Ракьалда лъалкIал

ХIалтIулъ батана талихI

 

Жакъа республикаялъе чара гьечIого хIажат руго Дибировал гIадинал
нухмалъулелги тохтурзабиги

КигIан лъикIав тохтур вугониги, бокьарав тохтурасухъа гуро бажарулеб больницаялъе нухмалъи гьабун. Гьединасул букIине ккола камилаб гIакълуги, кьварараб гIамал-хасиятги, цогидаздаса тIокIаб кIваркьейги, сабурги, жавабчилъиги. БетIерав тохтур вукIине ккола жиндирго ишалъе ракI-ракIалъ ритIухъав, тохтурасул хIалтIул бугеб кIвар бичIчIулев, захIмалъабаздаса хIинкъуларев чи. Дир пикруялда, гьединав нухмалъулевлъун рикIкIине бегьула хирург Дибиров ГIабдурахIим. Гьев ккола Лак районалъул Хути росулъа. Гьавуна 1962 соналда Москваялда, машгьурав гIалимчи, цаби-гIусазул тохтур Дибир Дибировасул хъизамалда. Гьесул жигаралдалъун рагьана Дагъистаналъул мединституталда стоматологияб факультет. Дибирги хIалтIана гьенив гIемерал соназ преподавательлъун.

Школалда ГIабдурахIим рикIкIу­наан мисалияв цIалдохъанлъун, гьесие рокьулел дарсал рукIана математика, физика ва ингилис мацI. Гьел предметазул олимпиадабазда призалъулал бакIалги росулаан гьес. Дибиров машгъуллъун вукIана спорталдеги, шагьаралда ва республикаялда тIоритIулел тIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ къецазда чIелал росулаан гьес.
1979 соналда Дибиров цIализе лъу­гьана Дагъистаналъул мединсти­ту­талъул лечебнияб факультеталде. Институталдаги гьев машгъуллъун вукIана жамгIияб ва гIелмияб хIалтIабазде. Гьесда тIадкъан бу­кIана профессор М. Арбулиевасул уро­логиялъул цIех-рехазул студентазул гIелмияб кружокалъул жавабчиясул хIалтIи.
ГIабдурахIимица жакъаги кIудияб адабгун ракIалдещвезарула жиндир рукIарал преподавательзаби: профессорал А. ХIамидов, Р. Мажидов, ТI. ТIалхIат, доцент Ю. Куликов ва цогидалги. «Дур бетIер цIодораб буго, берал гIолохъанал, кверал къуватал руго, бажарула», — янги абун, тIамуна гьев Ю. Куликовас тIоцебесеб операция гьабизеги. Операция лъугIун хадуб, гъажалда кверги лъун, гьес абуна: «ХIалчIахъад, кверал сородичIо, дур лъикIав хирург вахъина», — ян.
БагIараб дипломалда институт лъугIидал, ГIабдурахIим витIана Грозный шагьаралъул №4 больницаялда хIалтIизе. Гьениб гьесул гьудуллъи ккана ГIандиса хирург Багьавудин ГIалиевасулгун. «Гьес ругьун гьавуна дун хирургасул махщалида ва рагьана гьелъул балъголъаби. Лъимадуе гьабураб цо операциялдаса хадуб, «хIалчIахъадинги» абун, гьес кьураб къимат дие гIумруялъго хутIана бищунго тIадегIанаб шапакъатлъун», — ан бицана Дибировас, гьудулги ракIалдещвезавун.
Грозныялдаса хадуб ГIабдурахIим ункъо соналъ хIалтIана Гудермес шагьаралъул больницаялда. Гьениб камиллъана гьесул махщелги. Бицараб ритIухъ гьабизелъун, гьес цо гьадинаб мисалги бачана. «ТIоцебесеб маялъул къо букIана. Киналго тохтурзаби ун рукIана къадаралде щварав пишацояв вукъизе. Дун вукIана больницаялда хутIарав хирург. Анлъго сон барав васасул беццаб бакьалъе операция гьабулев вукIана. Циндаго рагIана милициялъул машинабазул сирена, машинабазул сигналал, гIодулезул гьаркьал, ахIи-хIур. Больницаялде вачун вачIана авариялде ккарав чанго чи. Дица хIукму гьабуна гьабизе байбихьун букIараб операция нахъбахъизе, Аллагьасе рецц, васасул гIумруялъе щибго хIинкъи букIинчIо. Авариялде ккарал гъура-чункун рукIана. Къокъго абуни, дихъа бажарана лъабго чи хвалдаса хвасар гьавун. Гьеб букIана дир бергьенлъи ва бажари, добги букIана дунго дидасаго чIухIараб къо», — ян.
23 соналъ (1990-2013) Дибиров хIалтIана И. Пироговасул цIаралда бугеб Москва шагьаралъул тIоцебесеб больницаялда кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъун ва хирурглъун. Гъваридаб лъаялъул, хирурглъиялъул лъикIаб махщалил, аслияб жо, берцинаб гIамал-хасияталъул инсан ГIабдурахIим вукIана киназго адаб гьабулев тохтур. «Нижер хехаб кумек» абураб тIокIцIарцин рекIун букIана гьесда. Миллат цIехечIого, щоле-толеб жоялъухъ балагьичIого, гьес киназего кумек гьабулаан. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. «1993 соналъул 31 декабралда гьесухъе ахIун бачIана ЧРялъул сахлъицIуниялъул министр Муса АхIмадовас. Гьес абуна, хъачагъазул гуллица захIматго лъукъун вугила Къадировасул охранник, хIажат бугила хехаб кумек. Гьес кинабго жавабчилъи жиндего тIаде босана, лъукъарав И. Пироговасул больницаялда лъуна, операция гьабизе махщел бугел хирургал ахIана. ПалхIасил, лъукъарав хвалил квачIикьа вахъана».
2013 соналда Дибиров Дагъистаналде тIадвуссине ккана, захIматго унтарав инсуе хIажат букIана гьесул кумек. Заманалдасан, республикаялъул сахлъицIуниялъул министр Танка Ибрагьимовас гьесда гьарана Гъумекиб росдал больницаялъул бетIерав тохтурасул хIалтIи тIаде босеян. ГIабдурахIимица бицухъе, Гъумекиб ратана ремонт гьабураб сон кIочараб мина ва кабинетал, басралъарал алатал, лъай-махщел камил гьабизе кколеблъи кIочарал медицинаялъул хIалтIухъаби… ЛъагIелгун бащдаб заманалда жаниб кьучIдасанго хисана больницаялъул куц-мухъ. БетIерав тохтурасул тIалабал тIуразарун бажаричIого, лъай-махщел мукъсанал тохтурзаби ва медсестраби жалго хIалтIудаса нахъе ана. Гьезул бакIалде росана Россиялъул медицинаялъул центразда ва МахIачхъалаялъул больницабазда хIалтIулел рукIарал тохтурзаби: хирург, педиатр, травматолог, нев­ролог, кардиолог, тохтур-лаборант. Жакъа больница хьезабун буго гьаб заманалъул медицинаялъул алатаздалъун, тохтурзабазе чIезарун руго тахшагьаралдаго гIадал шартIал. ТIадегIанаб технологиялъул операция гьабизе гурони, жакъа Лак райо­налдаса унтарав МахIачхъалаялде вачIине кколаро.
Лак районалъул жамагIаталъги ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъги бетIерав тохтурасул хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна. Гьелъги батила, 2017 соналда Танка Ибрагьимовас ГIабдурахIимида гьарараб, Каспийск шагьаралъул больницаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIал хIехьезе бегьиялдаса ун бугин, гьеб «сахгьабиялъул» иш тIаде босеян.
Каспийск шагьаралъул больницаялда хIалтIулев вуго 1500 чи, гьездаго гьоркьов 311 тохтурги. Больницаялда цебе бугеб поликлиникаялъул рес буго къойида жаниб 1200 унтарав къабул гьавизе. ГIабдурахIимица бицана: «Гьаниб бугеб ахIвал-хIал доб Гъумекиб росдал больница кIочараб батана. Божизе захIмат букIана шагьаралъул больница гьадинаб хIалалде ккун батиялда. Больницаялъул цо-цо бакIал риххун унел руго, хIажатханабаздаса бачIунеб лъим гьелъулго ракьалде чвахулеб буго, котельная хIалтIулебго гьечIо. Гьаниб гIураб къадаралда гьечIо я гьабзаманалъул медицинаялъул алатал, я лъай-махщел бугел хIалтIухъаби. ЛъагIелгун бащдаб заманалда жаниб Каспийск шагьаралъул больница бищун лъикIазул цояблъун гьабизе рагIи кьуна дица министрасе. Жакъа нижее чара гьечIого къваригIун руго лапороскопияб методика лъалел хирургал, тIадегIанаб лъаялъул чанго эндоскопист, бидурихьазул хирургал, операция гьабулел ортопедал ва травматологал, хIалбихьи бугел кардиологал, УЗИялъул специалистал, тохтурзаби-лаборантал. НахътIамун течIого, ремонт гьабизе кколеб хIалалда буго лъимал гьарулеб ва туберкулез сахгьабулел отделениял, лъималазул поликлиника. Больницаялда хадуб буго 70 миллион гъуршил налъи. Масъалаби руго, амма нижер ресалги хIалтIизе бугеб гъира-жанги кумекалъеги ахIун, гьел нижеца къокъаб болжалалда тIуразарила», — ян.
ГIабдурахIимил хъизан-лъималги руго цоцалъ рекъарал, гIадамазе ва пачалихъалъе пайдаял. КIудияй яс Тамара ккола лор-тохтур. Хадусей яс Сунна ккола педиатр-иммунолог, хIалтIулей йиго Москваялъул Д. Рогачевасул цIаралда бугеб медицинаялъул централда, вас Ибрагьимбег школалда цIалулев вуго.
Жиндирго аслияб хIалтIуда цадахъ Дибировас гьабула жамгIияб хIалтIиги. Гьев ккола «Гъази-Гъумек» жамгIияб фонд гIуцIаразул цоявги.
Жакъа Дагъистаналъул медицинаялъе цIакъ хIажат руго Дибировал гIадинал нухмалъулелги тохтурзабиги.
Нури Нуриев