Тохтурасукьа нечоге

Унтиялъе аслияб гIилла – витаминал гIунгутIи

 

Нилъ, гIадамал, руго батIи-батIиял. Цоял, кигIан хинго бугониги, квачан холел ругилан зигардула. Цогидалин абуни, кигIанго цIорораб къоялъги, хинлъулел ругин гаргадула. Гьелъие руго батIи-батIиял гIиллабиги. Жакъа бицен гьабулеб буго гьезул цо-цоязул хIакъалъулъ.

Нуж кидаго рагIарулел ругони…

Къаси кьижизе регараб мехалда хинлъиялътIад юргъан базе кIоларого ру­кIуна цо-цоял. Хасел щведалги, тIеренаб ратI­лилъ хьвадула гьел. Гьеб батизе бегьула ирсалъе щварабги. Амма рукIуна гье­лъие цогидал гIиллабиги:
1) ЧIужугIадан лъимаде йигони.
Гьел хинлъула, рагIарула, кигIан квачараб бакIалда ругониги. АскIор ругел квачалел ругониги, гьел хинлъи хIехьезе кIоларого лъугьуна.
2) Кофе гIемер гьекъолеб бугони.
Гьелъ чорхол цIа-кан бахинабула. Имбирь, корица, куркума ва цогидалги специ­ял хIалтIизарулезеги хинго букIуна.
3) Чорхол хIалуцараб хIал (стресс) бугони.
Тохлъукьего чорхол хIал хIалуциналъги ракI хехго кьабизе лъугьуна, цIа-кан цIикIкIуна. Гьелъул хIасилалда чорхолъ багIариги цIикIкIуна.
4) Цо-цо дараби хIалтIизаридалги, нилъ рагIаризе лъугьуна.
Масала, антибиотикал, кванирукъалъул ва депрессиялде данде ругел дараби.
5) Мукъур (щитовидная железа) лъикI хIалтIулеб гьечIони.
6) ХIалбихье пихъ, ччугIа, рахьдал нигIматал гIемер хIалтIизаризе. Бищунго лъикIаб буго, эндокринологасухъе раккани.

Нуж кидаго квачалел ругони…

1) Макьу гIолеб гьечIони яги чорхол хIалуцараб (стресс) хIал бугони.
ХIаракат бахъе хIалхьи, рахIат гьабизе. Макьил низам хвезабуге.
2) Мукъур (щитовидная железа) загIипго хIалтIулеб бугони.
Кидаго квачан рукIин гуребги, черхалъул цIайиги цIикIкIуна, бакI-бакIги гьорола, гIадалнахги лъикI хIалтIуларо, ракIалда жо чIейги загIиплъула, мукъуралъул хIалтIи букIине кколеб даражаялда гьечIони.
3) Анемия.
Гемоглобин дагьаб бугони, квачазе гьарула, гьурмал кьертIун букIуна, бетIер сверизабула, рас хIулула.
ГIемер квине лъикIаб буго гIеч, гIурччинаб гречка, тIул, пихъал, овощал.
4) Мукъсанаб кванай.
ГIемерисезе гIураб къадаралда щолел гьечIо цо-цо витаминал. Гьезул бакIалда хIалтIизарулел руго дараби. Нилъер черхалъейин абуни, витаминал къваригIуна кванида цадахъ. Гьединлъидал квине ккола батIи-батIиял пихъал, овощал, цIулакьо…