Кьалдаса хадуб зарал хьвагIулеб гIадат гьечIо

Спортивияб лагералда чехь-бакьазул унти ккун больницаялда буго 60-ялдаса цIикIкIун лъимер

 

ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул халкквеялда буго Шамил районалда лъугьун бугеб ахIвал-хIал. Официалиял идарабаздаса щварал баяназда рекъон, 12-13 августалда Шамил районалъул больницаялде ккана Хучада росулъ бугеб «Спартак» абулеб лъималазул сахлъи щулагьабиялъул лагералда чехь-бакь унтарав (кишечная инфекция) 65 чи, гьездаса 61 лъимерги лагералъул ункъо хIалтIухъанги (богогьан, хъаравул ва кIиго тарбиячи). Больницаялде лъимал рачIун руго цого гIаламаталгун -цIикIкIараб цIа-кан, чохьол унти, лагIи. Жакъа гьезул ахIвал-хIал гьоркьохъеб ва захIмат гьечIеб куцалда бугилан рикIкIунеб буго, больницаялда чIезабун буго къваригIунел дарабазул нахърателги материалалги.
Гьеб лагералда хIухьбахъулеб букIана кинабниги 220 лъимер, 12 июлалда – 115. Гьезул заман лъугIулаан 20 августалда.
БетIераб больницаялъул тохтурзабазе кумекалъе Шамил районалде рачIун рукIана Республикаялъу­л рахунел унтабазул централъул медиказул къокъа ва бетIерай тохтур. Киналго унтаразе щолеб буго къваригIунеб медицинаялъул кумек. Гьединго кумек гьабиялъул мурадалда министрасул тIоцевесев замес­титель Фейзулагь ХIабибулаевасул бетIерлъиялда гъоркь рачIун рукIана ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул специалисталги бетIерай эпидемиолог Муслимат ХIасановаги.
ДРялъул Роспотребнадзора­лъул нухмалъулей Элеонора ГIумарие­валъ абуна Шамил районалъул Хуча­да росулъ бугеб «Спартак» абулеб сах­лъи щулагьабиялъул лагералда лъимал унтиялъе гIилла кколин кванил нигIматал цIуниялъе къваригIунеб цIорой-хинлъиялъул низам цIуничIолъиян.
Лъималазул сахлъиялъе хIинкъи бугеб гьеб лъугьа-бахъин ДРялъул сахлъицIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовасул хасаб халкквеялда гъоркь буго.
Лагералда загьруяб квен кун лъимал унтиялъул хIужаялъул цIех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ гуребги, Дагъистана­лъул ЦIех-рехалъул комитеталъги.
«ЦIех-рех гьабиялъул идарабаз халгьабулеб буго “Спартак” лаге­ралда лъимал унтиялъе ккараб гIи­ллаялъул ва гьелъие гIайибиязул. Гье­лъул хIасилалда гIайибиял та­михIалде цIазе руго», — ян абуна рес­публикаялъул СУ СКРялъул вакил Егор Балашовас.
Жакъа къоялде Роспотребнадзоралъ лагералъул хIалтIи гьоркьоб къотIизабун буго.
Гьале Шамил районалъул лъималазул лагеразул хIалтIул жавабчилъи тIаде кколел хъулухъчагIазул цо-цо пикраби.
БетIераб больницаялъул рахунел унтабазул отделениялъул заведующая ПатIимат ГIачилаевалъ абуна:
— СМИязда рехсолев вугев 65 чи гуро больницаялде ккун вукIарав, 84 чи (гьездаса 80 лъимер) вукIана. Гьел регизарун руго киналго отделениязда, ай больница сверизабун буго рахунел унтабазул госпиталалде. Гьел киналго руго рахь гъорлъ бугеб пюре кварал лъимал. ЧчугIа яги цоги жо кварал, ай пюре квинчIел лъимал унтун гьечIо. Лъимал унтиялъе ккараб гIиллаялъул мухIканлъи лъала, МахIачхъалаялдаса лабораториял цIех-рехазул хIасил бачIиндал.
Больницаялда лъолел капельница­базулги, гьарулел дарабазулги куме­калдалъун лъималазул сахлъи ру­кIалиде бачIунеб буго. Гьелъие кумек гьабулеб буго нижехъе рачIарал Рес­публикаялъул рахунел унтабазул централъул кIиго тохтур-инфекционистас. Амма, сахлъиялъухъ балагьун, 5-7-10 къо бачIого, лъимал больницаялдаса риччаларо.
Районалъул киналго лъималазул лагеразул цIех-рех гьабуна Ма­хIачхъалаялдаса рачIарал специалистазги Хунзахъ санэпидстанциялъул хIалтIухъабазги.
Шамил районалъул бетIер Му­хIамад ХIасановас абуна:
— Медицинаялъул хIалтIухъабаз гьарурал хехал тадбираздалъу­н бажарана кIудияб къварилъиялдаса рорчIизе. Гьелъухъ дица баркала кьолеб буго Роспотребнадзора­лъул, Республикаялъул рахунел унта­базул централъул, ДРялъул Сах­лъицIуниялъул министерствоялъул специалистазе ва нижер бетIераб больницаялъул коллективалъе. Гьез абуна лъимал унтун ругила загьруяб кванидасан ккараб сальмонеллезалъ. Унтарал лъималазе камураб жо нижеца щибго тун гьечIо. Жакъа 32 лъимер, больницаялдаса биччазе бегьулеб хIалалда, сахлъун буго, цогидалги сахлъиялда хIинкъизе ккараб хIалалда гьечIо.
Гьаб пашманаб лъугьа-бахъи­н ккола нижер районалда лъураб чIе­гIераб тIанкI, гьелъие нижеца кколеб къимат кьезе буго.
* * *
Гьаб лъугьа-бахъиналдаса хадуб, ДРялъул сахлъицIуниялъул министр Жамалудин ХIажиибрагьимовас хIал­­тIудаса эркен гьаруна Дербент шагьаралъул ва Шамил района­лъул централиял больницабазул нух­малъу­лел Гьезул хIалтIудаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна министрас.
Нури Нуриев