Исламияб медицина

 

ЧамасдакI ГIалимзаби гIажаиблъизарураб нигIмат

 

ГIалимзабаз чIезабун буго чамасдакIалъ инсанасул черх сах-саламатго цIунун чIезабулеблъи. Гьез хIалбихьи гьабуна, чанго соналъ кванилъ лъимгун цадахъ гIатIгояб чамасдакI хIалтIизабулел рукIарал гIадамазда тIад, халгьабуна гьезул бидухъ, кIващухъ. Гьелъул хIасилал рихьидал, гIалимзаби гIажаиблъун хутIана. Гьел гIадамал ратана щибго унти чорхолъ гьечIел. Гьединго цебегIанго гьабураб цIех-рехалъул хIасилалдасанги баянлъун букIана чамасдакIалъул пайда цIикIкIараб букIин багIараб ва чIегIераб икраялдасаги.

Гьелъул цIикIкIараб пайда букIи-
налъе нугIлъи гьабула гьелда жаниб бугеб къоло лъабго аминакислотаялъги ва анцIила щуго минералалъги. ГIалимзабаз чIезабуна анцIго чамасдакI кванани, гьелъ къойида жаниб чиясе хIажалъулеб кванил роцен роцIцIинабулин.
ЧамасдакIалъулъ батун буго трип-
тофан абулеб, ай гIадалнах хIалтIи-забиялъе жиб сабаблъун чIолеб хасаб «нигIмат». Гьеб цIакъго хIажалъула бетIер хIалтIизабун хIалтIи гьабулезе. Гьединго триптофаналда абула «гIолохъанлъиялъул аминакислота» абунги, ай гьеб клеткаби херлъиялде данде къеркьолеб букIиналъ. Гьединго чамасдакIалъулъ бугеб селеналъ цIунула инсанасул черх рак унти ккеялдаса.
ГIалимзабазул рагIабазда рекъон, селен витамин, инсанасул черх цIунизе бажарулебгIанасеб къадаралда, буго чамасдакIалъулъ, гьеб гуребги, гьелъ цIунула ракI унтиялдаса ва щула гьабула имунияб система.
Цоги, гIалимзабазда чамасдакIалъулъ батана окситоцин абураб веществоги. Лъимаде йигей гIаданалъ, ахирисеб ункъо анкьалъ чамасдакI кваналеб бугони, окситоциналъ квербакъулеб буго лъимер гьаби бигьалъизабизе ва чIужугIадан хехго рукIалиде ячIинайизе. Лъимер гьабун хадуб чIужугIаданалъул рахьги гьелъ витаминаздалъун бечед гьабулеб буго.
Гьединго чамасдакI лъикIаб буго ракIцIерхIеялъе, ай гьелда гъорлъ глютаминалъул сок букIиналъ. Диетологазги абула чамасдакI, глюкоза гъорлъ букIиналъ, цIакъ пайда цIикIкIараб нигIмат кколин ва гьелъ свак бахъулин, ракъиги лъазе толарин.
ЧамасдакIалъул гъветI, цогидал гъутIбуздаса цIикIкIун, рехсон буго Къуръаналдаги, гьединго къого бакIалда рехсон буго чамасдакIги.
Нилъер Аварагасги гIемер хIалтIизабулаан чамасдакI, гьелдаса пайда босиялде ахIулаан цогидалги.
ГIажаиблъи гьечIищ, бусурбабазда гьеб пихъалъул хIакъалъулъ Къуръаналда рехсон ва свалат-салам лъеяв Аварагас малъун азаралда ункънусго соналъ цебего лъалеб букIаниги, гIалимзабазе гьеб гьанже гурони хIакълъичIеблъи.
МухтарахIмад МухIамадов