Коронавирусалде данде къеркьей чучизе тун гьечIо

ДРялда коронавирус тIибитIизе биччангутIиялъул Оперативияб штабалъул баяназда рекъон, 14 февралалда республикаялда коронавирусалъул унти тIатана 601 чиясул, 154-яв больницабазда регизаруна, 527 чи сахлъана, 10 чи хвана. 60 ва цIикIкIун сонал раразе республикаялда лъазабун буго самоизоляциялъул къагIида, вакцинация гьабурал ва хIалтIуда ругел гIадамазе хутIун. Чара гьечIеб къваригIелалъ гурони гIемер къватIире рахъунгеян лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъги. ТIадехун рехсарал баяналги малъа-хъваялги кин къабул гьарулел ругел гIадатиял гIадамаз? Гьабулеб бугищ коронавирусалдаса цIуна-къай? Тахшагьаралъул жамгIияб транспорталда бихьула коронавирусалдаса цIуниялде гIемерисез кIвар кьолеб гьечIолъи. ЖамгIиял бакIазда гIемер данделъуларел районаздагицин мех-мехалда цIакъго цIикIкIун батула коронавирусалъ унтаразул къадар. Чара гьечIого къватIире рахъине, росабалъа росабалъе хьвадизе гIурхъаби чIвалел тадбирал гIуцIун рукIана кIиго анкьалъ цереккун ГIахьвахъ районалдаги.

ГIахьвахъ Районалда коронавирусалъул инфекция бугезул къадар цIи­ кIкIиналда бан 27 январалдаса тIоцебесеб апрелалде щвезегIан гьукъун букIана кванил тукаби хутIизегIан цогидал тукаби хIал­ тIизеги, чара гьечIого хIажатаб къваригIелалъ гурого росабалъа росабалъе хьвадизеги, мажги- тазда, гIемерал гIадамал данде ракIарулел тадбиразда данделъи- зеги. Регионалъулал ва федералиял информациялъул хъулухъаз гьеб къоялъго хабар тIибитIизабуна ГIахьвахъ районалда росабалъа росабалъе нухал къан ругин, гIицIго хехаб кумекалъул, токалъул хъулухъалъул, полициялъул ва администрациялъул хIалтIухъабазе хутIизегIан абун. ГIурхъаби чIвалел тадбирал лъазарун рукIана районалда анкьида жаниб коронавирус 37 чиясде бахун батиялъул хIасилалда. Гьединго районалъул школазда цIалдохъабазда ва учительзабазда гьоркьоб гриппги тIибитIун букIана. ТалихIалъ, коронавирусалъул унтуда бан гIурхъаби чIвалел тадбирал цIакъго халат рахъинчIо, 10 февралалда ГIахьвахъ райадминистрациялъ гьеб къагIида къотIизабуна. Гьелъие гIиллалъунги ккана коронавирусалъ унтулезул къадар дагьлъи. «Лъабабилеб марталда гьарурал хал гьариязда рекъон, ПЦР-тестаз бихьизабуна 179 чиясда коронавирус бугин абун. 10 февралалда цIидаса кьурал анализазда рекъон, гьезда гьоркьоса 53 чиясда коронавирус батичIо. Гьелда бан, райадминистрациялъ цебехун, ай 27 январалда лъазабун букIараб гIурхъичIваялъул тадбиразул къагIида хисизабуна. Муфтияталъул ва ДРялъул бетIерав санитарияв тохтур Н. Павловасул лъазабиял хисизарулел гьечIо», — ян абун хитIаб гьабуна ГIахьвахъ районалъул администрациялъ районцоязде. Коронавирусалъул рахъалъ гьал къоязда районалда бугеб ахIвалхIалалъул хIакъалъулъ нижеда бицана ГIахьвахъ районалъул ЦРБялъул инфекционист ГIабдула ПатхIудиновас: «Коронавирус тIибитIиялъул рахъалъ районалда ахIвал-хIал гIодобе биччалеб буго. ПЦРанализал нижеца кьола анкьида жаниб лъабго нухалда. Щибаб нухалда 20-30 чиясда бахун батула коронавирус (ПЦР-положительный). Больницаялда регаразул ва батIи-батIиял росабалъа унтаразул 200- 220 ПЦР-тест гьабизе битIула, гьезда гьоркьоса 20-30 чиясда коронавирус бугин абураб жавабги бачIуна. Коронавирус унти бахарал, амма захIматго унтичIел гIадамазерокъобго гьабизе дару хъвала, поликлиникаялдаса дарабиги чIорого кьола. Хадуб, анкьидасанги кьола гьез анализал, коронавирус батичIони, хIалтIуде рахъине бегьулинги лъазабула», — ян бицана ПатхIудиновас.

Гъуниб

Гьал къоязда хабар тIибитIун букIана Гъуниб районалдаги коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIун бугин абун. Районалда коронавирус унти тIибитIиялъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIал цIехон ниж кIалъана Гъуниб ЦРБялъул бетIерав тохтурасул ишал тIуралев МухIамад Шапиевасухъе.

— Коронавирусалъ унтаразул рахъалъ ахIвал-хIал букIаралдаса хисараб жо щибго гьечIо, унтулезул къадар цIикIкIунги гьечIо, гьелъул гIаксалда, дагь-дагьккун гIодобе кколеб буго. Гьедин букIаниги, ниж гIодоре риччан чIун гьечIо. Вакцинациялъул ва коронавирус тIибитIизе биччангутIиялъул рахъалъ хIалтIи гьоркьоб къотIичIого гьабулеб буго, — ян бицана гьес. Шапиевасул баяназда рекъон, больницаялда сах гьарулел руго коронавирусалъ унтарав 10 чи, рокъобго дару гьабулеб буго 30 чиясе. Районалда коронавирусалде данде вакцина гьабун буго 8693 чиясе.

Республикаялъул цогидал районазда коронавирусалъул ахIвал-хIалалъул статистика кьун буго Оперативияб штабалъ. ГIорхъолъа ун унтаразул къадар цIикIкIиналда бан гIурхъичIваялъул тадбир лъазабураб цогIаги район гьечIо гьезда гьоркьоб. Масала, БежтIа участокалъул ЦРБялъул вакилалъул рагIабазда рекъон, больницаялда коронавирусалъ унтун вегун вуго ункъо чи. Рокъобго дару гьабулеб буго анлъго чиясе. Къойилго гьарулел ПЦР-тестазул хIасилалда лъабго яги щуго чиясул коронавирус унти тIатунеб буго.

Омикрон бигьаго тIаса рехула

Ахираб заманалда коронавирусалъ унтарал лъималазул къадар цIикIкIунеб бугин бицунеб буго инфекционистазги поликлиникабазул тохтурзабазги. ЧIахIиязецин захIматаб унти кин хIехьолеб бугеб лъималаз, кинал захIмалъабигун гьел дандчIвалел ругелали цIех-рех гьабун ниж щвана МахIачхъалаялъул лъималазул №5 поликлиникаялде. — Нижер поликлиникаялда март моцIалде щвезегIан «Здоровый прием» гьабулеб гьечIо. Лъималазул ригьалда рекъон, сахлъиялъул хал гьабизе яги календаралда рекъон прививкаби гьаризе рачIине кколел эбел-инсуда лъазабун буго поликлиникаялде рачIунгеян. Гьединал тадбирал гьарула школазда ва яслиахазда гриппалъ, ОРВИ ва цогидалги рахунел унтаби ругел лъималазул къадар цIикIкIиндал. Унтарал лъимал нижеца къабул гьарула. ЦIа-кан бахарал лъимал къабул гьарулеб хасаб кабинетги буго нижер поликлиникаялда. ЦIикIкIун руго грипп, ОРВИ, коронавирус унти бахарал лъимал. Лъималазул цIа-кан бахун рокъоре цIикIкIун ахIулел руго ниж цебеялде дандеккун. Масала, шамат къоялъ радал сагIат ичIго тIубаралдаса цо тIубазегIан дежурствоялда йикIана дун. Гьеб заманалда жаниб 16 лъимер бачIана поликлиникаялде. Гьезда гьоркьоса 9 лъимадулъ коронавирус батана. Гьанже баккараб «омикроналъ» унтарал цIикIкIун руго лъималазда гьоркьор, амма больницаялде ккечIого, рокъоб дару гьабун сахлъизаризе кIолелги руго гьел. КIиго-лъабго къоялъ цIа-кан бахунеб буго. Щекъер дагьабго багIарлъулеб буго. ЦIа-канги цIакъго цIикIкIараб гьечIо (37-37,6 градус). Гьединал унтаразе бихьизабула гIадатияб грипп унтиялъего гIадаб дару. Лъимадул иммунитетги лъикIаб бугони, рокъобго лъикIаб хъулухъги гьабулеб бугони, гьеб хехго сахлъула. ЗахIматго унтарал къанагIат гурони дандчIваларо. Коронавирусалдаса цIунизелъун поликлиникаялда 12-17 сон барал лъималазда гьоркьоб, эбел-инсул изнуялдалъун, вакцинацияги гьабулеб буго. Ахираб заманалда эбелэмен жалго рачIунел руго прививка гьабизе лъималги рачун, — ан бицана рехсараб поликлиникаялъул педиатр ПатIимат Шамсудиновалъ.

ПатIимат СултIанмухIамадова