8 февраль – ГIелмуялъул къо

Онкологиялъул унтаби гIемерлъиялъе гIилла

 

Дагъистаналъул щибаб районалда ва шагьаралда ругел шартIазухъ халгьабуна гIалимзабаз

«ХIакъикъаталъул» редакциялде рачIун рукIана ДНЦялъул Физикаялъул институталъул гIалимчи-генетик, биологиял гIелмабазул кандидат, ДГМУялъул экологияб медицинаялъул НИИялъул отделалъул заведующий МухIамад Ражабовги ДГМУялъул клиникияб фармакологиялъул кафедраялъул доцент, медицинаялъул гIелмабазул кандидат, тохтур МухIамадрасул Атаевги. Гьез хIадурараб проект бергьана ДРя­лъул бетIерасул грантазе гIоло букIараб къецалда. Гьелъухъ тIобитIараб гIелмияб цIех-рехалъул кьучIалда къватIибе биччана монографияги. Гьезулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца.

— КьочIое щиб босулеб букIараб цIех-рехалъе район тIасабищулеб мехалда?
МухIамадрасул Атаев: Кьо­чIое росун рукIана нижерго ва Сах­лъи­цIуниялъул министерствоялъул бая­нал: унтаразул къадаралъулги, хва­лие ккарал гIиллабазулги (кинаб унтиялдалъун хварал), кинаб ригьалъул гIадамал цIикIкIун унтун ругел ва цогидабги. 2002-2015 соназда ккарал хвелазул гIиллабазул цIех-рехги гьабуна. Гьелъул хIасил хъван буго монографиялдаги.

Дагъистаналда гьечIо
радиактивиял хутIелал

— Дагъистаналъул мугIрузда ру­къун ругин радиактивиял хутIе­лал ва гьелъул хIасилалда рес­пуб­ликаялда цIакъго тIиритIун ругин онкологиялъул унтабигиян гIемер бицуна…
М. А.: Нилъер хIукуматалъ кIицIул гIуцIун букIана хасаб комиссия. Гьелда гъорлъ рукIана хIу­куматалъул хIакимзабиги, гIалим­за­биги, прокуратураялъул ва ФСБя­лъул хIалтIухъабиги, жамгIиял гIу­цIабазул вакилзабиги. Радиактивияб хутIел букъулеб букIин жидеда бихьанин бицарал бакIазде унги рукIана. ЦIунтIа районалдаса цо вехьас абун буго, жинда бихьанин магIарда хIалтIулеб букIараб бульдозер ва бащдаб сагIаталдаса гьебги тIагIанин абун. Кин бульдозер щолеб нухго гьечIеб магIарде? Дунги вукIана гьел экспедициязда. Амма щибго батичIо. Цо-цо бакIазда ратарал нохъабаздеги лъугьана дозиметралги росун, амма аппаратаз кинабго лъикI бугин бихьизабуна.
МухIамад Ражабов: Томскалда 25 соналъ хIалтIарав гIалимчиясулгун гара-чIвари гьабураб мехалда, дос дида бицана, радиактивияб хутIел букъиялъул кIиго къагIида бугилан абун. Америкаялъул къагIидаялда рекъон, тIухьидул контейнералда жанибги лъун, гьеб контейнер тIасан парафиналъги бацизабун, океаналъул тIинуги бухъун, гьениб букъула радиактивияб хутIел. Советияб къагIидаялда рекъон, контейнералда жанибеги бан, хутIел букъу­ла цебего ганчIил тIурччи бахъизе хIалтIизарурал шахтабазул тIиналда. Нус-нус соназ гьениса къватIибе бахъизе бажарулареб хIалалда бахчизеги гьабула гьеб.
БакIалдаса бакIалде ядернияб производствоялъул хутIел баччула поездалдаги лъун. Самолеталда яги машинаялда баччизе бегьуларо гьеб. Кинха гьеб щвезабураб Дагъистаналъул мугIрузде? Гьеб бажарулеб жо гуро.

Крахмал гъорлъ бугел
нигIматазул зарал

— Щибха батараб онкологиял унтаби цIикIкIиналъе аслияб гIилла?
М. А.: ГIемерал гIиллаби руго. Масала, гIумру гьабулеб къагIида. Ахираб 20-30 соналда жаниб дагьлъана гьуърузул ракалъ унтаразул къадар. Гьелъие гIилла буго хъалиян бухIулел гIадамал дагьлъи. Бакьазул рак лъугьинабула нилъеца кваналеб квеналъ: Дагъистаналда гIемер кванала ханждал гьабураб квен: хинкIал, чед, цIурачадал. Дун гьитIинаб заманалда квание ханжу щолароан. 60 соналъ цебегицин щибаб къойил кваназе ролъул чед букIунароан. 100 соналъ цебе щвана дагъистаниязе цIоросаролъги. Ни­лъер умумузул кидагосеб квенлъун рукIинчIо хинкIалги.
Заралияб буго пиринчIги. Картошкаги бегьуларо гIемер кваназе. Къокъго абуни, крахмал гъорлъ бугел нигIматаздаса инкар гьабизе ккола.
— Китаялдаги Япониялдаги пиринчI буго аслияб квен. Дол щайха унтуларел?
— Дун кIицIул щвана Китаялде. ВукIана мугIрузул регионаздаги гIатIиракьалдаги, шагьараздагун росабалъги. Амма урхъаниги, дида гьениб пиринчI кваналеб бихьичIо. Рестораналда цIехана пиринчI бугищин. Дида цебе лъуна цо гъуд цIураб пиринчI. Гьелдаса гIемер кьезе жидер рес гьечIинги абуна. ГьечIо гьениб пиринчIги, чедги, картошкаги. Нилъин абуни ругьунлъун руго гIемер кваназе ва нилъер кванил 60-70 процентги буго ро­лъул квен. Гьебги ккола кванирукъа­лъулги ба­кьазулги онкологиял унтаби тIи­ри­тIиялъе аслияб гIилла.
ГIемерлъун руго кьариял гIадамал, гиподинамия бугел чагIи. Цере гIадин, гIемер хIалтIуларо, рокъоса къватIире рахъунаро. Хур бекьуларо, ах гьабуларо, цIул хIадуризе рохьоре унаро. Нижер цIех-рехаздалъун баянлъана, ракалъ унтарал гIадамазул гIемерисел хасало холел рукIин. Рокъоса къватIире рахъунгутIиялъ загIиплъула иммунитет ва гьебго заманалда байбихьула квачалъул унтаби тIиритIизе. Иммунитет загIипал гIадамал хехго унтула ва гьезул чорхолъ ругел ракалъул клеткаби байбихьула гьарзаго рикь-рикьизе.
Цоги гIилла – нилъер гIадамаз гIемер хIалтIизарула антибиотикал: бетIер унтани, цIакан бахани, рищалаби унтани. Тохтурасда дандбачIого гьекъола цIакан гIодоцинабулел дараби.

Лъималазе тетрациклин бегьуларо

— Рак унти кколищ цIикIкIараб къуваталъул антибиотикал лъималазе кьеялъул хIасилалда? Масала, гьитIинаб лъимадуе тохтурас гьабула цефазолин, оксамп, цетриаксон. Цере гьарулаан пенициллин, ампициллин…
М. А.: Пенициллиналъги ампицилиналъги иммунитет чIваларо. Гьелъие заралиял ккола бисептол, пятнок, тетрациклин, левомицетин. ГIемерисеб мехалда гьел хIалтIизарула нилъер гIадамаз. Масала, лъимадуе тетрациклиналъул цо таблетка кьуни, гьеб кIудияб гIоларо бащдаб лъагIелалъ. ЛъагIалида жаниб кIиго таблетка кьуни, лъагIелалъ гIечIого чIола. Левомицетиналъул хIасилалда лъугьуна «серый синдром» — иммунитет тIубанго чIвала ва лъимер хвезе рес буго. Руго цунтрузде данде кьолел дараби – гьезги чIвала лъимадул иммунитет.
— Гьекъолеб лъим, цIулеб гьава, бекьулеб ракь чороклъиялъул хIасил кколищ ракалъ унтиялъе гIилла?
— БатIи-батIиял бакIаздаса иццазулги, гIорал-лъаразулги, гьединго гьаваялъулгун ракьулги анализ гьабуна нижеца. Руго гьезда гъорлъги сахлъиялъе зарал гьабулел жал. Нилъеца гьекъолебго гIадин, гьеб лъим гьекъола хIайваназги. Кванала добго заралияб ракьалда бижараб хер. Гьеб хIайванги хъун, кванараб гьаналги букIуна зарал.
— Ракьулъ ругел тIухьиялъулги, ураналъулги, стронциялъулги ва цогидал радиактивиял химикиял элементазулги букIунищ инсанасул сахлъиялъе зарал? Рак унти гьезда бараб бугищ?
М. Р.: ГIадамазда ракIалде ккола, рак унтиялъе гIилла лъалебани, гьебги тIагIинабун, кинабго лъикI букIинаанин абун. Биологиябги (бактериялгун вирусал), физикиябги (ультрафиолет ва гь.ц.), химикиябги (радиактивиял элементал) – кинаб гIилла бугебали аслияб жо гуро. Аслияб жо буго гьеб кинабго цIакъго чIедераб каналалдасан байбихьулеб букIин. Онкология ккола клетка бикь-бикьиялъул хIасил. Клетка бикьи буго норма. Гьеб ишги букIуна геназул кверщаликь. Руго кIиго тайпаялъул генал: клеткабазул рикьи хехлъизабулелги клеткабазул рикьи къатIинабулелги. Инсанасул чорхолъ гьеб кинабго рекъезабун буго тIабигIаталъго. Нижеца цере­ккун рехсарал хIужабаз хвезабула чорхолъ букIараб тIабигIияб баланс. Вижанщинав чиясул чорхолъ руго ракалъул клеткаби. Амма ракалъул клетка бикь-бикьизе байбихьани, гьеб процесс чIезабун бажаруларо.
М. А.: Нилъго нилъецаго цIунизе ккола: черх лъадарун, пайдаяб квен кванан, хIажат гьечIого дараби гьекъечIого. ЗагIипаб, иммунитет мукъсанаб черхалъухъа бажаруларо унтиялде дандечIезе. Бегьуларо, масала, цIакъго бухIараб, гьалдолеб квен кваназе, чай гьекъезе – щибаб нухалда цого бакIалда ругъун лъугьани, гьеб бакIалдаса байбихьизе бегьула рак унтиялъул клеткаби рикь-рикьизе. Гьединго бегьуларо цого бакI хъарсун, чанхъал ккезарун ва хадубккун гьел чанхъал тIетIезарун, тIомалъе гIакъуба кьезе. Хъалиян бухIулаго, гьелъул кIкIуй тIибитIула гьуърузулъ ва гьезие зарал гьабула. Кидагосеб заралалъул хIасилалда гьуърузулъ лъугьуна рак унтиги. Бегьуларо, квердаххелал гьечIого, рукъа­лъул алатал чурулеб порошок яги цогидал жал хIалтIизаризе – тIомол рак лъугьунгутIиялъул мурадалда.

Иммунитет ирсалъе кьоларо

— Ахирал соназда гIемерлъун руго лъималазе прививка гьабиялдаса инкар гьабулел хъизамал. Гьелъие квербакъула социалиял гьиназдасанги, Интернеталдасанги, вацапалдасанги прививкабазде данде гIуцIараб кампаниялъ. Прививка гьабичIого тараб лъимадул иммунитет загIипаб букIунин абула. Генетикаялъул кинаб пикру бугеб гьеб рахъалъ?
М.А.: ХъахIаб халгIатги тIад­ретIун, жинца гIелмиял хIалбихьиял гьарунин ва прививкабаз гIункIкIал чIвалилан Интернеталдасан бицунев чи тохтур ва гIалимчи гуро. Нилъер умумузул заманалда гIадамал холаан тIиритIулел унтабаздаса – вабаъ, къавуда ва гь.ц. Прививкабаз кумек гьабуна гьел унтаби тIагIинаризе. Нилъер умумуз гIумру гьабулаан 45-50 соналъ. Гьанже Дагъистаналда гIумру гьабула, гьоркьохъеб хIисабалда, 75 соналъ. Прививка гьабичIони, сакъатлъизе ва хвезецин рес буго.
Прививка гьабун хадуб, пуланаб лъимер сакъатлъанинги бицуна. Гьеб буго гьереси! Гьеб лъимадул цебе­ккун кинабгIаги унти букIун батила ва гьеб заманалда загьирлъун букIун батиларо. Прививкаялда цадахъ чорхолъе ккараб «загIиплъизабураб» вирус анцI-анцI соназ бидулъ хутIула ва инсанасда хвалил унти ккезе толаро гьелъ. Прививкаби гьаризе ккола ва гьезул сияхIги жеги халатаб букIине бегьула.
Прививка гьабизе ккола, цIа-кан батаниги, гьабсагIаталда пуланаб унти бугониги. ГIалимзабаз чIезабуна, вакцинаялъ гьелъие зарал гьабулареблъи.
М.Р.: ГIелмиял цIех-рехазул хIасилазул хIакъалъулъ бицине ккола, социалиял гьиназдасан гуреб, гIелмиял дандеруссиназда. Генетик хIисабалда абила, нилъеца наслабазухъе кьоларо вирусазул яги бактериязул генал – кьола нилъерго генал ва нилъер наслуялъухъа бажаруларо жидерго генал умумузухъе кьун. Амма вирусазулги бактериязулги умумузги ирсилазги генал кьола цоцазухъе, ай умумуз лъималазухъеги, лъималаз умумузухъеги. Вирусалги бактериялги хисардула, гьединлъидал захIмалъула тIиритIулел унтабаздаса гIадамал хехго сах гьаризеги.
ПалхIасил, прививкаби гьарурал умумузухъа иммунитет унаро геназда цадахъ лъималазухъе.
Гара-чIвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.