Гьудуллъиялъул багьа

Щуго соналъ цадахъ цIаларай, щуго соналъ цадахъ гIумру гьа­бун йикIарай Раисатил васасул берталъе МахIачхъалаялде ине къо­ял рикIкIуней йикIана Хамиз. Гьенир данделъизе къотIи гьабун букIана цогидал курсцоязги. Хамизил цIакъ гъира букIана лъеберго соналъ йихьичIей гьудул йихьизе. Гьелда рагIун букIана Раисатил бечелъиялъул бицунебги. Божизе бокьун букIинчIо бечелъиялда ца­дахъ Раисатил гIамал кIодолъун бугин гIадамаз рицунел харбазда.

 

Хамизица, цIалун яхъинегIан, кумек гьабуна Раисатие – эбе­лалъ магIарухъа рачIарал кванил нигIматалги ращад гьарулаан. Ха­мизил эбел ГIайшатилги букIана Раисатидехун гьединабго бербала­гьи: жиндирго ясалъе кьолелъул, гIарацги кьолаан Раисатие, цадахъ ясалги рачун концерталде, киноял­деги унаан гьей.

Гьелъиеги бокьун букIана жинца яслъун рикIкIуней йикIарай Раиса­тил васасул берталъе шагьаралде ине. Доб мехалда, ясазухъе шагьа­ралде ячIунелъул, ГIайшатица гье­зие натIухIги рахьдада бахъухъги бачIунаан. Гьей ячIарайго, цадахъ цIалулел ясал Хамизихъ данделъ­улаан – гьезие цIакъ бокьулаан ГIайшатил бахъухъги натIухIги.

 

Гьанжеги, берталъе къачIалаго, гьелъ хIадурана натIухIги бахъухъ­ги. Шагьаралде щвезегIанги, жин­дие гьабизе бугеб дандчIваялъул пикрабазда йикIана ГIайшат. Гьелъ цебе чIезабулеб букIана: «Вай, дир ГIаши ункъачо!» — ян горбода хур­хуней Раисат. Цинги Хамизил гьу­дулзабаз сверун кколей гьай. ГIаши ункъачо, ниж урхъун рукIанин дур натIухIалъухъиланги абун, гьаз кIудияб гъираялда кваналеб натIухI. Раисатица гьай гIодой чIезаюлеб йиго чIухIараб стол.

Цо заманалдасан ГIаши ункъа­чое кIалъазе рагIиги кьола.

 

Цо-цо жиндиего гьимулейги йикIана ГIайшат…

Бертин гьабулеб чIухIараб за­лалде аскIоре гIагарлъанагIан, ГIайшат жиндирго гордихъ чан­го нухалъ ялагьана – гьелъ гьеб букъизабун букIана берталъ кьур­дизе гIоло. Залалде жанире лъу­гьаралго, йихьана Хамизидаги ГIайшатидаги Раисат. Амма Раисат гьазда аскIое ячIине гIедегIулей йикIинчIо – гьелъ къабул гьару­лел рукIана жийго гIадал чIухIараб ретIа-къаялъул руччаби.

 

Гьазде аскIое ячIана Хамизил курсцояй. ГIодана – руцIцIана, цадахъ цIалулеб рукIараб заман ракIалде щвезабуна. Цинги гьелъ Хамизги ГIайшатги Раисатиде аскIоре рачана…

ГIайшатил гьумер кьерхана – лъеберго соналъ йихьичIей ГIаши ункъачода гьелъ я къвал бачIо, я баичIо, я хIеренго кIалъачIо. Щи­баб къойил рихьулезул гIадин, кверги бачун, рачIаралищан кIалъана гьей.

 

ГIайшатги цIорон хутIана, гIунарал анищалгун. Гьелда кко­леб букIана, хIатIазда гъоркь бугеб ракьги тIун, жий йортун уней йи­гилан.

Щиб гьабилебали лъаларого, Ха­мизги хутIана. Гьал тIуркIизаруна Раисатил гогьаб релъиялъ. Цо за­маналдасан Раисатица абуна, жий регIизегIан гьанир гIодор чIайилан ва лъиданиги рихьулареб бакIалде рачана.

 

Гьенирго гIодор чIун рукIана Ра­исатил цогидал курсцоялги.

ТIоцересел кьеразда рукIана кIудиял хъулухъазда ругел хIакимзабиги гьезул лъудбиги, бахIаралъулги бахIарасулги гьу­дулзабиги, цадахъ хIалтIулелги. Ра­исатил заман букIинчIо гIадатиял гIадамазде аскIое ячIине.

 

Ирга щвечIо ГIайшатидеги, бахIаразе гьара-рахьи гьабизе ва сайгъат кьезе. Гьелъ бахIаразе кьезе букIана жинцаго бесса­раб гьитIинаб халичаги ва угьа­рал квербацIцIалги. БахIаразде хьвагIулеб гIарац бихьидал, гьелъ жиндирго сайгъат къа­дараблъун рикIкIана. Гьелда ракIалдецин ккечIо, сайгъатги бо­сун, бахIаразде аскIое ине. Кьурди­зеги щвечIо ГIайшатие – гьелъие бокьун букIана гIолилазда унго- унгояб магIарул кьурди бихьиза­бизе. Амма гьелде регIаралги гьеб къваригIаралги залалда рукIинчIо. МагIарул мацIалда кIалъалелги рукIинчIо гьенир. Хамизги ГIайшатги берталъа нахъе инги лъиданиги бихьичIо.

Цо-цо нахъ — нахъцин ялагьулей йикIана ГIайшат – гьелда кколеб букIана жинда рагIулеб бугин: «ГIаши ункъачо, тIад юсса!» — ян ахIулеб Раисатил гьаракь. Амма ГIайшатил гIундул гъугъ гьаруна, бахIаразул машина аскIосан унеб мехалда, букIараб кутакаб кьва­гьиялъ…