МугIруз салам кьолеб сариназул гъанситухъ

Щибаб кечI — цIияб къисмат, цIияб рокьи

 

ХIасратай кочIохъан
Маргьадалъ букIунеб гIамиркоялъул берцинлъи бикъарай. ГIансахIанчIил гIадаб ритIухълъиялъул. МугIрулгIан тIадегIанаб намусалъул. Чундузгицин салам кьолеб кочIол гъасда цIа бакарай, гIадатлъиялъги гьитIинлъиялъги гIисинлъималазгицин Зайнаб-адайилан ахIулей, мугIруздаса гIодоре чвахун рачIунел лъаразул чилигIан хIайранаб, ракьулъан бурулел иццалгIан бацIцIадаб гьаркьил магIарулазул булбул. ГьитIинлъанагIан гIадамазе кIодолъарай, машгьурлъарайгIан гIадатлъарай, гIадатлъарайгIан тIадегIанлъарай, халкъияй артистка.
Гьуинаб каламалъул, берцинаб гьурмада гIажаибго гьайбатаб гьимиялъ расенал угьарай, гIадамазул ракIаз бищунго канаб цIваялда аскIоб цIар хъва­рай, жиндирго талихI магIарулазул рокьиялъ лъалъалеблъун рикIкIуней, гьезухъ бергьараб гIищкъуялъ черхго цIурай, тIабигIаталъ кьураб икъбалалъ магIарул кочIол маданияталда Зайнабилан чIахIиял хIарпаз цIар хъварай хIасратай кочIохъан.

Зайнабихъ гьоболлъухъ

Нилъер щивасул рукIуна жидергун лъай-хъваялъ нилъер гIумруялда лъалкIал толел гIадамал. РихьанагIан рихьизеги рокьула гьел, хабарги бицине бокьула гьезулгун. ХIатта гIумруялъул чвахигицин хисулеб гIадаб асар гьабула, гьезда берчIвайдал. Гьединазул цояйлъун дие ккола Зайнаб Махаева.
Гьелъул кочIолъ щияй чIужугIаданалда батула жиндирги къисмат. РакIалде щола гIолохъанлъи тIегьалеб гьайбатаб гIуж, тIубачIеб рокьул согIал ругъназ цIидасанги рекIеда цIа лъола, гирунго гирун бачIунеб бухIараб магIуялъ цIидасанги гIанабазда хъвала досул цIар. Дос сайгъат гьабурал талихIалъул куркьбалги хьвагIулаго, рещтIен гьабула Зайнабил кочIохъ.
Щибаб кечI – цIияб къисмат, цIияб рокьи. КочIол щибаб рагIи – хIасратаб рокьул нугIзал.
Гьеб кинабго абизе бокьун букIана йокьулей кочIохъаналда, гьелъ нухмалъи гьабулеб МахIачхъалаялъул № 4 искусствабазул школалде щведал.
Амма лъала бадибе гьабулеб рецц-бакъ гьелъие бокьулареблъи.
Ва нижеца байбихьана жийго Зайнабил кочIол дунялалъулги маданияталда бугеб ахIвал-хIалалъулги хIакъалъулъ гара-чIвариялде.

Уяблъун лъугьараб
хIикматаб маргьа

— Баба, баба, ялагьея зодое. Рихьулищ дора ругелщинал цIваби, — ян ахIана гьитIинай Зайнабица, шагьримоцI берцинлъизе цIикарал гIемерал цIвабзазухъги ялагьун.
— Вай, дозул берцинлъи. Гьагъаб батIаго чIун бугеб цIва дирха, баба, лъалищ дуда?
Амма, ялагьея цо, долъиеги бокьун буго дол цIакъго цIикарал цIвабзахъе ине. Вабабай, бихьулищ доб дозухъе боржун араб куц.
— Баба, лъалищ дуда — гьелъул магIна ккола, кIудияй гIураб мехалда, дир кIудияб анищ тIубазе бугин абураб.
ГьитIинай Зайнабие бокьулаан киса-киего цеехъанлъун йикIине: гьабулеб хIалтIулъги, ахIулеб кочIолъги, жамгIияб хIалтIулъги. ЧIухIараб рилълъингун унаан гьей грамотаби, дипломал росизе, учителас цIар ахIидал.
Долдаса нахъе ана гIемерал сонал.
ТIубана Зайнабил анищ. КочIохъаналъул жакъасеб къисмат маргьалъун лъугьине квербакъана кунчIараб цIвабилъун гьелъул гIумруялда хутIарал ХIурия Кантуловалъ, Муи ХIасановалъ, Манарша Дибировалъ, Сидрат Мажидовалъ. Гьезул цIвабзаз борхалъуде боржине кумек гьабураб Зайнаб Махаевалъул цIва даимаб цIалъун кунчIана магIарул кочIол маданияталъул гъасда. Гьеб цIадул хIенхIал рокьилъун рещ­тIуна магIарулазул ракIазулъ.

АхIулеб буго Зайнаб Махаевалъ

Къого соналъ ахIулеб буго кочIохъаналъ гIагараб халкъалъе кечI.
— Халкъалъул рокьуца кьуна дир кучI­дузе рухI. Дун йокьулез кьолел тIугь­дузги чIвалеб хъаталъги цIияб рогьел рещтIинабулаан дир рекIелъе. Халкъалъе хIажатайлъун йикIин бичIчIидал, хIаракат бахъана дица гьелъул божилъи ритIухъ гьабизе. Гьа­ле жакъаги дун халкъгун. Къого соналъ гIагараб миллаталъ чIвалеб бугеб хъа­тие гъугъай рокьул дандерижилъун хутIизе хIалтIулей йиго дун, — ан абуна Зайнабица.
Къого сон сценаялда – лъаларо гьеб гIемерищ яги дагьищ бугебали. Амма лъала – магIарулазе гьеб буго цо талихIаб лахIзат. Гьаб ахираб лъабго соналъ, гьелъ концерт кьечIелъулги, магIарулал урхъун рукIунаан гьелъул сариназухъ.
Бокьула гIадамазе, магIарулал гурезеги, Зайнаб Махаевалъул кечI. АхIула гьелъ хIасратго, борхатаб сценаялдасан, концерталде вачIарав щивасул пикрабиги цIалулаго, гIадамазде бугеб рокьул тIирабаз гьел пикрабиги чурулаго.
АхIула Зайнабица ВатIаналъулги, гIагараб мацIалъулги, миллаталъулги хIакъалъулъ. АхIула рокьул сариналги. Амма киданиги ахIичIо гьелъ гьанже сценаялда гIемерлъулел ругел чIорогоял, гIенеккизецин нечарал кучIдул.
Гьелъ рахIатхвезабун буго халкъияй артисткаялъулги:
— Унго-унголъунги гIемерлъулеб буго сценаялда магIарул гIадаталги гIамалалги сан гьабулареб, мугIрузул тIадегIанлъиялъги, магIарулалъул намусалъги ритIухъ гьабулареб кечI-бакъан.
Масала, Чачаналда, хасаб комиссиялъ къабул гьабураб кечI гурони, сценаялда ахIуларо. Щай бегьулареб Дагъистаналдаги гьединаб комиссия гIуцIизе. Нилъер гьанир гIунги тIокIал руго унго-унгояб гьунаралъул къимат гьабун бажарулел гIадамал. Гурони, лъугIулеб буго сценаялдаса умумузул ретIа-къайги, магIарул кочIол гогьарги. Гьелъие гьанжего ахир лъечIони, хадусел наслабазда лъазе гьечIо магIарул маданияталъул тIагIам. Данделъизе ккола киналго: хъвадарухъабиги, шагIирзабиги, гIалимзабиги, журналисталги, кочIохъабиги, концерт гIуцIулелги. ТIадруссине ккола магIарул гIадатазул гъанситохъе. Гурони, миллат гъваридаб кIкIалахъе бортизе буго. ЦохIо кечI ахIулелъулги, лъабго-ункъо авторасул рагIабиги журазарулел руго. Щиб ахIаниги, батIалъи гьечIел кочIохъабиги руго, — ян бицана Зайнабица.

Сапарал, сапарал, сапарал…

Гьал ахирал соназ гIемер щвана Зайнаб батIи-батIиял улкабазде:
— Кие щваниги, дир ракI букIуна Дагъистаналда. ГIагарал мугIрулги, мугIрузул гьаваги, магIарул мацIалъул роцIенги дица сундухъго хисуларо.
Дун пана гьаюла, масала, Турциялда цIунун бугеб магIарул мацIалъ.
Дица «машина» йилан абидал, гьенир ругел магIарулаз дие бадибчIвай гьабуна гьеб гIурус рагIи бугила, магIарул мацI бицунелъул, чияр рагIаби хIалтIизаругейила.
Кинаб улкаялде щваниги, дун урхъун йикIуна ВатIаналъухъ. Гьелдаса рикIкIалъидал гурони, бичIчIуларо гьелъул тIадегIанлъи, гьелъухъ чIалгIеналъ ва урхъиялъ бецIцIулеб букIуна ракI ва цо лахIзаталъ йохизе бачIуна бахIарчияб тарих бугеб миллаталъул вакиллъун йикIиналдаса.

МагIарул махIги яхIги

Гьелеха Зайнаб Махаевалъул кочIолаб дунял. МагIарул яхIалъул махIалъ цIураб.
МагIарул кечIги Зайнабги. Зайнабги магIарул кочIол маданиятги. Халкъияй кочIохъаналъ гьелъул гъасда бакараб даим кочIолаб цIаги.
ЦIаялъ нугIлъи гьабизе буго Зайнабил кочIолаб дунял магIарул наслабазе абадиялъ гвангъун хутIизе букIиналъе.
АхIулеб буго Зайнаб Махаевалъ…
Шамай Хъазанбиева