ГIагараблъун лъугьараб ЦIумада

 
Исана 113 медицинаялъул хIалтIухъан ана республикаялъул росабалъе ва гIисинал шагьаразде «Земский доктор» абураб программаялда рекъон хIалтIизе. Жеги 80-гIанасев тохтургун фельдшер хIажатги вуго. ГIумру гьабизе санагIалъи гьечIел районазда тохтурзаби гIолел гьечIолъиялда бан, 2012 соналдаса 2024 соналде щвезегIан харжалде тIаде миллион яги 1,5 миллион гъурущги жанир рукIине рукъги чIезабун тохтурзабазул гъира базабизе гIуцIараб программа букIана гьеб. Тахшагьаралдаса рикIкIадал росабазе ва гIисинал шагьаразе хIажатал специалистазул сияхI лъола щибаб соналда ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул сайталда. Тохтурзаби гурелги, фельдшералги 500-750 азарго гъурущги кьун ритIула росабалъе. Рази ругищха росабалъе хIалтIизе гочарал тохтурзаби пачалихъалъ чIезарурал шартIаздаса?
 
 
 Нижеца гара-чIвари гьабуна «Земский доктор» программаялда рекъон ЦIумада районалъул ЦРБялда хIалтIулей йигей педиатр, неонатолог БежтIаса Марина МухIамадовалъулгун. 2018 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго Марина ЦIумада районалъул централияб больницаялда. ЦРБялда гIураб къадаралда тохтурзаби гьечIолъиялда бан, гьелъ тохтурлъиялъул цогидаб квалификацияги лъазабизе ккана. Гьедин гьей хIадурлъана неонатологасул махщалиеги. Гьеб махщалида рекъон, гьанжего-гьанже гьарурал лъималазул унтаби сах гьаризеги гьезда рухI речIчIизабизеги хIаракат бахъула гIолохъанай тохтуралъ. 2019 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго МухIамадова лъимал гьарулеб отделениялдаги гьелдаго цадахъ лъималазул отделениялда педиатрлъунги.
 
 
 
— Чияр районалдеги гочун, хIалтIизе захIмат бугищ? ХIалтIуде лъугьунелъул, захIмалъаби дандчIванищ?
 
 
 
— Цебе росулъ хIалтIизе ракIалдаго букIинчIо. РакIалдаго гьечIого ккана лъалареб районалдеги. Документалги жанире кьун, щиб кколеб бугебали кантIилалде педиатрлъун йосана. Педиатрасул хIалтIи буго кидаго лъай камил гьабизе кколеб. Дица кумек гьабун сахлъараб лъимадул ва эбелалъул гьимиялдаса кIудияб талихI щиб букIинеб.
Доб мехалда дир бетIергьанчиги ЦIумада районалде хIалтIизе лъугьун вукIана, гьединлъидал гьение гочиналъул рахъалъ квалквал букIинчIо. Эбел-инсуцаги хIалтIизе магIа-
рухъе ин лъикIаб ишлъун рикIкIана.
 
 
 
— ЦIумадисез, цадахъ хIалтIулез кин къабул гьаюрай?
 
 
 
— Районалде ячIиндал, цо-цо захIмалъаби дандчIвалаан. Заманалдасан кинабго битIа-бишун ккана. ЦIумада район дие гIагараблъун лъугьана. Баркала буго райбольницаялъул бетIерав тохтур Хейрул-Анам МухIамадовичасе дие гьабураб квербакъиялъухъ, дир хIалтIуде кьураб кIваралъухъ. Баркала буго ЦРБялъул хIалтIухъабазеги ниж гIадал гIолохъанал хIалтIухъабазе малъа-хъваял гьарун квербакъаралъухъ.
 
 
— «Земский доктор» программаялда рекъон, жанир чIезе мина-рукъ кьунищ дуе?
 
 
— Дун хIалтIуде лъугьараб соналъ, программаялда рекъон хIалтIулел тохтурзаби мина-рукъалдалъун хьезариялъул суал борхун букIана. Яги тIад мина базе ракь кьезе яги ижараялъе ккураб рукъалъухъ гIарац кьезе бугин абулеб букIана. Гьеб суалгун дун райадминистрациялдеги щун йикIана. Цо-цо суалал рагIа-ракьанде щун тIуран гьечIолъиялда бан, гьеб суал тIубачIого хутIана. Нижеца гIумру гьабулеб буго гIарацги кьун ижараялъе ккураб рокъоб.
 
 
 
— ГIолохъанав тохтурасул махщел росулъищ яги шагьаралдайищ лъикI камиллъулеб?
 
 
 
— Росабалъ хIалтIиялъ кьола тохтурасе кIудияб хIалбихьи, махщел. Гьенир батIи-батIиял унтабигун дандчIвалелъул, цо-цо тохтурзаби гьечIолъиялда бан, дицаго тIубазе ккола гье-
зул хIалтIиги, гьединлъидал росабалъ цIикIкIун рес буго хIалбихьиги махщелги щвезе. Цогидал районазде дандеккун, нижер ЦРБялда буго хIажатаб къайиги медицинаялъул цо-
гидал алаталги. Шагьаралъул больницабаздаса ва поликлиникабаздаса щибго батIалъи гьечIо нижеда церелъурал масъалабазулги планазулги.
 
 
 
— КъотIи-къаялда рекъон мун хIалтIизе кколеб щуго соналдасан щиб гьабизе ракIалда бугеб?
 
 
— ХIалтIизе кколеб заман ахиралде щведал, районалдаса нахъе ине ракIалда буго. Нижго бетIергьанаб рукъги гьечIони, гIагарлъиялдаса рикIкIад чIезе бокьулеб гьечIо. Программаялда рекъон, гьеб щуго соналда гъорлъе рикIкIуна гIицIго хIалтIуда рукIараб заман. Гьелда гьоркьоса бахъула лъимерги гьабун гьелда хадуб хъулухъ гьабулеб заман.
Гьединлъидал дун гьаний гIумру гьабун чIезе ккола щугоялдасаги цIикIкIун соналъ.