Коронавирусалъул хасият хисун буго

      ТIолабго улкаялдаго гIадин, БежтIа участокалдаги цIикIкIунеб буго коронавирусалъ унтаразул къадар. Жакъа гьеб унтуде данде чIезе гIураб къуват ва гьелдаса цIуниялъе хIажатабщинаб бугищали лъазабизелъун ниж щвана БежтIа участокалъулаб больницаялде. Рехсараб участокалда бугеб ахIвал-хIал рагьизелъун дандчIвана ЦРБялъул эпидемиолог-инфекционист Садула Сомоевгун.

 

Баян

    ДРялъул медицинаялъул мустахIикъав тохтур Садула Сомоевасухъе рахунел гIузраби сах гьаризе гурелги, унтарал лъимал рачунги хьвадула бежтIасел.

    Педиатрия ккола гьесул кIиабилеб махщел.

   Инфекционистасул тIоцебесеб хIалбихьи гьесие щвана студентлъун вугеб заманалда, республикаялъул инфекциязулаб больницаялда хIалтIулаго.

   Дагъистаналъул мединститут лъугIидал, Казаналда ункъо моцIалъ цIалана гьев. Цинги щуго соналъ хIалтIана Набережные Челны шагьаралъул инфекциязулаб больницаялда.

     1989 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго гIагараб росдал больницаялда.

 

КIАЛБИЧЧАРАЛДАСА НАХЪЕ ЦIИКIКIАНА

 

— Садула, ахираб заманалда унтаразул къадар цIикIкIиналъе гIилла щиб?

        — Коронавирусалъ унтаразул къадар кIалбиччанкъоялдаса хадуб цIикIкIине байбихьана. Гьелъие гIиллаги буго шагьараздаса гIемерал гIадамал гIагарлъиялъухъе щвезе росулъе рачIин.

Жакъа инфекциялъулаб отделениялда 17 унтарав руго. Анализазул хIасилалда, гьезда гьоркьоса микьгоязул коронавирус унти букIин чIезабуна. Киназулго пневмонияги буго, гIезегIан захIматгоги руго. Анализ гьабун хадуб коронавирус унти букIин тIатарал амбулаториял унтаралги цIикIкIунел руго. Гьел халгьабияздаса хадуб, жакъа къоялде 28 чиясул коронавирус унти батана.

— Гъоркьиса коронавирусалде данде къеркьезе щиб хIадурлъи нужер букIараб?

        — Дунялалдаго унти тIибитIулеб бугин рагIаралдаса нахъе дица инфекциялъулаб отделение цебеккунго хIадур гьабун букIана унтарал къабул гьаризе. Терапиялъул ва лъималазул отделениялги коронавирусалъ унтарал сах гьариялъе хIадурун букIана. Участокалда цогIаги унтарав чи вукIинчIониги, ниж гьелдаса рорчIулареблъиги лъан, хIадурго чIана. Пандемиялъул байбихьудаго нижер рес букIана 26 унтарав вегизавизе.

— Больницаялда гIураб къадаралда дару, кислород гьечIолъиялъул, яги жиндир заманалда кумек щвечIого хутIиялъул хIужжаби рукIанищ?

          — Байбихьуда захIматго букIана. Кислородалъул концентраторал (кислород бацIцIад гьабулеб аппарат) рукIинчIо, баллонал, подушкаби гIолел рукIинчIо. Кислород лъугIанщинахъе машина битIулаан МахIачхъалаялде баллонал цIезе. Кин букIаниги, ниж гьелдаса рорчIана.

      ГIемерисеб мехалда нижерго росуцояз росулаан хIажатал антисептикалги, маскабиги ва медицинаялъул хIалтIухъабазе хIажатабщинабги. Германиялда, Франциялда гIумру гьабун ругел росуцоязцин кумек гьабуна. Цоги аппарат щвана нижерго ракьцояв, эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион МухIамад КъурбангIалиевасул кумекалдалъун.

— ГьабсагIаталда коронавирусалдаса сах гьариялъе больницаялда камураб жо бугищ?

       — ХIажатабщинаб чIезабун буго, амма больницаялда гIураб къадаралда концентраторал гьечIо. Унтаразул къадарги цIикIкIунеб бугелъул, жеги чанго аппарат щвани лъикI букIинаан.

— Гъоркьиса букIаралде дандеккун, цIуна-къай гьабиялъул рахъалъ исана гIадамазул бичIчIи хисун бугищ?

     — Гъоркьиса гIадамал квешго унтиялъе ва тахшагьаралде рачине ккеялъе гIилла букIана унтарал жиндир заманалда тохтурасухъе рачIинчIолъи. Нижер больницаялда ковидалъ унтарав цогIаги чи хвечIо, тахшагьаралде захIматго лъугьун ритIарал гурони. Коронавирусалдасаги сахлъун, нахъе йиччазе хIадурулей йикIарай цо гIадан хвана. ГIадалнахулъе би тIинкIун, инсульт ккана гьелъул. Цебеялде дандеккун, исана унтул хасият хисун буго. Гьанже гьеб унти захIматго унебги буго. Церего унтун рукIарал ва антителаби ругел сах гьаризе бигьалъула.

— Унтарал цIикIкIиналъ Дагъистаналъул цо-цо районазда карантин лъун буго. Нужер гьаниб гьединаб хIинкъи бугищ?

    — КинабгIаги бакIалда карантин лъезе ккани, гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазда гьоркьоб унтаразул къадар 20 проценталде бахине ккола. БежтIа участокалда гIумру гьабун вуго 8066 чи. Гьединлъидал карантин лъезе ккараб хIал гьечIо.

— Гъоркьиса нужер больницаялъул хIакъалъулъ гIемер бицунеб букIана. Сахлъи цIуниялъул министерствоялдасан яги районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагътал, шапакъатал щванищ нужер хIалтIухъабазе?

  — Нижер хIалтIи, цогидалго больницабаздаго гIадаб, хIалуцараб букIана. Амма шапакъатал кьолелъул, щаялиго, ниж гьоркьор тана.

 

ВАКЦИНАЯЛЪ ЦIУНИЛА

 

— Гъоркьисаго гIадинаб захIматаб хIалалде ккеларедухъ, халкъалъе кинал малъа-хъваял дуца гьарилел?

     — Гьоркьоса къотIичIого халкъалъулгун бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабула. ГьанжелъизегIанги коронавирусалъ унтарав цо-цо, кIи-кIи чи вегун вукIунаан инфекциялъулаб отделениялда. Унтаразул къадар дагьлъаниги, маскаби, квердахелал ретIеян, гIемерал гIадамал данделъарал бакIазде унгеян лъазабула. Нижер участокалъул киналго гIадамаздехун цоги нухалда гьари буго вакцинация гьабеян. Гьелдалъун гурони коронавирусалдаса цIуни гьечIо.

— Коронавирусалде данде прививка гьабуралги унтулел ругин аби уяб жо бугищ?

   — Прививка гьабуралдаса нахъе инсанасул чорхолъ антителаби лъугьунел рукIуна. КIиго моцIидасан гурони коронавирусалда данде чIолел клеткаби лъугьунаро. Гьеб заманалда жаниб инсан коронавирусалдаса цIунаравлъунги вукIунаро. Бокьараб мехалда унтизе бегьула гьев. Гьесул чорхолъ жеги коронавирусалде данде чIолел клеткаби гьечIелъул, прививка гьабичIев чи кинигин гьевги унтизе рес буго.

— Вакцина гьабурав чиясдаса сверухъ ругезе хIинкъи букIунищ?

     — Прививка гьабураб къоялъго гьесул чорхолъ бахчараб унти букIун батани, гьеб мехалда гьесдаса унти бахинеги бегьула. Гьединлъидал прививка гьабилалде цебе гьесул хал гьабизе ккола. Мазок босун, ПЦРдиагностика, тест гьабун унти бугищали тIатинабизе ккола.

— Коронавирусалъул вакцинаялдаса хадуб лъимер щоларин абулелги руго…

       — Гьеб буго гьадингояб хабар. Нилъер пачалихъалъе халкъ тIагIинабизе бокьун бугиландай гьединазда ракIалде кколеб? Гьелъул гIаксалда, халкъалъул къадар цIикIкIинабизе гIоло пачалихъалъ гIемераб хIалтIи гьабулеб буго.

— Нужер участокалда чан чиясе гьабураб прививка?

       — Больницаялъул киналго хIалтIухъабаз гьабуна вакцина. Нижехъе бачIун букIана 750 вакцина. Жакъа къоялде 700-гIанасев чиясе гьабуна гьеб.

     Унтаразул къадар цIикIкIине байбихьидал, вакцина гьабизе бокьаразул къадарги цIикIкIана.

          Масала, гьале жакъа гьаниве прививка гьабизе вачIун вуго коронавирус багъарараб НахIада росулъа чи. Москваялдаса хIалтIун тIадруссун рачIарал гIагарлъиялъул гIадамаздаса бахун, тIибитIун буго гьезул росулъ унти. Циндаго цо хъизамалдаса микьго чи унтана гьенив. Гьезул гIагарлъиялъул гIадамал жеги унтулелги руго. Гьединлъидал НахIада росулъ прививка гьабизе бокьарал гIемер руго.

 

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА