Их рогьунеб гIужалда

Гьале исанаги рогьунеб буго их. Гьеб рещтIунеб буго нилъер щивасул рекIелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чIвалеб буго магIаруллъиялъул махI. МугIрузда гIадаб берцинаб их кибго букIунеб батиларо.

Гьелдаго цадахъ чIвалеб буго лъимерлъиялъул махIги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тIугьдул ралагьизе. Дица хIаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гIазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цIакъ божулаан эбелалъ бицунеб букIараб дерец тIегьалъул къисаялда. Гьелъул талихIаб ахирги букIана: тIоцебе дерецалда берчIварав чи гьеб соналъ бищунго талихIав вукIунилан бицунаан эбелалъ.
ГьабсагIаталдаги ракIалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букIараб дерец, зама-заманалдасан гьелъул тIагIамги басандула кIалдиб. Гьебги дихъе кьолаго, магIил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритIун, ТIадегIанасда гьардана гьей жиндир ясалъе гIемераб талихI кье-йиланги абун. Гьеб дерец жеги цIунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чагIолъулеб гIадаб асар гьабула дир рекIее, ихалъул ругьел щведал. РакIалда буго, дерец батараб мехалда, рикIкIунел рукIарал рагIабиги. МагIнаги лъалароан, лъачIониги, рохунги рукIунаан:
— Ясал цIилъун, цIихер бижун,
Дерец гIинкълъун,
гIин цIодорлъун…
Ихалда цадахъ нилъер гIумруялъул гIидраялдаги рещтIуна роцIарал пикраби. Хасалил саву хисун бачIунеб мартIалда релълъарал цо-цо гьезги пашман гьаричIого хутIуларо.
Ихдалил цIилъиялъ рекIел хIалги хIайран гьабун букIуна. Хасалил хъахIаб тIимугъалъулгун къо-мехги лъикI гьабулаго, тIабигIаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретIел. ЛъикIаб хIалалда цIабуцIинеги цIабуцIун, гьелъ тIубанго тIаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тIабигIаталъул каранда ихалъ ретIунеб буго, гIурччинал маржаналги рекьун, чIухIизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гIаламаталги. ГIурччинаб гIидраги гьениб, гIидраялда расандулел кьагIазул гъадиги рагIула гьениб, гьанжего гьанже тIегьазе хIалбихьулел кьер-кьерал тIугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цIа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихIалъул махIалги гьенир, доба кибалиго рикIкIада тракторазул гьаркьалги…
Цогиги цебе абулаан их магIарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачIу-нилан. Гьелъул магIна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гIащикълъун бугин абураб.
Жиб тIаде щолеб бугилан ахIдолаго бачIунеб ихалъ чIвалеб къолол гьаркьихъеги ахIулеб кочIол бакъаналъухъе кьурдизе биччайилан каранда тархелеб ракIги буго.
ЦIияб их цIияб талихIгун ва цIияб сахаватлъигун рещтIун батаги. Нилъер киназулго анищалги цIилъаги, пикрабиги цIураги, ихдалил сариназул сасги тIагIунгеги гIумруялъул гIидраялдаса.