб бакI­ги. ГIодое къулизе, тIаде йор­хизе ккедал, бетIер сверула­ан. Дида руччабаз бицунеб ра­гIана Валентинада хурдузул мацI лъалин абун. Дунги ана гьелъухъе ва гьалеха сах гьюна.
Дица гьелда цIехана щиб даругIаги гьелъ дуе гьабурабилан. Написатица гьадин бицана: «Рахьдал литралде гъорлъе рехула ункъо-щуго гожо ражидал. Лъеберго минуталъ белъинабула ражи рахьдалъ. Цинги, хинлъизегIанги тун, катницаги цIун, къойида жаниб кIудияб гъуд цIун, лъабго нухалъ гьекъола. Гьале ахираб лъабго моцIалъ дица гьекъолеб букIараб дару. Аллагьасе рецц, рекIел унти тIагIана. Къула-йорхулелъул бетIерги сверуларо, — ян.
Циндаго гIисинккун хъе­гIи­зе дун лъугьиндал, Написатица абуна Валентинал дача гьаниса гIемер рикIкIад гьечIин, гьелъухъе цадахъ рилълъинин. Гьелъухъе щведал, гIодор чIайилан нижедаги абун, гьей чай хIадуризе жуяна. Гьекъолаго чайгун, дица гьелда бицана дирго гIузруялъул.
— ХъегIиялда цадахъ тулеб жо букIунищ? — ан цIехана гьелъ. БукIунарин дица абидал, гьелъ бицана жиндир кIодоги кIудиги рукIанин хурдузул тохтурзаби ва гьездаса ругьунлъун ругин эбел-эменги.
— Хъалиян тезе ккола, кIолищ? КIолареб батани абе, гIадада дун квалквадизе тIамичIого. Дица абураб къагIидаялъ, жиндир заманалда, кьурал хурдузул дарабиги гьекъезе ккола. Лъиданиги цIарги бахъуге, гурони даруялъ кумек гьабуларо.
ЛъикI бугиланги абун, бай­бихьана хурдузул дараби гье­къезе. Ункъабилеб къоялъ хъегIиялда цадахъ твизе байбихьана ахтуги. Дица щи­баб къойил бицунаан Вален­тинае ккарал хIасилазул хIа­къалъулъги.
— Гьуърузул мащабазда жаниб хьверд, цемент гIадин бохьун букIуна, — ян бицана гьелъ. — Хъалияналъул кIкIуйца гьеб щула гьабун гу­рони къватIибе биччаларо. КъоркъотIанхида ца­дахъ гьекъарал хурдуз, хьверд тамахлъизабула ва дагь-дагь­ккун къватIибе кьаб­гIула.
Гьедин ккезеги ккана. Цо моцIидасан дир хъегIи­ги къотIана, гьуърулги рацIцIа­лъана.
— Валентина кийха йигей, гье­лъул хадусеб къисмат кинаб ккараб? – абун суал кьуна дица.
— Пенсиялде индал, гьей ана жиндирго ватIаналде — лъималазул рокъоса рачарал кIияйго ясгун — Волгоград областалъул Михайловка шагьаралде. Хадусеб къисмат лъаларо.
МухIамад КъурбангIалиев