Тохтуралъул рекIел ахIи

Республикаялъул онкологияб центр. Гьелъул азбаралда чIезе кка­разда бичIчIулеб батила гьел лахIзатаз унтул согIлъиги къисматалъул къварилъиги. Гьеб мехалда батIиял бераздалъун ралагьулел ратула гьел гIумруялъул берцинлъиялъухъ. Гьелде щвезегIан бихьичIеб гьеб берцинлъиялдаса гIорцIулелги ратиларо гьел. Гьелдасаги хIалуцарал рукIунел ратила УЗИаппараталда лъезе иргаялда чIарал минутал. Гьелъ бицаралда, бихьизабуралда бараб букIунелъулха унтарасул ха­дусеб къисматги. Гьединлъидал гьеб аппараталда хIалтIулезул букIине кколеб батила, цогидазул гьечIеб гIадаб, сабруги, недегьаб мацIги, унта­разул жидедаго ракIчIолеб гIадаб хIеренаб балагьиги.

 

 

Гьеле гьединайлъун ятана дида гьеб централъул УЗИ-аппараталда хIалтIулей йигей ПатIимат ГIисаева. Дица гьелъул кабинеталъубе нуцIа рагьарабго, дандего бачIана сверухъ­лъиго къалъизабулеб гIадаб тохту­ралъул гьими. Гьабуна лъай-хъвай. Гара-чIварана.

Ва, тIоцебесеб иргаялда, дие бо­кьана гьей магIарулалъул нужееги бицине, хIурматиял цIалдолел.

 

ПатIимат ккола Шамил рай­оналдаса. Гьаюна ва гIуна МахIачхъалаялда. Шагьаралъул №8 лицейги меседил медалал­да лъугIизабун, цIализе лъугьана МахIачхъалаялде, медицинаялъул академиялде. ЛъугIизабуна респу­бликаялъулаб клиникияб больни­цаялда (централияб больница) цебе бугеб интернатура.

 

2008 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго централъул диагностикияб хъулухъалъул заведующаялъун. Гье­динго ПатIимат ккола тIадегIанаб категориялъул тохтурги. Гьей гIемер гIахьаллъана Халкъазда гьоркьо­сел, ТIолгороссиялъул съездазда, гIелмиял конференциязда ва семина­разда.

 

 

Масала, гьей гIахьаллъана Ав­стриялда тIобитIулеб онколога­зул конгрессалда. Гьелъ жиндирго хIалбихьиялъул хIакъалъулъ би­цана Пятигорскиялда тIобитIараб гIелмияб конференциялда. ПатIиматица жиндирго лъай борхизабула улкаялъул кIудиял онкологиял цен­тразда:

 

Санкт-Петербургалъул Петро­васул цIаралда бугеб центр. Мо­скваялъул Блохинил, Герценил, Склифосовскиясул цIаразда ругел онкоцентрал.

 

ПатIимат ГIисаева жийгоги кко­ла анлъго цIияб технологиялъул ав­торги. Гьединго гьей гIахьаллъула тохтурзабазда гьоркьор тIоритIулел батIи-батIиял конкурсазда.

 

 

Масала, гьей ккола исана дека­бралъул авалалда Россиялъул онко­логазул ассоциациялъ тIобитIараб конкурсалъул призерги.

 

Хъизанги, лъималги, цинги гьа­динаб жавабчилъи цIикIкIараб хIалтIи гьабизе кингIаги дур заман гIолебилан гьикъидал, ПатIимат гIедегIичIо жаваб кьезеги:

 

Гьеб кIудияб балъголъи гуро ие цIакъ бокьула дирго хIалтIи. Гьайгьай, лъала, бичIчIула гьелъул захIмалъиги. Амма дида кIола, дихъа бажарула унтаразул гIумруялде бу­геб рокьи тIад буссинабизе, гьезул кумекалдалъунха. ГIемерисел унта­рал рачIуна цIакъго кватIун. Гьеб заманалде унтуца щулияб бакI ккун букIуна гьезул чорхолъ. Кумекилан ахIулеб гьезул гьаракь рагIулеб ме­халда, ургьиб бугеб ракI букIуна къватIибе кIанцIун бачIине хIадурун. Гьеле гьеб мехалда захIмалъула тох­турасе унтарав хвасар гьавизе. Гьел гьединал лахIзатаз черх сородула диргоги – унтаразда бицине кко­ла гьезул унтул гIилла. Унгоунгоги рекIелъ букIунеб бакIлъи, гьезда он­кологиялъулаб унти бугин гьезулин лъазабулеб мехалда. Хасго гьеб ба­тула руччабазул курмузда, — ян бица­на ПатIиматица.

 

 

ХIакъикъаталдаги кватIулел руго руччаби тохтурасухъе ине. Дагьго гурого щолел гьечIо гьел маммоло­газухъеги, букIунеб гьечIо гьезул бухьен УЗИ-аппараталъулгунги.

 

Онкоцентралъул тохтурзаби хIадур руго руччабазе кумекалъе. Жалго бетIергьанал клиникабазулал­даса багьаби учузал ругониги, «он­кология» абураб рагIиялъукьагIаги хIинкъулел ратила, ахиралда гуро­ни, гьенире рачIунел гьечIо.

 

Тохтурасул хъизамалда гIурай ПатIиматица ракIунтун бицу­неб букIуна руччабазул гьеб ун­тул. ПатIиматил инсуца, ДРялъул мустахIикъав тохтур ГIабдулкъадир ГIабдулаевас, кьучI лъуна республи­каялда колопроктологиялъул отделе­ниялъе.

 

 

Вац Шамилги ккола тохтур. Гьев хIалтIулев вуго МахIачхъала ша­гьаралъул №1 больницаялда коло­проктологиялъул (чехь-бакьалъул унтабазул) отделениялъул заведую­щийлъун.

 

ПатIимат ГIисаевалъул гьариял­далъун кьолеб буго гьелъ руччабазде жалгоги гIумруги цIунеян гьабулеб хитIаб:

 

 

ХIурматиял руччаби!

Къоялдаса къоялде цIикIкIунеб буго курмузул рак унти. Ахирисеб анцIго соналда жаниб гьелъ унтулел руго 1930 соназул ригьалда ругел руччаби. Гьеб бараб буго промыш­ленность цебетIеялда бан чорок­лъулеб бугеб экологиялдаги. Щияй чIужугIаданалъул унтул букIуна жиндирго хаслъи. Гьеб халатбахъ­ине бегьула кIигоялдаса анцIила микьго соналде щвезегIанги. Гье­динлъидал чIужугIаданалда тIадаб буго санайил тохтурасухъе ине ва УЗИ аппараталде лъезе. ЦохIо маммография гьабун тIубаларо. Гьениб бихьичIого хутIараб бицу­на УЗИялъ. ЛъагIалида жаниб цокIиго нухалъгIаги тохтурасухъе ине ккола, хасго гIолохъанал руччаби гьезул унти дагьаб хехаб букIуна ва гьелъ хIаракат бахъула «кисакибего щвезе». Цудунго тIатараб унти сах гьабизе бигьалъулеблъи­ги кIочонге. ГIемерисел руччаби рачIунел руго, унтуца кьалбал рич­чазе байбихьараб мехалда. Гьеб ме­халда захIмалъула кумек гьабизе. ХIасилги цIакъго къваридаб ккезеги рес буго.

 

Щай кватIарайилан, нижеца бадибчIвай гьабидал, къварилъахъди­лаго, жаваб кьола заман букIинчIила, хIалтIи гIемер букIанила, лъимал гIисинал рукIанилан абун. Щай ну­жер ботIролъе пикру бачIунареб, нуж гьечIого хутIани, лъимала­зул букIинесебги цебечIун. КигIан захIматаб жо бугеб нужерго сах­лъиялде кIвар кьей. Унтуца зури­зе байбихьидал, инегIан чIечIого, а маммологасухъе. КIвахIаллъуге. Ма­сала, нужго гьарураб къоялде гьабе нужеего сайгъат. Гьелдаса кIудияб сайгъат щибха букIинеб – нужерго сахлъиялде кIвар кьей.

 

ПатIиматихъ ялагьидал, рухIдаллъизе бачIунеб букIана тох­турасул махщелалда. Унго-унгоги, гьеб бугеб кири кIудияб хIалтIи. Къойил къабул гьаризе кколел унта­рал, щивасе бицине кколеб хIеренаб мацI. Цо-цо унтараздаги гьеб ки­набго бичIчIулереб куцги цо-цо мехалда. Унтиялъ къварид гьару­рал гьезие меседалъул бакIалда чIолел ратила ПатIиматил хIеренал рагIаби. ТIадегIанас гьелъие кьун бугеб берцинаб сабруги, гьелдаго хьолбохъ къалъун бугеб гьуинаб гьимиги…

 

 

БАЯН:

Онкологиял унтабазда гьоркьоб руччабазул курмузда рак унтуца кколеб буго тIоцебесеб бакI. Санайил дунялалда гьеб унтуца унту­лей йиго 1 250 000 чIужугIадан, Россиялда – 54 000 чIужугIадан. 40 ва тIадехун санал ругел руччаби унтиялъул хIужаби цIикIкIунел руго. Ахирисеб къого соналда жаниб унтаразул къадар цIикIкIун гурони, дагьлъулеб гьечIо.

Унтул байбихьуда захIмат букIуна гьеб лъазе. Щайин абуни, кинал ругониги гIаламатал тIатунаро, загьирлъуларо. Унтул кIиабилеб ста­диялде загьирлъула гьелъул гIаламатал:

Керен унтизе лъугьуна;

БакIбакIалдаса къвакIула керен;

Керемалъул форма хисула;

Къвалакь бакIал къвакIула;

Каранда жаниса чвахизе лъугьуна лъамалъи яги би.

 

Гьединлъидал 40ялдаса тIаде сонал ругел руччабазда тIадаб буго кIиго лъагIалида жанибгIаги цо нухалда маммография гьабизе. Гьелъ рес кьезе буго унти байбихьудаго тIатинабизе. Маммография гьабиялъул кинабгIаги зарал букIунаро.

Курмузул рак щвезе бегьула ирсалъеги. Гьединлъидал лъикIаблъун бихьизабун буго, масала, 45 сон бараб мехалда, эбелалъул гьеб унти бугони, ясалъ жиндирго сахлъиялде кIвар кьезе ккола – онкологияб идараялда учеталда лъезе ккола гьелъ жийго, 35 сон бараб мехалда.