Коронавирусалъул гьужум хIалуцунеб буго

Къоялдаса къоялде цIикIкIунеб буго коронавирусин цIар бугеб макруяб унти.

Щаялиго гIадамал гьелда жеги тIубанго божулелги гьечIо. ГIемерал гIадамал ракIараралъуб маскаби раян абулеб жоги рагIичIо гьезда, гьел раразги ххвалиего ран рукIуна, хIатта кIалгицин бахчизабичIого. ГIумруги хвелги къацандулел ругеб гьаб заманалда, гьадинал малъа-хъваязде цоги нухалда кIвар буссинабуни лъикIаб букIинаан:

— Кверал гьурмада рахъичIого тезе хIаракат бахъе. ГIалимзабаз чIезабун буго, гьоркьохъеб хIисабалда, инсанас 25 нухалъ бахъулин гьурмада кверилан. Гьелго кверал хъвахъвадизе бегьула вирусал ругел бакIаздаги. Аслияб куцалда гIадамазде унти бахунеб буго, бераздасан, кIалдисан, магIазукъалахъан вирусаз ургьибе нухги бахъун.

— Зама-заманалдасан чуризе ккола кверал, хIалкIун лъамияб сапнаца. Масала, кверал чурулел ругони гIадамал гIемераб бакIалда (кафе, столовая ва гь. ц.), кран къай цохIо нухалда хIалтIизабулеб полотенцаялъ.

— ХIалтIизаре антисептикал. КIвар кье гьезул гIуцIиялде. ЛъикIаблъун рикIкIуна: 80 % — этанол, 1, 45 % — глицерин, 0,125 — водородалъул перекись гъорлъ бугел.

— Чинхъулелъул яги хъегIулелъул, хIалкIун хIаракат бахъе салфеткаби хIалтIизаризе. Цинги гьеб салфетка нахъе рехизеги ккола. Цо-цояз кIал огъохъаталъ бахчула – гьелъулги хIинкъи буго вирус бахиналъе.

— Маска базе ккола унтарасги гьесда хадуб хъулухъ гьабулесги. УнтичIезги бани лъикIаб буго гьеб, жамгIияб транспорталъубги гIадамал гIемераб бакIалдаги.

— Къойил рокъобе жанибе цIияб гьава биччазе ккола.
Цо-цо гIадамазда ракIалде кколеб буго, цо нухалда унтани, тIокIалъ жал унтуларилан. Гьеб гьересияб пикру буго. Гьел гIадамал кIиабилеб нухалъ унтарал хIужабиги руго. Гьелдеги кIвар кьезе ккола.
ХIаракат бахъе гIадамал гIемерал тадбирал гьоркьор риччазе, масала, бертаби, мавлидал, концертал.
Коронавирусалъе кумекалъе гриппги тIаде щолеб бугеб гьаб заманалда, хасго кIвар кьолеб буго вакцинаялдеги, ай гриппалде данде гьабулеб прививкаялде.
Гьелде кIудияб кIвар кьолеб буго Хьаргаби районалдаги. Прививкаби гьаруна администрациялъул хIалтIухъабазе. Вакцинация байбихьилалде, терапевт Хадижат ХIусеновалъ хал гьабуна прививкаби гьаризе ругезул.

Амма нилъеда лъан букIине ккола унтарал сах гьаруларо прививкаялъ, гьелъ кумек гьабула, ай черхалъе къуват кьола вирусалде данде къеркьезе. Гьединлъидал прививкаби гьаризе ккола унтилалде. Гьел гьаризе ккола, гриппалъул эпидемия байбихьилалде.
Коронавирусалде данде къеркьеялде кIвар кьолеб буго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда. Масала, гьединаб тадбир тIобитIана Казбек районалдаги. Данделъиялда гIахьаллъана районалъул бетIер ХIажимурад Мусаев, администрациялъул жавабиял хIалтIухъаби, Роспотребнадзоралъул ДРялъул Гъизилюрт шагьаралда бугеб управлениялъул нухмалъулев МухIамад Шамхалов ва цогидалги.
Коронавирусалъ унтарал сах гьариялъе больницаялда чIезарун ругел шартIазул бицана районалъул централияб больницаялъул бетIерав тохтурасул ишал тIуралев Рашид Амиевас. Гьесул рагIабазда рекъон, ахIвал-хIал жеги хIалуцараб, захIматаб буго:

— Араб анкьалда районалдаса МахIачхъалаялде витIун вуго щуго унтарав. Унтун лъабго анкьидаса, гIумруялдаса ятIалъун йиго цо медсестра. Руго рокъорго сах гьурулел ругел унтаралги.
Дарабазул риидал букIараб нахърателги дагьлъулеб буго. Ковидалъе тестал Буйнакск шагьаралда бугеб лабораториялде ритIани лъикI букIина, гьезул хIасилал къокъабго заманалда лъалел руго, — ян абуна гьес.
Гьединго районалъул школазда коронавирусалъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалъул бицана районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник МухIамадрасул МухIамаевасги.