Бечедаб ирс нахъе тарав редактор ва хъвадарухъан

Гьал къоязда гIумруялъул 60 сон тIубалаан мунагьал чураяв журналист, хъвадарухъан, публи­цист Сабир НурмухIамадовас. Гьев къадаралде щвана ункъо соналъ цеве. Амма нахъе хутIана Сабирица хIадур гьарурал ва къватIире риччарал Дагъистаналъул КIудиял Энциклопедиязул (БЭД) ункъо том, «Дагъистаналъул киналго росаби, шагьарал ва поселокал» абураб тIехь, «Па­лестинаялъул маргьа – Интернет версия», «Намусалъул кодекс. ГIумар Эрцалов», Северияб Кав­казалъул регионалияб жамгIиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул 18 номер, «ХIакъикъат», «Дагъистаналъул гIолилал», «Вечерний Кизилюрт», «Новый век», «Дагъиста­налъул панорама» газеталъул гьурмазда рахъарал гIемерал макъалаби.

 

Сабир гьавуна 1960 соналда Хун­захъ районалъул Харахьи росулъ, тарихалъул, гIурус мацIалъул ва ада­бияталъул учитель ГIахьалчIиса НурмухIамадов МухIамадил хъиза­малда.

 

1980 соналда С. НурмухIамадовас лъугIизабуна Дагъ­истаналъул поли­техникияб техни­кум, 1985 соналда — Одессаялъул М. В. Ломоносовасул цIаралда бугеб кванил про­мышленносталъул технологияб институт.

 

 

1982 соналда Сабирица гIахьаллъи гьабу­на Одесса шагьаралда тIобитIараб гIолохъанал хъвадарухъабазул данделъиялдаги. Гьениб маш­гьурал хъвадарухъабаз лъикIаб къиматги кьуна гIолохъанав авторасул асаразе.

 

25 сон барав инженер-технолог С. НурмухIамадовас захIматалъулаб хIаракатчилъи бай­бихьана Харьков областалъул нах гьабулеб заво­далда комсомолалъул комитеталъул секретарасул хъулухъалдаса. Гьенивго хIалтIана конструктор­лъун ва производственниябгун техникияб отде­лалъул начальниклъун.

 

Дагъистаналде тIад вуссарав НурмухIамадов хIалтIана «Роспищепромавтоматика» ва «Минз­дравпроект» институтазда аслияв специ­алистлъун, отделалъул начальниклъун. Амма журналистикаялде ва хъвадарухъанасулаб мах­щалиде бугеб рокьиялъ Сабир вачIана хIалтIизе Гъизилюрт шагьаралъул типографиялъул ва телевидениялъул директорлъун, республикаялъул «ХIакъикъат», «Новое дело» газетазул мух­бирлъун, «Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул бетIерав редакторасул заместительлъун, «Вечер­ний Кизилюрт», «Новый век» ва «Дагъистаналъул панорама» басмабазул бетIерав редакторлъун.

 

 

2007 соналдаса бахъараб гIумруялъул ахириял къоязде щвезегIан Сабир хIалтIана Северияб Кав­казалъул регионалияб жамгIиябгун политикияб «Кавказалъул гьумер» журналалъул бетIерав ре­дакторлъун. Гьел соназда журналист, публицист, хъвадарухъан С. НурмухIамадов гIемер щвана Северияб Кавказалъул киналго республикабазде, Ростовалде, Турциялда ругел мугьажиразухъе. Сириялде ва сапаралда вукIаго хъварал гIемерал макъалаби, очеркал рахъана «Кавказалъул гьу­мер» журналалда.

 

Дие гIумруялъулъ битIккана – дун анкьго со­налъ хIалтIана «Кавказалъул гьумер» журна­лалъул бетIерав редакторасул заместительлъун, ай Сабирил нухмалъиялда гъоркь. Гьев вукIана лъай бугев, гьабулеб хIалтIи рагIа-ракьанде щун бичIчIулев редактор, махщел камилав журналист ва публицист.

 

С. НурмухIамадовасе кьун букIана республи­каялъулаб «Меседил цIум» абураб премия. 1999 соналда республикаялда ккарал рагъулал лъугьа- бахъинал газетазда, журналазда рихьизариялъе гIоло, гьесие кьуна ДРялъул Пачалихъияб Сове­талъул ХIурматалъул грамота.

 

 

Жиндирго гьалмагъзабазда ва къаламцояз­да цадахъ Сабирица къватIире риччарал Энци­клопедиязда рахъун руго гIемерал гIадамазул хIакъалъулъ хъварал макъалаби. Гьелъул гьур­мазда ратула учительзабиги, гIалимзабиги, бахIарчиял гIадамалги, цIар рагIарал спортсме­налги, политикалги, жамгIиял хIаракатчагIиги, гIакъилал нухмалъулелги. Гьел тIахьазда бахъун буго Дагъистаналъул 1500 росу ва рехсон буго ункъазарго чиясул цIар.

 

ГIолеб гIелалъе, педагогазе, журналистазе, гIагараб ракьалъул тарих бокьулезе бечедаб ирс нахъе тана Сабир НурмухIамадовас.