Коронавирусалъул зарал тIубанго къинадай?

 

   2020 соналъул март моцIалдаса нахъе СМИязги, социалиял гьиназдаги, корохъ-гьабихъги гьоркьоса къотIичIого бицунаан коронавирусалъул хIакъалъулъ. Ахираб заманалда, Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялъул ургъалица гIадатиял гIадамазда гьоркьоб гьеб унтул хIакъалъулъ къанагIат гурони бицунеб рагIуларо. СМИязги гьелъул хIакъалъулъ цебе гIадин гIемер бицунеб гьечIо. ГIилла щиб? Дунялго квегъараб, бихьулареб тушман — COVID-19 тIубанго тIагIунебищ бугеб яги цогидал цIиял харбаз гъоркьго къине гьабунищ бугеб гьеб квешаб унтул хIакъикъат?

 

    Нилъер улкаялда къойилго унтулезул къадаралъул хал гьабуни, коронавирус нахъе къалеб букIин бихьула. Гьал къоязда, Россиялда коронавирус унти тIатаразул къадар щибаб къойил гIага-шагарго 5000 чиясде бахуна. Унтун больницаялда регарал яги унти бахун букIин тестаз бихьизабулезул къадар 225162 чиясде бахуна.

23 маялда улкаялдаго коронавирусалъ унтун больницаялда регизаруразул къадар 775 чи гурони гьечIо. 24 маялдайин абуни, больницаялда вегизавуна 2466 чи. Цересел къоязде дандеккун больницаялда регизаруразул къадар 218 проценталъ цIикIкIана. 23 маялда COVID-19 унтудаса хвана 76 чи. 24 маялдайин абуни — 90 чи.

    Пандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Пандемия байбихьаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан Россиялда COVID-19 унтиялъ хвана 378 азаргоялдаса цIикIкIун чи.

Дунялалдаго гьеб унти сордокъоялда жаниб (23 май) 481 азарго чиясулъ батана. Пандемия байбихьаралдаса нахъе дунялалдаго коронавирусалъ унтана 526 миллион чи, хваразул къадар анлъго миллионалдасаги цIикIкIана.

   Дагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тIатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. КIигониги моцI буго, талихIалъ, коронавирусалдаса цогIаги чи хвечIелдаса. Дагъистаналдайин абуни, коронавирусалде данде къеркьеялъул штабалъул баяназда рекъон, 24 маялда COVID-19 унти тIатана 10 чиясулъ. Пандемия байбихьаралдаса нахъе республикаялда коронавирусалъ унтана 93182 чи. КIигониги моцI буго, талихIалъ, коронавирусалдаса цогIаги чи хвечIелдаса.

Россиялда коронавирусалъ унтаразул къадаралъул статистикаялъул баяназул хал гьабидал, пандемиялъул заманалда бищунго цIикIкIун гIадамал унтун рукIана исана февраль моцIалда. 11 февралалда унтун вукIана 203943 чи. Гъоркьисаги бищунго цIикIкIун коронавирусалъ гIадамал унтун рукIана октябрь моцIалда – 41 азаргогIанасев чи.

Бищунго цIикIкIун чи хвана 2021 соналъул ноябрь моцIалда. 20 ноябралда сордо-къоялда жанир хвана 1254 чи. Хадубги холезул къадар гIодобе кколеб букIана 2022 соналъул февраль моцIалде щвезегIан.

Ва март моцIалдаса нахъе унтаразулги холезулги къадар дагьлъана.

    Пандемия байбихьаралдаса нахъе бищунго цIикIкIун гIадамал унтараб февраль моцIалде дандек- кун ахираб лъабго моцIалда жаниб гIезегIан гIодобе ккана унтаразул къадар. Жакъа къоялда унтаразул къадар хIисабалде босани, 2022 соналъул февраль моцIалде дандеккун 460 проценталъ гIодобе ккун буго. Гьеб хIужаялъулъ балъголъаби цIехечIого, жакъасеб къоялда коронавирусалъ унтаразул статистикаялъул хIисаб гьабуни, гьеб балагьгIаги тIаса анин рохизе ккараб хIал буго. Амма COVID-19 унти, грипп ва ОРВИ гIадин, гьавабакъ хисулеб заманалда баккулеб гIаламатлъун хутIизе рес бугин рикIкIунеб буго инфекционистаз.

   Коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъунин абун, гьеб тIубанго нилъер гIумруялдаса тIагIинин абун рохизе жеги заман щун гьечIин рикIкIунеб буго РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ. Июнь моцIалда унтаразул къадар цIидасан цIикIкIине рес бугин абулеб буго гьез.

Минздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцIазда коронавирусалъул цIияб карачел баккизе рес бугин. ЦIияб, «омикроналъул» карачелалдаса цIикIкIараб ва захIматаб букIине батиларин абураб хьулги буго гьезул. Минздравалъул цо-цо инфекционистаз абулеб буго июнь-июль моцIазда коронавирусалъул цIияб карачел баккизе рес бугин. ЦIияб, «омикроналъул» карачелалдаса цIикIкIараб ва захIматаб букIине батиларин абураб хьулги буго гьезул.

   Оперативияб штабалъул ахирисел баяназда рекъон, улкаялдаго коронавирусалда данде коллективияб иммунитет 36,8 проценталде бахун буго. Улкаялдаго 91,3 миллион чияс гьабун буго коронавирусалде данде вакцинаялъул тIоцебесеб компонент. Гьезда гьоркьор руго «Спутник Лайт» цохIо компоненталъулаб вакцина гьабуралги.

Нилъер улкаялда коронавирусалъ унтаразул къадар дагьлъулеб батаниги, дунялалъул 70 улкаялда гьеб цIикIкIунеб буго. Гьединал баянал кьолел руго ВОЗалъ.

 ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА