Тохтурасул хIакъалъулъ рагIи

ХъахIаб халгIаталъул къадру цIунарав

 

Дибирдадалги ПатIиматилги талихIаб къисаялъухъ гьоболлъухъ

ГIаздада тIугьдул

ТIанусдерил хабзал. Занал рах­чи­зегIан бараб гIазу. Апрель мо­цIалъул бакъул чIоразде данде кен­чIолел гIазул хIулабаз зонода аскIов эхетун вугев Дибирдадада цо­ги нухалда ракIалдещвезарулел руго гIолохъанлъиялъул талихIал лахIзатал. Гьев сихIкъотIун гIенеккун вуго… Ва заманалдасан гIаздада раккана тIугьдул. БагIарал розабаз цIуна йокьулей ПатIиматил хоб.
— Жакъа мун гьаюраб къо буго, гьудул… — гьедин ахIулеб букIана Дибирил цIаралдасан розабаз Па­тIиматие 2018 соналъул 3 апрелалда.
РекIелъе бортулеб гьеб пашманаб сураталъ ячун ятила дун Республикаялъул урологияб централъул бетIерав тохтур Дибирдадахъе гьоболлъухъ.
БетIерав тохтурасул кабинет. Гьениве уневщинасе салам кьолев ХIамзатил Расулги. Нилъалзукь кверги чIван, шагIир нилъер ургъалида вугин ккола. Щиб лъалеб, гьеб сураталъухъ валагьидал, Дибирида гIумруялъул цо-цо лахIзатал ракIалдещолел ратизеги бегьула. Бокьун букIана тохтурасул хIакъалъулъ, гIадатияв инсанасул хIакъалъулъ гIадин хъвазе. Дица хъвазе щибха хутIун батилеб!?
Кабинеталъуе лъугьарайго, дир бер речIчIана Дибирил столалда тIад лъун ругел ПатIиматил хIакъалъулъ хъварал макъалабазде. Гьеб параялъ нижеца кIиязго пикру гьабулеб букIана ПатIиматил. Гьеб сихIкъотIиги гьоркьоб къотIизабун, Дибирица абуна лъабабилеб апрелалда ПатIиматида гьаюраб къо баркизе ТIанусиве ун вукIанилан. ЛъикI мехалъ бицана 50 сон балалде, битIун гIумру тIегьалеб гIужалда, Аллагьасул бацIцIадаб къадаралде щварай ПатIиматил хIакъалъулъ.
— Дун разияв вуго дирго лъималаздаса, гьез эбелалъул гьанжеги гьабулеб бугеб адабалдаса, — ян абуна Дибирица.
Амма гьеб гьедин букIинчIого букIинеги бегьулаан, кинабго рахъалъ лъималазе мисаллъун эмен вукIинчIевани. Гьеб гара-чIвариялдаса хадуб дида лъана цIияв Дибир. Тохтурзабазул хIакъалъулъ хъвалелъул, аслияб къагIидаялда кIвар кьола гьезул хIалтIи-ишалде. Диейин абуни, кIудияб асар гьабуна тохтурасул рухIияб рахъалъ. Унго-унгояв тохтурасе, тIоцебесеб иргаялда, къваригIунеб батила гьелъул бечелъи.
Бицана Дибирица ХIамзатил Расулилгун букIараб гьудуллъиялъул хIакъалъулъги.
— Гьес гIумруялъул гIемерал дарсал кьуна дие. ЗахIматал лахIзатаз дир пикрабалъе вачIунаан ва гьанжеги вачIуна кIудияв шагIир.
Дурго гIумруялъулъ жакъа щиб дуца хисизабизе букIараб, гьелъул кинаб бутIаялдаса дуца инкар гьабилеб букIараб абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Дибирица:
— Дица дирго гIумруялъул цохIониги бутIаялдаса инкар гьабилароан. Гьеб буго дицаго тIасабищараб нух. Щивасул рукIуна талихIалги талихIкъосаралги лахIзатал. Нилъеца гьезул цонигиялдаса инкар гьабизе бегьуларо. Гьезул щибалъулъ буго жинди-жиндир хаслъи. Гьез нилъ гIемераб жоялда тIад ургъизе тIамула. Масала, ПатIиматил хвелалъ гIумруялъул хIакъалъулъ дир рукIарал пикраби хисизаруна.

Тохтурлъиялде тIамурал галаби

ГIумруялъул хIакъалъулъ гара- чIвариялдаса хадуб, Дибирица бицана хъахIаб халгIаталъе даимаб сайгъатлъун хутIараб жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ.
— ГьитIинго бижана дилъ тохтурлъун вахъине анищ. ЦIалана Буйнакскалъул медучилищеялда, гьелдаса хадув — Дагъистаналъул мединституталда. Институт лъугIидал, цIалана урологиялъул ординатураялда. ЦIалулъги хадуб хIалтIулъги дица дирго унго-унгояв учительлъун рикIкIуна институталъул профессор Малик МахIачев. Гьесул дарсал щвечIелани, жакъа дун гьадинавлъун вукIинчIого вукIинеги бегьулаан. Гьес жинцаго кьуна дие тема ва гьелда тIад хIалтIейиланги лъазабуна.
Дир гIелмияв нухмалъулев­лъун вукIана ХIариколоса Арбу­­лиев МухIамад. Гьезул хIа­­ра­ка­талдалъунги дирго жигарчилъиялдалъунги дун вахъана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъун. Чанго соналъ хIалтIана республикаялъул централияб больницаялда урологиялъул кафедраялда, гьабуна гьелъиеги нухмалъи, хIалтIана отделениялъул нухмалъулевлъунги.
1993 соналъ, доб заманалда сахлъицIуниялъул министрлъун вукIарав Ибрагьим МухIамадовасул жигаралдалъун рагьана республикаялда урологиялъул центр. Гьебго соналъул 18 октябралдаса нахъе дун хIалтIулев вуго гьаб централда. Цин хIалтIана отделениялъул нухмалъулевлъун, хадув — бетIерав тохтурлъун.

Берцинаб хъизамалъул хважаин

Дибирил буго берцинаб хъизан. Инсул нух тIасабищана цIикIкIарав вас ГъазимухIамадица. Гьевги ккола централъул отделениялъул нухмалъулев. ЦIунана медицинаялъул гIелмабазул кандидатасул диссертация. Яс Аминатги ккола функционалияб диагностикаялъул тохтур. ХIалтIулей йиго гьенийго. Гьезул буго жидерго хъизан-рукъ. Гьеб берцинаб хъизамалъул хважаин Дибирица гIемер данде ракIарула лъимал. Свине толеб гьечIо гьес талихIалъул гъасда ПатIиматица бакун тараб цIа. Хадусев вас ХIажи цIалулев вуго МГУялъул аспирантураялда. Гьединго кIудияб адабгун ва рокьигун рехсана гьес жиндирго лъималазул дахIабаба, ПатIиматил эбел Арайчул цIарги.

Республикаялъул
бетIерав уролог

Руго Дибирил шапакъаталги. Гьев ккола Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур. Щвана гьесие Россиялъул президентасул ХIурматалъул грамотаги. Дибир ккола Дагъистаналъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бетIерав урологги.
— Щивав чиясда тIадаб буго жиндирго сахлъиялда хадуб халкквезе, гьединлъидал абизе бокьун буго, 40 сон баралдаса нахъе кIвар кье нужерго сахлъиялде, нахъбахъун тоге — щва киналго специалистазухъе, гьабе диспансеризация. Унти чорхолъ бессизегIан чIечIого, гIедегIе тохтурасухъе, — ян малъа-хъвай гьабуна тохтурас.

Жакъа урологияб централда

Дагьаб цебе республикаялде рачIун рукIана Россиялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул специалистал. Гьезда гьоркьов вукIана урологиялъул НИИялъул директор Олег Аполихинги. Гьес лъикIаб къимат кьуна Дагъистаналъул урологияб централъул хIалтIуе.
Урологиялъул институтгун цадахъ хIадур гьабураб программаялда рекъон, 2014 соналдаса нахъе республикаялда кIудияб кIвар кьолеб буго бихьиназул сахлъиялде. Унтарал рикьулел руго лъабго къокъаялде. ТIоцебесеб къокъаялде гъорлъе уна хехаб медицинаялъул кумек къваригIарал унтарал. Хадусел къокъабазде — сахгьари кIиго-лъабго соналъ нахътIамун тезе бегьулел унтарал. Централъул планалда рекъон, тIоцебесеб иргаялда, халгьабулеб буго мугIрузул районазда ругел унтаразул. Дагь-дагьккун ирга киназдего щвезеги буго. Гьезул буго хьвадулеб мобильнияб центрги. Гьенир руго УЗИ-аппаратги, мини-лабораторияги. Гьединго клиникаялда руго ургьисалабазда жанир лъугьарал ганчIал гъурулел хасал аппаратал, босизе ракIалда буго рентгеналъул цIияб техника. Гьелъие хас гьарун хIадурарал специалисталги руго. Цебе, институт, интернатура лъугIун хадуб, урологасул сертификат щвезе ккани, лъабго моцIалъ цIалани гIолаан. Гьанжейин абуни, цIализе ккола кIиго соналъ клиникияб ординатураялда. Республикаялъул 52 районазул 17-ялда гурони гьечIо тохтур-уролог. Киназего гуро бокьулеб рикIкIада ругел районазде хIалтIизе инеги. Гьединлъидал урологазул хIалтIиги хурургаз гьабизе кколеб буго.
«Гьелъие хирургал цIалула нижер централда кIиго анкьил курсазда, цIакъго захIматго унтаразе кумек гьабизегIаги букIинелъун», — ан абуна Дибирица.

ХадурагIи

Гьалеха лъугIана Дибирилгун букIараб гара-чIвари. ЦIакъ бокьун букIана жеги-жеги гьес бицунелъухъ гIенеккизе. Амма бихьулеб букIана гьев унтаразе хIажат вугевлъи.
Гьединав вуго хъахIаб халгIа­талъул къадру цIунарав, магIарул миллат жиндаса чIухIизе бегьулев, Россиялъул урологазул гIуцIиялъул член ХIажиев Дибирдада.

Шамай Хъазанбиева