«Солдатазго гIадин, тIубазабизе кколаан министерствоялъул амру»

 

   Кавказалъул рагъул заманалда ТIасияб Хъараниб имам Шамилил гун гIурусазул букIараб рагъулги, кидаяли жидер росу бакьулъан арал НикIалай пачаясулгун гьесул чукъбузулги, Александр Дюмалги, Багратионилги, гIурусазул машгьурал художниказулги хIакъалъулъ гIажаибаб шавкъалда ПатIиматица бицунеб харбихъ гIенеккидал, гьей тарихчIужу ятилин ккезе бегьула. Гьединго, цо хIухьладалъун гьелъ бицуна батIи-батIиял халкъазул тарихалъулги, культураялъулги, магIишаталъулги хIакъалъулъ.

   Амма ПатIимат ХIажиева ккола акушер-гинеколог. ХIалтIана Анголаялдаги, Избербашалдаги, МахIачхъалаялдаги. ГIемерисезда гьей лъала республикаялъул централияб больницаялъул отделениялъул заведующая хIисабалда. Машгьурай офтальмолог Наида Гъойтиевалъул эбелги ккола гьей. Гьединлъидал нижеца гьаниб кьолеб буго медицинаялда тIасан ПатIимат ХIажиевалъулгун ккараб гара-чIвари

 

    -Дир эбел-эмен кколаан, ункъо-щуго классалъул гурони лъай щвечIел гIадамал. Эбелалъул гьитIинав вац вукIана школалъул директор. ИмгIал гьединаб хъулухъалда вукIиналъ кIудияб асар гьабулаан дие. ЦIакъ къимат гьабулаан учительзабазулги. Инсуца нижеда лъазабун букIана сахав чиясе абураб цо рагIи гIезе кколин, гьединлъидал учитель тIад вуссун, кIиабизеги нужеда кIалъазе кканин абураб жо жинда рагIизе тогейилан. Гьебги гIун, дицаги хIаракат бахъулаан гIицIго ункъил-щуйилазда цIализе.

   Хас гьабун тохтурлъиялде дир рокьи бижана гьадинаб хIужаялдалъун. Цере магIарухъа гIадамал шагьаразде, гIодоблъиялде хьвадулаан нижер росулъан. Генуса нижер гьалбадерил яс, РахIима, йикIана больницаялда санитаркалъун хIалтIулей. Зама-заманалдасан шагьаралде отчётал кьезе росулъа ячIуней акушер-гинекологги чода рекIинаюн, хадуб цIан чугун, нижехъан хьвадулаан РахIима. Сордо гьез нижехъ балаан. ЧIухIараб рукъин абулаан нижеца гьалбал регизаризеян тараб рукъалде. Нижерго микьавго чи (щуябго лъимерги, эбел-эменги, кIудияй эбелги) цогидаб рокъор рукIунаан.

  Тохтуралъе щиб къваригIаниги, гьебги босун эбелалъ дун йитIулаан (квен-тIех, какие чуризе хIажатал тIагIелал ва цогидаб). Гьеб мехалда дида кколаан бихьулищин тохтуралъе букIунеб бугеб лъикI – чияца кинабго кодобе босун кьолеб бугин гьелъухъе. Гьединго дихъеги босун рачIине рукIине, дунги цIалилин кIудияй гIедал тохтурлъиялъе. Гьедин ккезеги ккана.

   -Доб мехалда гьанже гIадал шартIал рукIинчIелъул, гIемер рукIун ратила унтулелги холелги…

   -ШартIал рукIинчIониги, унтаразда хадуб чIезабулеб хъаравуллъиги гьездехун гьабулеб бербалагьиги кутакалда лъикIаб букIана. Союз биххаралдаса медицинаялъул иш лъугIанин ккола дида.

  Советияб медицинаялда бищун гвангъараб цIвалъун дица рикIкIуна ДАССРалъул бетIерай акушер-гинекологлъун йикIарай Сугъралъа Рукъият ХIамзатова-ГIабашилова.

    ГьитIинаб букIаниги, цониги къватIалъе, сквералъе, больницаялъе яги мадрасаялъе Рукъиятил цIарги кьун, мунагьал чураялъул рухI бохизабизеги гьелъул цIар даим гьабизеги анищ буго дир. Гьелъие гIоло хIалтIи гьабулебги буго.

   МоцIалъ цебе 97 сон тIубана Рукъият гьаюралдаса (гьей гIумруялдаса ятIалъана гъоркьиса 25 июналда). Доб мехалда республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрлъун вукIарав Наби Къураев сабаблъун лъана дида Рукъият. БачIинахъего МахIачхъалаялда хIалтIи кьолеб букIинчIо дие, цин лъагIалица Избербашалде ине кколин. Гьений чIезе бокьичIони, лъагIалидасан нахъюссун ячIине бегьулинги абуна министрас. Гьедин, лъикIги-квешги ана лъагIел ва ракIалде ккана МахIачхъалаялде нахъ юссине (дир хъизан-рукъги гьениб букIиндалха, тIадежоялъе, Избербашалда йикIана дир хIалтIи къваригIарай тохтурги).

   ПалхIасил, министр Къураевас тIубазабуна кьун букIараб рагIи. Цинги, ахIун республикаялъул бетIерай акушер-гинеколог Рукъият ХIамзатовагун, гьес гьелда абуна дие хIалтIи кьеян.

   Рукъиятида ракIалде ккана дун централияб больницаялде йосизе. Цинги дица хъвараб гIарзаги кодоб ккун, гьелъ махсара гьабуна кигIан лъикIинха гьанже переводчицагIаги йигей, магIарухъа рачIунел руччабаз бицараб жо гIурус мацIалде буссина бизе.

   Дун хIалтIизе лъугьараб централияб больницаялда акушер-гинеколог хIисабалда бащдаб ставка букIунаан гьелъулги. Чара гьечIого командировкаялъ яги цогидаб къваригIелалъ дое-гъое ине кколеб мехалда гьелъ дида тIадкъалаан жиндирго дежурстваби. Гьедин дагь-дагьккун нижер гьудуллъиги ккана, цоцахъе тIаде-гъоркьеги унаан.

  Рукъиятил рос МухIамадхIа­жиявги («Дагэнергоялъул» генди­ректорлъун вукIарав ХIамзат ХIам­ затовасул эмен – авт.) гIезегIан лъикI лъалаан дида. Лъай кьеялъул министрасул заместительлъун ву­кIана гъов доб мехалда. Гьединго дунялалъул кIиабилеб рагъул заманалда япониялъулазулгун рагъде Манчжуриялде витIарав гьев, гьениб бихьизабураб гьунаралъухъ Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьезецин вихьизавун вукIун вуго. Амма исламиял церехъабазул цояв, ГIабдурахIманхIажи Сугъуриясул наслуялъул чи вугин гьев, гьединал чагIазеги кьолеб жойищ тIадегIанаб цIар букIунебан, нахъасан мацIалги гьарун, квал-квал ккун буго гьелъие.

   МухIамадхIажиясул кумекги нижее жеги Рукъиятилгун лъай-хъвай ккелалдего щун букIана. Щуйилазда Буйнакскиялъул педучилище лъугIарай дир яцалъ экзаменал кьун рукIана Руччабазул институталде лъугьинеги (пединституталде). Амма цIализе рорчIаразда гъорлъ гьелъул цIар батичIо. Гьеб мехалда дир росасул гьудул-гьалмагъас, хадув мединституталъул кафедраялъул заведующийлъун вукIарав Гъуниб районалдаса Шамил ГIумаровас бицана лъай кьеялъул министрасул заместительлъун жидер районалдаса чи вугила, гьесда абилила гьеб суалалъул цIех-рех гьабеян. Гьев чи ватана МухIамадхIажияв. АхIун ректорасухъегун, гьес нахъисеб къоялъго дир яц пединституталде йосизаюна.

   Гьанже нахъа, гьесул лъади Рукъиятилгун гьудуллъи ккедал, нижер яцалъе гьабураб гIаданлъи ракIалде щвезабуна МухIамадхIажиясда. Жинца гIезегIан гьарунила, ПатIимат, гIадамазе гьединал кумекал, амма гьезда гьеб кIочон толеб бугинхаян абуна гьес.

   Гьесул хъизаналъул бициналде тIад руссани, дида ккола жидерго рукъалъул чагIазеяздасаги цIикIкIун пайда Рукъият ХIамзатоваГIабашиловалъ чияр чагIазе гьабун батилилан. Щайин абуни, сордо-къадлъи батIалъи гьечIого, хIалтIуда йиххун йикIунаан гьей.

  Гьединабго хIалтIи нижедасаги тIалаб гьабулаан мунагьал чураялъ. Масала, цо нухалъ хабар щвана Унсоколо районалъул Балахьуни росулъ лъимаде йикIарай кIиго чIужугIадан хванин, биги чвахун, цо анкьида жаний. Рукъиятица дида абуна санитарияб вертолёталдеги яхун, мун хъата-масан Балахьуние йоржине кколилан. Гъоб мехалда дир рокъор рукIана гьанжегогьанже школалде хьвадулей ясги лъагIелгун бащдаб мех барав васги. Мадугьалалда тIад гьелги къан, ине кканаха.

   Гьединабго хIужа ЛъаратIаги ккун букIана. Гьеб мехалда гьениреги ритIана Рукъиятица дунги цогидай тохтурги. ХIалтIул къо ахиралде щвезе абуни бащдаб сагIат хутIун букIана. ХIажалъи ккани, нужеца гьениб операцияги гьабейин лъазабуна Рукъиятица нижеда. Гьебни гьабизе ккечIо. Акушер-гинекологал рукIин­чIолъиялъ, моцI Рутулалда, цоги моцI БежтIа бана дица. Армиялда ругел солдатаз кинигин, инкарги гьабичIого, тIубазабизе кколаан ми нистерствоялъул амру

 -ГIолохъанлъуда мун росгун цадахъ Анголаялдаги хIалтIана. Гьеб улка хас гьабун нужецагойищ тIаса бищун букIараб?

 

    -Дир рос МелъелтIаса ккола. Институталдаса хадув гьев хIалтIана жиндирго росулъги Дилималъул больницаялда бетIерав тохтурасул заместительлъунги. Хадур ниж ккана Избербашалде. Гьеб заманалда нижер гьалмагъзаби Алжиралдеги цогидал улкабаздеги унел рукIана, гIарац гьабизе. Гьебго жо нижедаги ракIалде ккана, щибгIаги шартIалги гьечIел баракалъур гIумру гьарун тIураларин абунха. Росасул курсцояв кколаан гьанже нахъа Ветераназул госпиталалъул нухмалъулевлъун вукIарав мунагьал чураяв Ибрагьим Ибрагьимов. Доб мехалда гьев сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун вукIана. Гьесул квербакъиялдалъун документалги хIадурун, ана Анголаялде. Гьеб букIана 1978 соналъул сентябрь. Ниж гьенире щвараб къоялъ хун ватана Анголаялъул президент Агостиньо Нето. Гьеб мехалда тIубан ургъел чIвана нижеда, гьанже гьевги хун, рагъги байбихьилин, нижги нахъе ритIилилан. Карибский кризис абун, СШАялдаги СССРалдаги гьоркьоб хIалуцараб ахIвалхIал букIана доб мехалда. Цо талихIалъ, гьениве президентлъун ккана советияб заманалда Бакуялда нартил институтги лъугIарав, гIурусай лъадиги йигев Жозе Эдуард душ Сантус (гьеб хъулухъалда гьев вукIана 2017 соналде щвезегIан).

    Анголаялда кIиго соналъ хIалтIана ниж тохтурзабилъун. Акушер-гинекологазе гIемераб хIалтIи букIунаан гьениб, щайгурелъул гьезул бихьиназе ихтияр кьолаан ункъ-ункъ чIужу ячине. Гьез ясалги 14 сон баралго рачунаан.

   Анголаялдаса хадуй хIухьбахъизе дун ун йикIана Индиялде, Египеталде, Грециялде, Болгариялде. Дие цIакъ бокьула батIибатIиял улкабазул культурагун тарих лъазабизе. Гьанже Англиялдеги ахIулей йиго Анголаялда хIалтIулеб мехалдаго рукIарал гьудулзабаз. Росулъ диего бухъун хобги хIадурун тун йигей дун гьанжени киеха къватIие яхъиней?

 -Унго-унголъунгийищ бухъун бугеб?

    — Унха (елъулаго). Дие гIадамазулгун гьуинлъи гьабизе бокьула кий йигониги. Анголаялде иналде цере нижеда лъазабун букIана во рейин, нужеца доба чияр гIадамазул гьоркьоблъи гьабугеян. ГьабичIого кин гьеб хутIулеб, нилъ чIагоял гIадамаллъидал. Валлагь, гьудуллъиги гьабуна, ккараб мехалда уколалги гьаруна немцазеги цогидазеги, тIаде-гъоркьеги ана.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.