Гьересидарабазе нух къан буго

Республикаялъул аптекабазда ричулел дараби хIалтIизаризе бегьула

 

Шамилхъала поселокалдаса Арсланов ГIалица редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Абула, аптекабазда ричулел дарабазул 30-40 процент гьересияб бугилан. Дарабазул даражаялда хадуб халккколеб идарагойищ букIунареб? Масала, Интернеталда гIемер руго хириял дараби росичIого, гьезулго гIадаб пайдаялъул ва учузал нилъерго дараби росейилан малъа-хъваял гьарулел роликал. Гьенирго рехсолел руго гьелъие нугIлъи гьабулел гьадинал дандекквеялги: Нурофен (120 гъур.) ва Ибупрофен (10 гъур.), Мезим (300 гъур.) ва Панкреатин (30 гъур.), Белосалик (380 гъур.) ва Акридерм (40 гъур.), Вольтарен (300 гъур.) ва Диклофенак (40 гъур.), Деклюкан (400 гъур.) ва Флуконазол (30 гъур.), Мирамистин (200 гъур.) ва Хлоргексидин (10 гъур.). Гьезул халатаб сияхIалъул ахиралда буго гьадинаб хитIабги: «Кваназаруге фармакорпорациял. Сах­­гьариялъе хIалтIизаре учузал дара­би ва кIванагIан гIемерал чагIазда бице гьезул хIакъалъулъ», — ан.
Арслановасул кагъатги цIалун, ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялда цебе бугеб аптекабазул управлениялъул директор, провизор Хулата Магьдиевас гьадин бицана:
— Федералияб ва регионалияб программабазда рекъон, ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъ росарал дараби нижер управлениялъул аптекабазул складазда цIунула. Гьениса гьел уна бигьалъаби щолел чагIазе дараби кьолел аптекабазде ва больницабазде, гьединго хириял дараби росула къанагIат гурони дандчIваларел унтаби ругел чагIазе кьезе.
Ниж хIалтIула республикаялъул 84 аптекагун. Пачалихъалъул больницабазе кьола наркотикиял ва психотропниял дарабиги.
— Лъица халгьабулеб нужер складазда ва аптекабазда ругел дарабазул даражаялъул ва кин ралагьулел дарабазда гъорлъ гьересидараби ругищали?
— Гьеб хIалтIи гьабула Росздравнадзор абулеб территориалияб идараялъ, гьелъул специалистаз дарабазул анализал росула, чIезарула гьел хIакъикъиял ругищ-гьечIищали. Гьел анализал цIех-рех гьабизе ритIула ЧРялъул Гудермес шагьаралда бугеб хасаб лабораториялде, щаклъи ккарал дараби тIагIинарула. Цоги, Росздравнадзоралъул сайталда руго киналго дарабазул хIакъалъулъ хъварал мухIканал баянал, гьезул кьучIалдаги тIатинарула гьересидараби, ратани, росарабго бакIалде тIадруссинарула. Гьересидараби тIатинарураб аптека ва гьелъул жавабияв тамихIалде цIала.
Жакъа республикаялда руго гIемерал фирмаби ва аптекаби. Гьединлъидал дарабазул бизнесалда ругез хIаракат бахъула клиентал жидехъего цIазе, хIажатал дараби чIезаризе. Аптекабазда гьоркьоб бугеб къецалъ гьел тIамула лъикI хIалтIизе.
Складалде рачIарал дарабазул цIех-рех гьабула нижерго ла­бо­рато­риялда, гьелдаги гIей гь­аби­чIого, СахлъицIуниялъул министер­ствоя­лъу­л «фальсификат» абулеб сайталда лъун руго тIати­на­ру­рал гьересидараби. Нижер специалистаз гьелгун данде ккола цIирачIарал дараби. Къокъго абуни, гьересидарабазе жакъа нух къан буго.
— Хабар буго, аптекабазул хважаинзабаз, цоцалъ рекъон, дарабазул багьа цIикIкIинабулеб бугин, ва тохтурзабаз, кколелги кколарелги дарабиги хъван, унтарал пуланаб аптекаялде айилан ритIулин ва гьеб «бизнесалдаса» щвараб хайи­ралдаса аптекараз гьезие щуго-анцIго процент кьолин…
— ГIемерал сонал руго дун гьаб хъулухъалда хIалтIулев вугелдаса, амма аптекабазул бетIергьабазул цоцалъ рекъейин абулеб жо тIоцебесеб нухалъ рагIулеб буго. Жакъа аптекабазда гьоркьоб кIудияб къец буго, щивав клиент гьезие «хириявги» вуго, дарабазул къварилъиги гьечIо.
Тохтурзабазул «бизнесалъул» гIемер бицуна, гьеб битIарабги батила, амма дидаго гьеб иш лъаларо ва кьучIаб жаваб кьезеги кIоларо. Тохтурас ритIараб аптекаялдеги чара гьечIого ине кколаро.
— Ругищ багьа цIикIкIинабизе гьукъарал дараби?
— ГIезегIан руго, гьел ккола унтарасе гьечIого гIоларел дараби, ДРялъул тарифазул хъулухъалъ гьезул багьа цIикIкIинабизе гьукъула. Гьел дарабазул багьабазда хадуб халккола Росздравнадзоралъ, чIезабуралдаса гьезул багьа цIикIкIинабуни, аптекаялда тIад гIакIаги къотIула.
— Дараби ричулел идарабазе лицензия лъица кьолеб? Гьеб гьечIого аптека хIалтIизе рес букIунищ?
— Гьеб документ кьола ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул лицензиялъулаб отделалъ. Дунги хIалтIана гьенив. Лицензия кьурал аптекаби Росздравнадзоралъул сияхIалда рукIуна ва зама-заманалдасан, прокуратурагун цадахъ, гьезул халгьабула. Лицензия гьечIеб аптека къала, хважаинасда тIад гIакIа къотIула яги административияб тамихIалде цIала.
— Нилъер республикаялде киса рачIунел дараби?
— Республикаялъул оптовиял фирмабаз дараби росула Россиялъул дараби гьарулел заводаздаса ва оптовиял базабаздаса. Республикаялъул цониги фирмаялъул лицензия гьечIо батIиял пачалихъаздаса дараби росизе. Гьединлъидал къваригIарал дараби нижеца росула Москваялъул оптовиял фирмабаздаса.
— Дуца абулеб буго Дагъистаналда дарабазул рахъалъ къварилъи гьечIин. Амма, дараби кьолел гьечIинги абун, хIукуматалъ чIорого ва 50 проценталъул бигьалъи гьабун дараби кьолел чагIазул гIарзал лъугIулелго гьечIо.
— Гьединал чагIазул хъвай-хъвагIай букIине ккола федералияб яги регионалияб реестралда. Инвалид реестралда вугони, гьесул цIаралда заявка кьола СахлъицIуниялъул министерствоялде, ва гьелъ босула гьеб дару. Гьеб мурадалда исана федералияб ва регионалияб бюджетаздаса саламатаб гIарац биччан буго ва лъагIалие гIурал дарабиги росулел руго. ТIадехун бицунелъе бугеб аслияб гIилла ккола жиндир заманалда инвалид реестралде восичIолъи ва дараби тIадчIун тIалаб гьарунгутIи.
— Цо-цояз абула жидеца къва­ри­гIунел дараби нахърателалъе ру­кIинеги къватIисел пачалихъаздаса росулин. Масала, Цолъарал ГIараб Эмиратаздаса босарабги нилъер аптекаялдаса босарабги «Тромба-Ассалъул» гьоркьоб хIамидаги чодаги гIанги кIудияб батIалъи бугин. Гьеб пикру битIараб бугищ?
— Рес бугел чагIаз дараби бокьараб бакIалдаса росизе бегьила, амма цого даруялъул даража кибго цого букIуна.
Нури Нуриев