КунчIана ГIали-хIажил цIва

Гьале дида цебе буго ЛъаратIа районалъул ТIадиял росулъа МухIамадов ГIали-хIажил «Анкьракьалъул накъищал» абураб кучIдуздасан ва харбаздасан гIуцIараб тIехь. ЦIалана байбихьудаса лъугIизегIан, тIаса вичIичIого.

 

ШагIир хIисабалда лъикI хъван ру­гин, амма къимат кьезе жеги цудунго бугин ккана ракIалде. Хадуб эбелалде гьабураб кечI цIалидал, пикру гьабу­на, авторас гьаб кечI дирги эбелалъул хIакъалъулъ хъван бугилан.

Дида мун йихьула хурул ракьанда,

Надалда гIетI барай,

                          гIодойги кIусун;

Рахъ-рахъалде арал

                         лъималахъ урхъун,

Росулъе бачIунеб нухде ялагьун.

 

Дидаги йихьун йикIана дирго эбел, багIарараб къоялъ колхозалъ­ул хурий юхъарилей ва свакаялъ, гIодоб газаги речIчIун, накабаздаги чIун, зодоре квералги ритIун, ар­миялда цояв лётчиклъун, цояв га­михъанлъун ругел васазда гурхIа, гьел цIунеян Аллагьасда гьарделей, ахIи балей, зодоса гъоркье вортани васасул рукьбийищ кодоре щвелел, ралъдалъе вортани, кIудияв васасул, ралъдал жанавараз кванан, кодобе щибха щвелебан ракI унтун гIодилей. Цадахъ гIодилев, «гIодугежиха баба­ааа!» — йилан вукIана гьитIинав чи дунги. Дихъа щай бажаричIеб гьеб эбелалъул сипат кочIолъ лъунан кка­на ракIалде. Ахирисеб куплетги дир рекIелъа босун бугилан тана:

Дида мун йихьула, хирияй эбел,

Хвалида кIвечIо мун дихъа яхъизе,

Харилъ тIерхьун зани,

                                        гIекколеб дир ракI,

ДандчIвалин, хирияй, ахираталда.

 

Хадусел кучIдуздасан бихьулеб буго кинаб ракIбакъвайгун, щокъроб чIараб къварилъиялъул гIомогун, шагIирас гIагараб ракьалъулги гIагараб мацIалъулги ургъел гьабу­леб бугебали.

МагIарул мацIгин цIар

                                        кIочене тани,

КIудияб щвеларищ нилъее рогьо?

Щибдай къачIан бугеб

                                       къисматалъ метер

Къоло цоабилеб къарнуялъ нилъей?

 

ШагIирасул рекIелъ абадиялъе бикIун буго, гьитIинаб мехалъ ва ха­дубги жив хIайран гьавураб гIагараб тIабигIаталъул сурат. Гьесда гьеб сурат нилъедаги бихьизабизе рату­лел руго хIикматал рагIаби, магIарул мацIалъул гIорхъи-рахъ гьечIел ре­сал.

ЦIорол гъаталъукьа

                                рорчIун, чIаголъун,

ХъахIлъаразул буго

                               батIияб бакъан.

Бакъул хинал чIорахъ

                               гIащикъал маккал,

ТIохрагIалда руго

                               гъургъур бачунел.

 

ШагIирас цIалдолел ахIулел руго щибаб къо гIадада биччачIого, щи­баб лахIзаталъулъ пайдаяб иш гьа­бизе ва гIумруялъул щибаб лахIзат Аллагьас кьураб гьайбатаб сайгъат­лъун къабул гьабизе, гIумруялдаса рази вукIине.

Инсул зонохъе щвана,

Унтарахъе ваккана,

Какал гIуждаго рана, —

Дир къо гIадада инчIо.

***

Бажарараб гьабуна,

Рес рекъечIеб хутIана,

Бугелда гIей гьабуна, —

Дир къо гIадада инчIо.

 

Гьанже заманалъул шагIир хутIулев ватиларо, гьанже за­маналъеги, тIадчагIазеги къи­мат кьечIого, гьезда хIакъаб рагIи абичIого. Абулеб буго гьеб ГIалихIажицаги, умумуз абухъе, «бадисан баккилеб хIалалъ»:

КечI магIий сверараб,

                                 хьулал хIорлъараб,

ХIасрат боцIудехун

                                   бергьараб заман.

ХIаким залимлъараб,

                                  зулму тIегьараб,

Мун кидал лъугIулеб,

                                  хIиллаяб заман?

ТIокIабги мухIканго кинха абилеб?!

 

ЦIакъ лъикI, цогидазда аби­зе лъачIеб куцалъ рагIи абизе, жиндирго асар загьир гьаби­зе нух батун буго шагIирасда лирикиял кучIдузулъги.

ГIенекке цо «Дур цIар» абураб кочIохъ:

Мун гIадин берцинаб

                                   тIегь бугебани,

ЦIар дур букIинаан гьелде ахIулеб,

Мун гIадин кунчIараб

                                    нур бугебани,

ЦIар дур букIинаан гьелде абулеб.

Мун гIадин гвангъараб

                                    цIва бугебани,

ЦIар дур букIинаан

                                 гьелда батараб.

Мун гIадин бацIцIадаб

                                 ицц бугебани,

ЦIар дур букIинаан

                                  гьелда ругьунаб.

Мун гIадин гьайбатай

                                  яс йигейани,

ЦIар дур букIинан долде абулеб.

Мун гIадинай тIокIалъ

                                йижун гьечIелъул,

Гьеб цIар цохIо дуде щурула дица…

 

Яги «Дунги мунги» абураб кочIол цохIо куплет:

Дунги мунги цо гъасда,

Цолъун ракIал кунчIарал,

Дунги мунги цо рокъор,

КъватIиб дунял кIочарал.

 

Дие хинаб асар гьабулеб буго, гIолохъанлъиялъул асар ракIалдеги щвезабун, херлъараб ракIалда кунчIи чIвазабулеб буго.

Баркала, шагIир!

ШагIирасул тIадегIанлъилъун дида бихьула гьесда, жеги гIоло- хъанго вукIаниги, ахир унеб бакIги хвелги кIочон тунгутIиялъулъ.

 

«Дун ина…» абураб кочIол цохIо куплет:

Дун ина…

                  нахъехун хутIила лъалкIал,

ГIумруялъул нухда

                   дица лъун тарал,

Цоял, дун чIухIулел,

                  гъваридал, лъалел,

Цогидал загIипал,

                 чIахIилълъ рахчарал.

 

АбичIого гIоларо яцалде гьабу­раб «ХIабибат» абураб кечIалъги дун асир гьавунин ва дирго яцалъул тIолалго сипаталги цере рачIанилан. Хасго рокьана шагIирас яцалъе кьо­лел суалаздасан гIуцIарал куплетал.

Диеги бокьилаан гьел дирго яцалъе кьезе ва жаваб щвезе:

ХIабибат, бицинарищ,

Кинаб даража щолеб,

Лъилго ракI лъукъичIезе,

Лъилгун кьал ахIичIезе?

 

ХIабибат, бицинарищ,

Кинаб даража щолеб,

Дунялалде рачIин-ин

Сабурал, берциназе?

 

КучIдузул бицунеб бугелъул, дирго махсара бичIчIулеб хасият загIиплъун бугеб лъаларо, лъугьа- бахъиналда гъорлъ гIахьаллъулел гIадамал цере чIезаризе рес гьечIолъиялъ лъаларо, махсара­дул кучIдул дида мукъсаналлъун рихьана. РакIалде ккана «Мах­сарадул кучIдул» ва «Баркиял» абурал къотIелал гьаб тIехьалда лъечIого, гьел жидее сайигъат гьа­руразе кьезе, батIаго гьитIинабго тIехь хIисабалда риччаралани лъикI букIинаанилан. Дида гьел, тIадегIанаб даражаялъул чухъи­да бараб (рекъечIеб гуро) гьелда данде ккун дагьаб загIипаб рукъ­илъун бихьана. Нахъойги абулеб буго, ГIали-хIажи, мун лъикIав шагIир вуго ва дие бокьилаан ха­дубги дур, магIарул мацIалъул гьоцIо бецIцIулел, хIикматал, асар гьабулел кучIдулги тIахьалги цIализе. Дир гIумруялъ гьелъие рес кьечIони, лъималазниги цIализе.

Дур шигIрабаз ВатIаналде рокьи базабулеб буго, гьезие лъикIаб тар­бия кьолеб буго. ЦIаларазулха!

 

ЦIализеги чан чиясухъеха щвелеб, бичун босизе гIадамал ругьунлъичIеб, гьудулзабазе сайигъ­ат хIисабалда бикьун лъугIулеб, 300 гурони бахъичIеб тIехь?!

КигIан халалъаниги, тIадчIей гьа­бизе бокьун буго, гьабго тIехьалъ данде бачараб, «Харбалги къисаби­ги» абураб къотIелалда.

 

ВахI! Мун лъикIав шагIир гурев­ги, гьунар бугев хъвадарухъанги вукIун вугогури, ГIали-хIажи!

Босе, цIакъ рекIее асар гьабу­ледухъ хъвараб, къиса «Бекараб ханжар». РакIалде ккезе бегьула гьеб къиса, умумузул букIараб, вахIщияб «бидухъ би» абураб къи­сас босиялъул хIакъалъулъ бати­лилан ва гьеб гIадат тезе гIадамазе кигIан захIмат букIарабали баян гьабулеб бугилан. Буго гьебги. Амма аслияб къагIидаялъ гьаб къиса буго гьанжесев гьеб цIаларав чиясе кисаго щвезе рес гьечIеб дарс.

 

Умумузул гIакъиллъиялъул дарс, напсалдаса бергьине кин гьез цоцазе кумек гьа­булеб букIарабали бицунеб дарс, кIудиязухъ, гIелму бу­гезухъ гIенеккиялъул дарс, гьоболлъия-лъул, гьудуллъи­ялъул, чилъиялъул, яхIалъул, сабруялъул дарс.

ГIумруялъ мугIалимлъун хIалтIаниги, дица кьечIо, ГIали-хIажи, цIалдохъабазе гьединаб гучаб дарс. Бар- кала!

 

«МагIил горо» абураб къи­саялъ тIамулел руго магIил гороялъул къимат гьабизе. Рагьун бихьизабулеб буго, ва­гьабиязул вахIщияб асаралде ккаразул букIунеб пикру, ин­санасул гIумруялъул гьезие букIунареб къимат, Аллагьасухъ гурони гьечIеб, инсан алжаналде яги жужахIалде витIизе бугеб их­тияр гьез цIакъ бигьаго жидехъего босулеб бугеб куц. Гьаб къиса цIакъ асар гьабулеблъун лъугьун буго, живго автор гьел лъугьа-бахъина­зулъ гIахьаллъарав, гьезул нугIлъун вукIиналъги, щибаб рагIиялда, щи­баб жумлаялда божизе бачIунеб буго. Гьал пикраби, цо бакIалда чIечIого хисардулел, гIолилаз цIализе рукIаралани, гIемераб жоял­де кантIизарилаан. Гьаб дарсалъухъ­ги хъвадарухъанасе баркала!

Дагъистаналъул Халкъияв шагIир, мунагьал чураяв Расул ХIамзатовасул дунялалда букIараб машгьурлъиги асарги бихьизабу­леб, Дагъистаналде рокьи базабу­леблъун лъугьун буго «Генераласул хабарги».

 

ЦIаларазда бичIчIила, ГIали- хIажи, мун лъикIав хъвадарухъанги вуго. Дуда кIолеб буго, гIумруялъулъ бихьараб, бицунеб рагIараб лъугьа- бахъин, суратал рахъулев чиясда сурат гIадин, хехаб ва кьучIаб кала­малъул кистьги хIалтIизабун, кагъ­тиде босизе. Нахъойги баркала!

Дурго бажариялда рекъон, ТIадиял росдал тарихги дуца хъван букIинчIебани, дица гIажаиблъи гьа­билаан. Гьелъги бихьизабула мун, дурго гIагараб ракьалдаса тIезе рес гьечIев, иман щулияв вас вукIин.

 

Аллагьас дур гьунар азариде ба­хинабеги ва халкъалъе пайдаяблъун гьабеги.