Тохтурасул малъа-хъвай

Ибрагьимица хIалтIи чIаголъизабуна

Районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул къадаралъухъ балагьун биччала больницаялъе ФОМСалъ гIарац

Шамил райбольницаялъул бетIе­рав тохтурлъун Халилов Ибрагьим тIамуралдаса жеги лъагIелцин сверичIо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана гьенир гIемерал хиса-басиял гьарун. Гьес гьабураб ва гьабизе бугеб хIалтIулги бицун, нижер мухбир Сайпула Гьи­тIинамухIамадовас гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
— Ибрагьим, мун гьаб хIалтIуде вачIиналъе гIилла щиб ккараб?
— Танка Ибрагьимов министрлъун вугеб мехалъ, дидаги гьикъичIого, гьабун батана хIукму дун Гьидалъ участкаялъул больницаялде бетIерав тохтурлъун витIизе. Гьесдаги гьеб жамагIаталъ гьарун букIун буго. Гьедин ТIидив хIалтIулев вукIарав дун цIияв министрас гьаниве витIана.
— Мун хIалтIуде лъугьаралдаса гIе­мер заман инчIониги, бихьулеб буго больницаялда чIаголъи лъу­гьинабизе дуца бахъулеб бугеб хIа­ракат. Сундаса хIалтIи байбихьараб, щиб гьабизе кIвараб ва хадубккун сунде кIвар кьезе бугеб?
— ВачIун мех балелдего, байбихьана батIи-батIиял идарабаздаса халгьабулел чагIи рачIине. Гьез тIалаб гьабулеб жоги буго законалда ре­къон хIалтIи. Къокъабго заманалда жаниб щвана росабазул ФАПазде, амбулаториязде, больницабазде. Киса-кибего гьабуна инвентаризация, балагьана гIолареб жо щиб бугебали. КIвар кьуна лъималазул диспансеризация гьабиялде. Росабалъе инеги, цIиял стандартазда рекъон хIалтIи тIалаб гьабизеги гIуцIана тохтурзаби-специалистазул кIиго бригада. Районалъул больницаялда лъималазул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. ТIаде росана гIоларого рукIарал специалистал. Гьел жеги росизеги руго. РакIалда буго гьоркьохъел медхIалтIухъабазул аттестация гьабизе, кIвар кьолеб буго, МФЦялъул ресаздаса пайдаги босун, тохтурзабазухъе унтарал цереккунго иргаялда цIарги хъван рачIунеб къагIида гьабизеги.
— ХIалтIи лъугьине ккани, хIа­жа­лъула санагIатал шартIал, тIад­къараб иш тIубалеб коллектив, щулияб материалиябгун техникияб база. Гьеб рахъ кинха бугеб?
— Материалиябгун техникия­б база хIажат буго цIигьабизе. Коллектив лъикIаб буго, амма тIадкъалел ишал гIемерлъун руго. Дирго хIалтIул график босани, дица медхIалтIухъаби тун, гIадамал къабул гьаризе чIезабун буго хасаб заман, ай къад сагIат 2-ялдаса хадуб. Амма гьел гIемерлъиялъ жеги заман халатбахъи­набизе ккола. Кадрабазул бицани, хIажат ру­го кардиологгун терапевт. Жакъа хIал­тIулел тохтурзабиги руго ригь арал.
— Шамил райбольницаялъ къабул гьарулаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезие кумек гьабизеги гьел сах гьаризеги квалквал бугищ?
— Хехаб кумек гьабизе щибго квалквал гьечIо. Амма гьанир регун сахгьаризе ккани, унтарасухъ букIине ккола гьес гIумру гьабулеб районалъул больницаялъул бетIерав тохтурас мугьруги чIвараб, гъолбасги гьабураб кагъат. Яги, гIарзаги, паспортги, полисги росун, цоги районалъул чи вачIине ккола, гьаб соналъ жиндие медицинаялъулаб хъулухъ гьабейин гьанибиланги абун. Районалда ругезул къадаралъухъ балагьунлъидалха ФОМСалъ гIарац биччалеб. Чанго районалде унеб нухда бугеб бакI букIиналъ, Шамил районалъул больницаялда буго компьютерияб томографги. Гьелде хIажалъи ккаралги гьанире рачIине бегьула.
— Ибрагьим, жакъа районалда гьечIо эпидстанцияги, тохтурзабазе бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабизе хIалтIуларо бакIалъулаб телевидениеги. Профилактикиял хIалтIабазул, профпрививкабазул иш кинха бугеб?
— Профпрививкабазул иш лъикI букIинчIо. Гьебги гIадлуялде бачине кIвана медхIалтIухъабаз школазда, мажгитазда, росабалъ гIемераб хIалтIи гьабун хадуб. Руго росун хасал термоконтейнералги. Щибаб бригадаялда цадахъ росабалъе у­на райэпидемиологги. Цогидал райо­назда гьечIеб, амма нижер бугеб жо ккола 1000 тиражгун щибаб моцIалъ къватIибе биччалеб, унтабаздаса цIуниялъулги, кванилги, рукIа-рахъиналъулги хIакъалъулъ гIемерал пайдаял макъалаби рахъулеб ва щибаб идараялде, щибаб росулъе щвезабулеб «Сахаб гIумруялъе гIоло» абураб газетаги. Гьенисан кIалъала тохтурзаби-специалисталги, бицуна халкъияб медицинаялъул хIакъалъулъги, гьарула пайдаял малъа-хъваялги.
— Районалда гIумру гьабун вугев чи рикIкIун биччала больницаялъе ФОМСалъ гIарац. Гьезго кьолеб буго планги, цадахъго гьеб тIубайги тIалаб гьабулеб буго…
— ФОМСалъ гIарац биччала гIадамазул къадаралде балагьун. ФОМСалъул базаялда вуго 18 азарго чи, статуправлениялъул бая­налда рекъон – 29 азарго чи. Гьез биччараб гIарцул 80 процент уна хIалтIухъабазе харжал кьезе. ХутIараб 20 процент — дараби ва квен-тIех босизе. Дун хIалтIуде лъугьараб мехалда, больницаялда хадуб батана 14 млн гъуруш налъи. Жакъа гьелъул къадар ккезабизе кIвана 9 млн гъуршиде. Планги нижеца 100 проценталъ тIубала.
— Райадминистрациялъ, Сахлъи­цIу­ниялъул министерствоялъ кумек гьабулищ?
— КъваригIел ккараб дандбала, гьикъула. Районалъул бетIерасги цIехола хIажатаб, гIолареб жо. Гьес министерствоялде заявкаги кьуна хехал кумекалъул машинаби тIалаб гьабунги. Минздравалъул коллегиялдеги вачIун, гьесго лъазабуна районалде хIалтIизе рачIунел тохтурзабазе ракьул участкабиги кьелин, ясли-ахалде лъималги росизарилин, рес бугел бигьалъабиги гьарилин. Хирургиялъул корпусалъул жеги «зеленка» гьабун гьечIо. Гьелъиеги кумек гьабилин абуна. Росдал магIишаталъул министерствоялъ райо­налда бан буго 3 ФАП. Гьелин абуни жеги балансалде кьун гьечIо. Гьелъиеги кумек гьабулеб буго. Министерствоялъги кумек гьабиларищха. КъваригIанщинахъе ахIула гьениса специалистал. Нижер хIалтIуе лъикIаб къиматги кьолеб буго. Исана августалда гьаниб тIобитIизе буго министерствоялъул коллегияги.
— Ибрагьим, ахиралдаги, щиб абилеб газета цIалулезда?
— РацIцIалъи цIунейилан абила. Рищни-къул балеб буго кIкIалабахъе ва гьебги кколеб буго нилъеца гьекъо­леб лъелъе. Хадубги абила, лъималазе прививкаби гьаричIого тоге, диспансерияб халгьабизе тохтурзабазухъе рачIине кIвахIаллъуге. Цо-цоязул ратулел руго басриял полисал, гьелги хисе. Районалда руго гIемерал инвалидал. Гьезие рукIуна рихьизарурал дарабиги. Амма гIе­мерисез гьезул бакIалда гIарац босулеб буго. Исана гIемераб гIарац биччан буго инвалидазе кьолел дараби росизе. Инвалидазе хIажатал дараби щвезе ккани, тохтурзабазухъеги рачIун, лъазабизе ккола заявка кьезе букIине.