Кислородалъухъ -50 млн.гъурущ

 

 

     26-27 июлалда Дагъистаналда коронавирусалъ унтана жеги тIадеги 204 чи. Гьезда гьоркьоса сахлъана 153-яв ва хвана 11 чи.

      ГьабсагIаталда республикаялда коронавирусалде данде вакцина гьабун буго 229 азарго чиясе.

     Коронавирусалде данде къеркьеялъул тадбиразул цояб ккола унтарал чагIи кислородалдалъун хьезариги. Амма республикаялъул медицинаялъул идарабазда гIолел гьечIо унтарасе кислород кьезе санагIатал алатал. Гьелда бан, Дагъистаналъул хIукуматалъухъа кумек гьарун, хитIаб гьабун букIана медицинаялъул идарабазул нухмалъулез.

    Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалъул нахъраталил фондалдаса 49 миллионгун щунусазарго гъурущ кьолеб буго республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъе. Гьелда бан, хасаб хIукмуялда гъоркь гъулбасана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас. Гьеб гIарцухъ росизе руго медицинаялъул идарабазе кислородалъул алатал.

   Муниципалитетазул медицинаялъул идарабазул хитIабалда рекъон, кислородалъул алатал гьезие кьезе ккола Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ, гьелде хIажалъи бугищалиги халгьабун.