РакIалдещвеязул саринал

1957 соналда бахъараб сурат. МахIачхъалаялъул медучилищеялъул художественнияб хIаракатчилъиялъул гIахьалчагIи

 

 

Гьаб сурат редакциялде битIун бачIана газеталъул цевегосев гьу­дул, мухбир, гIемерал соназ Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда хIалтIарав ТIалхIат Ахъбердиевас. Гьелъие гIиллалъунги ккун буго Хунзахъ районалъул ТIануси росулъа НурмухIамадова СаихIатица жин­дирго кIодоэбел Сапинатил хIакъалъулъ хъвараб хабар газеталъ лъаза­бураб конкурсалде битIи. Бихьулищха – Сапинатги ТIалхIатги цадахъ цIалулел рукIун руго МахIачхъалаялда, медучилищеялда.

 

— Макъалаги Сапинатил суратги бихьидал, дун цIидасанги гIолохъанал соназухъе тIадвуссана. Пикрабиги гьелчана каранда, ракIалдещвеязги квелъ бана. Дие цIакъ бокьилаан гьаб суратги газеталда бахъани ва гьанир ругел дир курсцоязда цадахъ цIалулел рукIараб заманги ракIалде щвезаби­зе. Гьаб сураталъ дида цоги нухал­да ракIалде щвезаруна училищеял­да тIоритIулел рукIарал тадбирал. Гьез бигьа гьабулаан нижее цIалиги, — ян хъвалеб буго ТIалхIатица.

 

 

Сураталда: ТIалхIат Ахъберди­евас хъвалеб буго балалайка. Гьес­да аскIой – Гъуниб районалдаса Жапарат.

Рахъун чIарал: квегIиса кварани­де: Хунзахъ районалъул ГIободаса СултIанахIмад МухIамадов, Хун­захъ районалъул ТIанусиса Арай­чу МухIамадова, Хунзахъ рай­оналъул Хьиниса ГIабдусалам, Хунзахъ районалъул ТIанусиса Залму МухIамадова, Казбек райо­налдаса Расул, Хунзахъ районалъул ГIободаса ГIалиасхIаб Гьиматов, Ун­соколо районалдаса Разият.

Цо-цоязул росабиги фамилиялги кIочон тун руго ТIалхIатида. Гьес гьарулеб буго гIайиб гьабугейилан.

 

 

РакIалдещвеял. Гьале гьанже цIидасанги гьезухъе тIад вуссу­нев вуго, ТIанусиса Сапинатил хIакъалъулъ хъвараб макъала би­хьидал. Цо-кIиго рагIи Сапина­тил хIакъалъулъги: лъималазул рокъоб лъимерлъи арай гьелъул гIамал букIана захIмалъабаз лъа­дарараб. ЦIализеги лъикIай йикIана гьей. МашаАллагьха, гьелъ уму­музул бакъназда магIарул кучIдул ахIулел рукIараб куц. Дида гьан­жегицин, гьелъул сураталъухъ валагьидал, рагIизе лъугьана доб хIайранаб гьаракь. Жинда тIад къа­раб ишалдехунги кIудияб жаваб­чилъи букIунаан гьелъул. Гьединал берцинал рагIабазе мустахIикъал руго сураталда ругел киналгоги. ГIажаибаб хинлъи букIана доб ме­халда киназулго ракIазулъ. Гьеб хинлъиялъ нахъеги цIа бакана дир каранда…

КIудияб баркала кьезе бокьун буго газеталъул коллективалъе гьединал, гIун бачIунеб гIелалъе берцинлъиялъ­ул ва бахIарчилъиялъул мисалаллъун ругел конкурсал тIоритIиялъухъги. Щиб лъалеб, гьаб сурат бихьидал, дихъе кIалъан рачIинеги бегьула, чIаго ратани, гьенир ругел дир курс­цоял яги гьезул гIагарлъи, — я н а бу­леб буго ТIалхIатица.

 

 

ХадурагIи:

Гьалеха, хIурматиял цIалдолел, цоги сураталъул къиса. Цоги лъикIав инсанасда ракIалде щвана жиндирго гIумруялъул талихIаллъун рукIарал лахIзатал. 63 соналъ цебе бахъараб гьаб сураталъ каранда кунчIизарурал пикрабаз гьесие гьабураб рохалил асаралъ нижергоцин ракI бохизабу­на. Гьадинал ракIалдещвеял нилъер киназулго рукIуна. Гьез цIидасанги рачуна нилъ гIолохъанлъиялъул рагьдухъе. Херал бахIарлъула, бахIаразул ракIал дагьалъги гогь­лъула, гIолохъанлъула. Гьаб макъала хъвалелъул, дида цебеги кIанцIелеб букIана доб талихIаб заман