Диагностикияб центр: квалквалал ва масъалаби

 Кванидаги лъедаги бараб гIемер букIуна

 

Химия гъорлъ гьечIеб нигIмат жакъа къанагIат гурони дандчIваларо

Къоло хадуб сон буго Буйнакск шагьаралда бугеб диагностикияб централъул нухмалъулевлъун тIадегIанаб категориялъул тохтур Шамил районалъул Могьохъ росулъа Батир-АхIмад ГIумаров хIалтIулелдаса. Централъул хIалтIулги, унтаразе гьабулеб хъулухъалъулги, цогидалъулги хIакъалъулъ гара-чIвари гьабуна Батир-АхIмадилгун.

12 районалъе хъулухъ гьабула

— Дуца нухмалъи гьабулеб централъ Буйнакск шагьаралъул ва районалъул гIадамазе гурони хъулухъ гьабулищ?
— Гьедин гьабулеб букIана 1997 соналда дун бетIерав тохтурлъун хIалтIизе вачIараб мехалда. Буйнакск шагьаралъул диагностикияб центрги букIана республикаялъул диагностикияб централъул филиаллъун. 2007 соналда гьеб жибго жиндаго чIараб ва районазда гьоркьосеблъун гьабуна. Республикаялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна анцIила кIиго мугIрузул район.
— Централъул бетIерав тохтурлъун вачIинегIан кив мун хIалтIарав, медицинаялъул хIалтIул хIалбихьи кисан байбихьараб?
— 1987 соналда Дагъмединститут лъугIун хадуб лъабго соналъ хIалтIана Буйнакск шагьаралъул централияб больницаялда тохтур-функционалистлъун. Гьенисан витIана Шамил районалде, Госсанэпиднадзоралъул централде бетIерав санитарияв тохтурлъун. Анкьго соналъ гьенив хIалтIун хадув вачана гьаб хъулухъалде.

Цо къоялда жаниб – 300 унтарав

— Чан хIалтIухъан вугев централда, гьезие хIалтIизе ресал ва санагIалъаби чIезарун ругищ?
— Лъабкъоялда микьго чи вуго нижер коллективалда. ХIисаб гьабеха, нижеда рухьинарурал районазда гIумру гьабулеб халкъалъул къадар бахуна бащдаб миллионалде. Центр буго щутIалаяб минаялъул тIоцебесеб тIалаялда. Унтарал къабул гьаризе бакI гIоларого, хIалкъаялъ, рентгеналъул отделение ва консультациялъулаб поликлиника рагьун буго централда мадугьалихъ ругел минабахъ ижараялъе росарал рукъзабахъ.
— Централъе цогидаб бакI тIалаб гьабун ялъуни цIияб бакIалда базе ккеялъул суал лъечIищ министерствоялда цебе?
— Чанго нухалъ гIарз бахъана республикаялъул СахлъицIуниялъул министерствоялде. ГIарац гьечIин, рес гьечIин кьола жаваб. Буйнакск шагьаралъул ва районалъул администрациязда кумек гьарани, гьезги тIаса ккезарула диагностикияб центр районазда гьоркьосеб бугин, жидеца кумек гьабизе кколаринги абун. ХIалтIул хIалуцин букIиналъул цо мисал рехселин. Центр жаниб хIебтIун бугеб минаялъул гIатIилъиялда рекъон, цо къоялъ нижеца къабул гьавизе ккола кIикъоялда анцIила анлъго чи. ХIакъикъаталдайин абуни къабул гьавула лъабнусгоялдасаги цIикIкIун унтарав. Мисалалъе, свакан ругилан, планалда рекъон тIокIав чи къабул гьавизе гьечIилан кин къалел нуцIби чанго сагIат нухдаги бан ЦIунтIаса ялъуни ЛъаратIаса, ЦIумадаса вачIарав унтарасда цере.

ХIажатабщинаб буго

— Медицинаялъул алатаздалъун, аппаратаздалъун хьезариялъул рахъалъ централъул иш кин бугеб?
— Гьеб рахъалъ централда буго гьанжезаманалъул кинабго цIияб, функционалияб диагностикияб аппаратура, УЗИ, ФД, эндоскопия, рентген-лаборатория, ультразвукалъулаб компьютералъулаб томограф, МРТ ва цогидабги. Нижер буго хасаб консультациялъулаб поликлиникаги. Гьез унтарасул бугеб къварилъиялъухъ балагьун витIула кколев тохтурасухъе. Инсанасул кинабго унтул цIех-рех гьабула нижер гьаниб – кванирукъалъул, бакьазул, рекIел, рекIел машабазул, ботIрол, чIахIиял нервабазул ва гь.ц.
Лъималазе хас гьабураб гьечIониги, эбел-инсуца рачун цIех-рех гьабизе лъимал рачIин гIемерлъидал, нижеца централда рагьана лъагIел баралдаса анцIила анлъго сон балел лъимал къабул гьаризе хасаб УЗИ-кабинет.
— ЦIех-рехги гьабун, тIатинабуна гIузру, хадуб щибха гьабулеб?
— ЧIезабураб унтиги бихьизабун, централде рачIарал ритIула гьел нижехъе ритIарал районазул поликлиникабазде. Нахъбахъун тезе бегьулареб гIузру, унти, хехго операция гьабизе кколел гIадал чагIи ритIула больницабазде.
— Централде рачIунезе щиб хIажалъулеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, направление, паспорт, медицинаялъулаб полис.
— Направление гьечIого цIех-рех гьабизе унтарав вачIани…
— Гьевги нижеца къабул гьавула, амма гIарцухъ гьабула медицинаялъулаб хъулухъ. Щибаб цIех-рехалъухъ чIезабураб багьа буго, гьелда рекъон централъул кассаялде гIарац кьезе ккола ва киназдаго бащад гьесие гьабизе кколеб хъулухъги гьабула. Гьел багьабиги анцIила ункъо соналъ цере рукIаралдаса тIаде рахинаричIо. Нилъер гIадамазул кIудиял ресал гьечIолъиги хасго магIарухъ ругезул яшавги хIисабалде босун.
— Централъул нухмалъулев хIисабалда, коллективалъул хIалтIудаса рази вугищ мун?
— Вуго, щай абуни, гьанир хIалтIулел руго ишалде рокьи бугел, ракIбацIцIадал, унтарасул унти, гIузру жидерго гIадин къабул гьабулел медицинаялъул хIалтIухъаби. БатIайиса пикру бугев чи нижер гьанив хIалтIуларо. Баркалаялъе мустахIикъал киназулго дица цIарал рехсани, халалъила. Амма чанго соналъ централда хIалтIулел, коллективалъул намусилан дица рикIкIунел чангоязул цIарал абила. Гьел ккола УЗИ-тохтурзаби – Гульнара Айболатова, ПатIимат Элдарбегова, эндоскопист Шарапудин Салаватов, терапевт МухIамад ХIайбулаев.

Квенги, лъимги, хьвада-чIвадиги

— Гьанже чIахIияб гIелалъул гIадамаз, гIалимзабаз ва гIадатиял чагIаз абулеб буго цебе гьанжегIан гIемер унтаралги унтабиги рукIинчIилан. Тохтур хIисабалда, гьеб рахъалъ дуца щиб абилеб?
— Гьаб хехаб информациялъул
гIасруялъ гIадамазул рукIа-рахъиналда, психологиялда асар гьабичIого толаро, ай чиясул нервабазе, ракIалъе къабуллъуларел гIемерал сверухъ лъугьунел ругел ишазги чорхое лъикIаб асар гьабулеб гьечIолъи ва гьел гурелги цогидал заманалъул «сайгъатал» гIемерлъулел руго. ГIумру цебетIунагIан, рес бугеллъун лъугьанагIан, гIадамазул хьвада-чIвади, квана-гьекъей хисулеб буго. КIиабилеб гьаваги, ай экология буго чорок гьабулеб. Инсанасе бищун хIажалъулеб жо буго лъим. Киб бугеб гьанже бацIцIадаб лъим? МагIарухъ иццухъа бачIаралдаса ралъдахъе щвезегIан лъим чорок гьабулеб буго. Гьеб лъим нилъецаги гьекъолеб буго.
Кванилъ киса-кибего буго химия. Жакъа тукабазде бачIунеб ханжу, бекьаралдаса тукаде щвезегIан, химиялъул цIолеб буго. Гьединго химия гъорлъ бугел руго цогидал нигIматалги… Квандаги гьекъолеб лъедаги бараб гIемераб букIуна.
— ГIадамазул гIарзал рукIуна цо-цо сахлъизариялъул идарабазда тохтурзабаз гIарац тIалаб гьабулин…
— БичIчIана. Дун централъул нухмалъулевлъун хIалтIулеб къого соналда жаниб нижер хIалтIухъабаздасан цониги чи гIарзалъ вачIинчIо. Нижер гьаниб хIалтIухъабазе гIураб харж чIезабунги буго. Гьеб гуребги, щивав медициная-лъул хIалтIухъанасда, кагътида гъолбасги гьабун, кьварун лъазабун буго гьединаб хIужа батани, я махI чIвани, гьебго къоялъ хIалтIудаса ине вугеблъи.
Гара-чвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.