МустахIикъал магIарулал

Квар халатаб, хабар магIнаяб букIана

 

Кварида васандулев АсхIабгIалица Галкин хIикмалъизавуна

Россиялъул телевидениялъул ТIо­цебесеб каналалда буго «Бищун чIахIиял» абураб программа. Гьеб гIуцIун буго 55 сонил ригьалдаса тIаде арал гIадамазе жидерго гьунарал рихьизаризе рес кьеялъул мурадалда.
Дагьалъ цебе рехсараб программаялда гIахьаллъана ни­лъер ракьцояв АсхIабгIали ХIаса­нов­ги. Гьесдаса цеве гьенибго гьунарал рихьизарун рукIана 87 сон барав ГIабдурахIман ГIаб­дулгIазизовасги. Жиндирго ботI­рол расаздаги бан, гьес кодобе босана 102 килоялъул цIайиги, цабзазги ккун, хадуб бехъерхъана юк баччулеб кIудияб машинаги.
«Бищун кIудиял» абураб программа бачуна Максим Галкиница. Гьесда АсхIабгIали лъалаан: гъоркьиса гьев щун вукIана, жинцаго ругьун гьарулел палугьабазул къокъаги бачун, Галкиница бачунеб лъималазул шоуялда гIахьаллъизе. Лъималазул гьунаралъ пана гьаруна залалда гIодор чIаразул ракIал. Максимица АсхIабгIалида дандчIвай гьабуна «Дагъистаналъул легендаянги» абулаго. Гьес жеги абуна: «Цо-цоязухъа лъимерлъуда билана тIагъур, цогидазухъа – квердаххелал. АсхIабгIалил билана хIинкъи», — ян. Миллияб парталги ретIун цеве вачIарав АсхIабгIали гIолохъанго вихьулин тIадеги жубана. КъамартIав, къартIав дагъистаниясул гIолохъанлъи цIуниялъе бугеб балъголъи рагьизелъун, Галкиница АсхIабгIалие кьуна чанго суалги. «Инсанасул гIумруялъул аслулъун ккола рокьи. РекIелъ рокьи гьечIев чиясул бер тIаде цIала квешлъиялъ, гьес жиндаго сверухъги бекьула рокьукълъи, ццин», — ан абуна ХIасановас.
Сахлъиялъул балъголъи кванилъ батилин гьикъидалги, АсхIаб­гIалица бицана, бищунго бокьулеб квен бугин ражигун хинкIалги, гьангиян.
1972 соналда байбихьана АсхIаб­гIали ХIасановас кварида гьунарал гьаризе. «Цо нухалда, щуго метралъул борхалъудаса цIолбол гъабу къачIалаго, дун гIодове вортана ва мугъзагьодалъе къварилъи ккана. ТIокIалъ квариде вахине бажариларин абун, гьеб иш тана ва лъимал куцаялде вуссана. Амма дица цебелъуна масъала: «Бищун чIахIиял» абураб программаялда гIахьаллъизе кколин абураб. Гьебмехалда дагь-дагьккун байбихьана кварида гьунарал гьаризе. Ва дида бичIчIана: инсанасухъа кинабго бажарула, гьабулеб ишалде рокьиги яхIгун къвакIиги цIунун бугони», — ян бицана гьес.
Къокъабго гара-чIвариялдаса хадуб, АсхIабгIали вахана квариде. Гьес гьарулел гьунараз хагазаруна залалда гIодор чIарал гIадамал. Борхалъудасан, цIан битIараб шагьранухдасан кинигин, бигьаго хьвадана ва васандана гьев кварида тIад. Цояб квералъухъ ккураб тIилида тIадги лъун, гъадароги ххенезабулаго, бахана гьес иргадулаб нухалдаги кварил манзил. Гьебго кварида лъураб малиялъул болъабазда тIадеги вахана. Ахиралдаги кваридасан вилълъана, хIатIалги тIарсазда жанир рукIаго.
Балагьаразул ракI асир гьабурав магIаруласе кьуна хасаб медальги.