Депрессия – унтийищ яги модайищ?

ХХI гIасруялъул гIузраби

Депрессия – унтийищ яги модайищ?Цо къоялъ гьалмагъалъ бицана жий психотерапевтасухъе ун йикIанин ва, жиндир къварилъабазухъги гIенеккун, гьес абунин, тохтурасухъе ячIине дагьалъги кватIун йикIарайани, психбольницаялде кколаанин мун. Ахираб заманалда гIемер ургъел гьабиялъ, ракIбакъваялъ, нервабазул унтуца унтун йигин бичIчIизабун буго гьелда тохтурас. ТIамач цIурал дарабиги ругоан хъван, гьел дараби гьаричIони, нервабаз батIи-батIиял бакIазде кьун захIматал унтаби лъугьине бегьулинги абун буго. Гьеб лъугьа-бахъин ккезегIан депрессия абураб жоялъул кIварго гьабулароан. Амма цIех-рех гьабидал баянлъана депрессиялъ цогидал захIматалги унтаби тIаде цIалеблъи.

Депрессия рикIкIуна ХХI гIасруялда бищунго тIибитIараб унтилъун. Кинаб букIаниги къварилъи ккун, чорхол букIунеб хIалуцараб хIалалда абула тохтурзабаз депрессияйин. Гьелъие гIиллалъун букIине бегьула гIагарав чи хвей яги унти, хIалтIудаса нахъе къотIи, рос-лъади ратIалъи. Цо-цо мехалда депрессия лъугьуна кинаб бугониги унти сах гьабизе халатбахъун дараби гьекъолел ругониги.
Цо-цояз депрессия унтилъун рикIкIунаро, чорхол хIал ва хасият хиси кколин гьебилан тола. ГIемерисез абула ракIбакъвараб яги нерваби хвараб мехалда хIалтIи-ишалде руссине кколин, гьеб бугин кIвахIаллъиялъул хасият. ГIиси-бикъинаб захIмалъи сабаблъун ургъаликь рукIине бегьуларинги абун, санго гьабуларо депрессиялъул. Амма дагьабго заманалдасан яги цо чанго соналдасан гьев чи захIматго унтизе бегьула. Хадуб щибго бичIчIуларого рукIуна цIа гIадав гIолохъанчиясе щибдай ккарабилан, киданиги унтун йикIинчIей гIолилалъул захIматаб унти батун бугинги абун. Гьеб гIаламат тохтурзабаз бухьинабула депрессиялда. Нервабазул унтуца бокьараб бакIалде кьезе бегьулелъулха цогидаб унти.
Гьанже ссиялда бу­го бетIер унтаниги, сунда букIаниги ракI­бакъваниги жидер депрессия бугин абун зи­гарди. Амма медици­наялъул рахъалъ хIисаб гьабуни, депрессия кко­ла гIадан жинцаго живго чIваялдецин ва­чунеб захIматаб нервабазул унти. Лъиданиги кIалъазе бокьуларо, кванил тIагIам би­чIчIуларо, дуняла­лъул батIи-батIиял кве­гIен­лъабаздаса рохел би­хьуларо. Гьедин дуня­лал­даса ракIбуссин ха­лат­бахъунеб бугони, гьеб рикIкIуна депрессиялъун. Амма ракI­хвей, дунял рихиялъул асар анкьидаса, букIинего букIинчIеб гIадин тIагIунеб бугони, ялъуни цо кинаб букIаниги лъикIаб лъугьа-бахъиналъ рекIел хIал рукIалиде бачIинабулеб бугони, гьеб унтилъун рикIкIунаро. Депрессиялъ унтарав чиясул хасият чанго моцIалъги халатбахъуна. Психотерапевтаз гьеб психикияб унтилъунги рикIкIунаро. Амма кверхьвагIун, дару-сабаб гьабичIого тани, гьелъ квешаб хIасилалде рачиналда хIинкъиги буго. Хасго балугълъиялде рахарал лъималазул депрессия бугони, жинцаго живго чIваялъул пикраби рижизе бегьула.
ГIемерисеб мехалда депрессия букIин чIезабизе кIоларо, щайгурелъул нилъер гIадамал психотерапевтасухъе сахлъиялъул халгьабизе къанагIат гурони унарелъул. Психотерапевтасухъе ин цо-цояз ничаб жолъунцин рикIкIуна. Амма жиндир заманалда тIатинабураб унтуе дару гьабизе бигьаяб букIуна ва цогидал захIматал унтабаздаса цIунула. Масала, рас хIулулеб бугин абун трихологасухъе унев вуго унтарав, амма кигIан гьес дару гьабуниги унти сах гьабизе кIолеб гьечIо. Яги чехь-бакь, рукьбигун ччорбал унтун, черх загIиплъун тохтурзабазухъе дару гьабизе хьвадула. Гьабунщинабги дарулъуларо, щайгурелъул гьел унтаби сундаса лъугьунел ругелали пикру гьабулеб гьечIелъул тохтурасухъе иналде цебе. Депрессия лъугьине бегьула гIумруялда жаниб цо нухалда, дандчIвала чанго нухалда черх хIалуцинабулеб гьеб унтуца кIвекIаралги. Аслияб къагIидаялъ депрессия лъугьуна «ракI тIеренал», гIодобе биччараб хасияталъул, яги цIакъго «ракI хехал» гIадамазул.
Депрессиялъул гIа­ламаталлъун ккола: макьу тIури, квен рихин яги цIакъго цIикIкIун кванай, чехь-бакьалъул хIал хиси, тIолабго черх загIиплъи, кIвахIаллъи, ракI, кванирукъ яги ччорбал унти. Депрессия бугев чи кидаго ракIбакъван, сундасаго ракIбуссун вукIуна. Гьезул рекIелъ кидаго хIинкъи букIуна цо кинаб букIаниги балагь ккелин абун. ГIиси-бикъинабги жоялда ццим бахъуна, хехдарула, живго жиндаго рихуна, хIалтIизе бажаруларо, роцIараб пикру гьабизе кIоларо. Гьал рехсарал гIаламатал кIиго анкьидасаги тIагIунел гьечIони, гьеб депрессиялъун рикIкIуна ва психотерапевтасул кумек хIажалъула.