Гьунар бугезе гьабе кумек

ЖамгIиял гьиназул гурони газеталъул милат гьабулев чи вукIунарин абураб пикру щулалъизабизе бокьун буго гьаб заманалъ гIемерав чия­се. Аммаха, гьудулзаби, нуж божа – камуларо «ХIакъикъат» казияталда бахъаралъул, хъваралъул бицун къойил нижехъе кIалъалел чагIи. Балъ­го гьабун щай, гьединаз ракI хинлъизабула, хIалтIуде гъира базабула.

 

 

Баян

 Аида ГIабдулмажидова, Авар театралъул гIолохъанай актриса.

Дагъистаналъул культураялъул колледжалда цIалулаго 2007 со­налъ хIалтIизе ячIана театралде. ЦIалана ДГУялъул маданияб лъай кьолеб факультеталда.

А. ГIабдулмажидова сценаялде тIоцее цее яхъана «Ясазул дада» МесекIил образалда (реж. С. Иман­гъолов). Хадуй гьей магIарулазда йихьана «МагIарулай» — Пари, (реж. ХI. ГIабдулгъапуров); «Аманат» — Халисат (реж. ХI. ГIабдулгъапуров);

 

«Вай, дуе бицине къачIан бу­геб цIакъаб хабар», — ин абулаан дир цо мадугьалалъ тIаде-гъоркье щванщинахъе. Гьелъухъего, хи­риял магIарулал, нижер къиматал цIалдолел, цIияб-лъикIаб жамгIиял гьиназе гуреб, нужее бицине бокьу­ла.

Гьеб, гIалам жанибе сверараб, ин­тернеталъул гIатIилъухъ ятана бер­цинго авар мацIалда маргьаби, хар­бал, кучIдул цIалулей гIолохъанай яс. ГIемеразе гьей рекIее гIунги йигоан, камун гьечIо гIунгутIаби цIехолелги.

 

«Гьаб карантинги лъугIулебго гьечIо, рокъобги чIалгIун буго. Ща­ялиго жакъа дида ракIалде щвана Мала Насрудин», — гьадин кIарчанго байбихьиги лъун, машгьурав маргьа­базул героясул гIумруялдаса цо лъу­гьа-бахъин цIалулеб буго гьелъ.

Гьунар бугел чагIазе кумек гьа­бизе ккола, гьунар гьечIез жидецаго нух бахъулинги абулелъул, цебеккун лъицаго газеталдаса бицен гьабичIеб цIияб гьунар рагьила жакъа нужее.

 

«ЧIужу яче, кIудада» — Магьи­нур; «Берцинал ясал хъамулел куц» — Разият (реж. С. Имангъолов); «Примадонна» — секретарша ( Гъ. ГъалбацIовас хъвараб пьеса, реж. ХI. ГIабдулгъапуров); «Кавказалдаго берцинай» — Нажабат (реж. С. Иман­гъолов); «ХIикматаб ГIужрукъ» — Наргиз (реж. С. Имангъолов).

Лъай лъаралдаса нахъе театралда гIурай яс йиго Аида. Гьей йиго Дагъ­истаналъул мустахIикъай артистка, Унсоколо районалъул ГьаракIуниса Майсарат ГIабдулмажидовалъул яс.

 

Лъабго сон балелдего моцIал ран гастролазда эбелалда цадахъ йикIунаан Аида. Бицунеб рагIун, ки­саяли цIалун гуреб, гьитIинаб къо­ялдаса нахъе жиндаго бихьун лъана гьелда театралияб гIумруялъул жа­нисеб рахъ.

Творчествоялъул гьитIинабго гали Аидаца тIамуна 6 сон тIубараб ме­халъ. ГIиса аварагасул хIакъалъулъ бахъараб кино Авар театралъ­ул актеразул гьаркьаздалъун авар мацIалде буссинабулеб мехалъ гьениб бутIа лъуна Аидацаги. Ха­дубги Аида ГIабдулмажидовалъул рекIелъе бортулеб гьаракь, нилъеда рагIана магIарул мацIалде руссина­рурал мультфильмазда: «Золотая ан­тилопа» — гьитIинав васасул гьаракь, «Неуловимый Фунтик» — Фунтик, «Умка» — цидул тIинчI, «Мама для мамонтенка» — мамонтенок.

 

Гьунар бугевги гьечIевги чи кIалъалев вихьарабго ватIавахъизе лъалаан мунагьал чураяв СалихI Имангъоловасда. Жинцаго лъолел спектаклязда жавабиял ролалги кьун, божилъи гьабуна гьес Аида­да. ЯчIинахъего халкъалъ лъикI къабулги гьаруна гIолохъанай ГIабдулмажидовалъ хIарал обра­зал. ХIакъикъаталдаги гьелъул мацI буго, шагьаралда гIурал лъималазул гIадаб бек-бекун бицунеб гуреб, эр­кенго чвахун бачIунеб.

 

 

Творчествоялда тIад хIалтIулев чи хIелхIедизе регIуларо

Карантиналъул заманалда Аида ГIабдулмажидовалъ гьабулеб хIалтIухъ баркалаги загьир гьаби­зе, гьелъие цо чанго суалги кьезеян кIалъана дун. Телефон борхана, хал­къалъе бищунго рокьулел магIарул театралъул актеразул цояй, Аидал эбел Майсарат ГIабдулмажидовалъ.

— Щиб яц, ПатIимат, дица дуе би­цинеб? Бахун цIа-кангун бусада руго Аидаги гьелъул васги. Гьезие хъулухъалъе яхъун чIун дунги йиго. ЙикIанаха гьей ракIчучиялъе цо жал гьарулей, интернеталда лъолей. Пандемия лъугIидал нужецаго гьабе гара-чIвари, — янги абун, дун тIаса йихьизайизе лъугьана Майсарат.

 

— Майсарат, 13 соналъ дудаго цее сценаялда яс йигеб мехалъ гьелъул хIакъалъулъ бицине щибнигийищха дур гьечIеб?

— Гьеле гьелгощинал соназ дудаги цее гурищ йикIарай гьей? — ян суал­ги кьун гьоркьой къотIизаюна гьелъ дун.

 

— ГIемерал спектаклязда гIахьаллъунги йихьана, балагьаразеги гьей йокьулей йиго, диеги цIакъ бокьула гьелъ ролал хIалеб къагIида. Ша­пакъат-квара щиб бугеб Аидае кьу­раб?

— Дида бихьичIоха, гьудул, гьелъие кьура-тараб жо.

 

Жийго рагIизайиги берцин йи­хьизе гьаюдизеги лъаларей, рецц- бакъалда хадуй лъугьунарей гIадан Майсарат йикIин цебего лъалеб жо букIана. РитIухълъиян къеркьолеб, тIекълъиялда рекъолареб гьелъул гIамалалалъ, рагIул бегIерлъиялъ, гIужилго гьеб речIчIиялъ, шапакъ­аталгун тIокIлъи тIаде гьукъулеб букIин хIакъаб буго. Эбелалъул гьеб хасияталъ ясалъеги квалквал гьабу­леб бугодаян паркъана дирго пикру.

— Цо тIугьдузул квацIиниги, ком­петазул килониги къвалакь къан ячIине ккелароанищ, ясалъул яги дурго хIакъалъулъ хъвазе дун рекIеда ятизайизе? — ян махсара гьа­буна дица Майсаратие.

 

— Йо, ГьитIинова, творчествоялда тIад хIалтIулев чи хIелхIедизе регIун вукIунаро. Гьел дуца абулел жалги дихъа лъугьунаро, — ян жиндирго къагIидаялъ кьваризабуна гьелъ.

— Кьолел шапакъаталги, гьабулеб рецц-бакъги чарагьечIеб жо гуро, аслияб жо буго чиясе жиндирго мах­щел, пиша бокьи, гьелда тIад хIалтIи. Гьеб хасият бихьизе бокьила ясалъулъги, — ян лъугIизабуна Майсара­тица дие кьолеб жаваб.

 

ХадурагIи

Коронавирус тIибитIиялдалъун лъазабураб пандемиялъул низам тIаде щвезегIан Авар театралъу­лал хIалтIулел рукIана, халкъияб кечIги кьочIое босун, Россиялъул мустахIикъав артист ХIусен Ка­зиевас хъвараб «Кьурулъ хутIарав ГIали» абураб пьесаялда тIад. Гье­ниб Аида ГIабдулмажидовалъухъе кьун буго Айзанатил образ. Гьеб спектакльги сценаялда лъолеб буго ХI. Казиевас.

Цогидал гIемераздаго гIадин, Аи­дадаги хъвана гьаб захIматаб унтул кваркьи. Гьанже гьелъие мадар лъу­гьунеб буго, амма жидерго ишцояв, гьунар тIокIав артист НурмухIамад НурмухIамадовасухъ гIодулел берал гьелъулги ракъван гьечIо.