Театралъул вас

  

МухIамад Дудуевасулгун дир лъай-хъвай кIиго соналъ цебе ккун букIана. Казбек районалъул Дилим росулъ тIобитIулеб букIана «ХIакъикъат» газеталъул къо. Байрамалде вачIарав гIолилас рикIкIараб Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» поэмаялдаса бутIаялъ битIахъего асир гьаруна гьенир киналго.
 
 
Анищалъул цIваялда хадув
 
Щуго сон барав чи вукIана гьев, тIоцебе Авар театралъул спектакль сценаялдасан бихьараб мехалъ. Росулъе бачIараб Авар театралъул «МугIрузул ГIали» трагедия бихьаралдаса нахъе гьес гIемер пикру гьабуна театралъул. Гьесул рекIелъе ана актер ХирамухIамад ХирамухIамадовасул цевевахъинги.
Жив Хирач вугиланги абун, гьесухъего хIалев вукIунаан вас ро-къов. КIудияв гIунагIан театра-лъухъ гIащикълъулев вугониги, МухIамадида бичIчIулаан мурадалде щолеб къеркьей хIалуцараб букIинеблъи. ШаргIалъул тIалабал цIунараб хъизамалда гIолев, школалда цIалулеб мехалда, нашидал ахIун цеве вахъунев гьесие бигьаго букIинчIо театралияб искусствоялде гали тIамизе. Эбел-инсудаса байбихьун тIубараб тухум дандечIун букIана гьесул гьеб гъираялде. Амма гьесда къуркьизе ракIалда букIинчIо. Школалда цIалулев МухIамад ахIана хIалтIизе районалъул культураялъул рокъове. Гьенир лъолел сценкабаздаги ролал хIалаан МухIамадица. Дагьавги кIудияв гIедал, цадахъ хIалтIулезул квербакъиялдалъун,
районалъул театр цIигьабизе бокьана гьесие. Къо бахъанагIан Авар театралде ракIцIалеб букIана МухIамадил. Нухда унеб харжа-
лъухъ балагьичIого, МахIачхъа-лаялде сапарал ризлъулаан гьасул, кидагосеб мурадги — цоги нухалъ Авар театралде щвей.
 
ТIоцебесеб нухалъ театралъул кIалгIаялде щведал, МухIамадие цIар лъезе лъалареб асар гьабуна. Бокьун букIинчIо гьесие гьениса нахъе инецин. Гьесда бичIчIана жиндир къисмат гьаниб, театралъул кIалгIаялда бухьараб букIин.
— Гьаб буго дие гIумруялъ майилан кьолеб сайгъат. Йохъ! Гьеб дица къабул гьабизе ккола. Дида кIалъалеб буго къисмат. Гьелъ, кверги ккун, цIалев вуго дун искусствоялъул гьайбатаб дунялалде. Киданиги гьабизе гьечIо инкар! Гьедин ахIулеб букIана гIолиласул ракIалъ.
МухIамадил лъай-хъвай ккана ракьцояв, театралъул актер ХIайбула Хасаевасулгун. Гьесухъ гIенеккидал, дагьабги гъира ккана сценаялде вахине.
 
МухIамадицаги цадахъ хIалтIу-лезги цIияб рухI гъуна Казбек районалъул театралда. Гьел гIахьаллъана МахIачхъалаялда тIобитIулеб халкъиял театразул фестивалалда. Районалъул театр цебе бахъунеб букIана «МугIрузул ГIали» спектакльгун. МухIамадица хIалеб букIана ГIалил роль. Гьелдаса хадуб МухIамадил пагьму-гьунаралъе тIадегIанаб къимат кьуна Дагъистаналда машгьурай театралияй махщелчIужу Гулизар СултIановалъ. Гьебго заманалъ Казбек районалъул театралъе кьуна Халкъиябин абураб цIар.
Жиндирго анищалъухъе гIедегIун вугониги, МухIамадие бокьун букIинчIо эбел-инсул адаб тараб жо гьабизеги. КьучIдасанго гьесул гIумру хисиялъе сабаблъун ккана районалъго кIудияб адаб-хIурмат жиндир гьабулев цо чияс (МухIамадие бокьичIо гьесул цIар бицине) васасе квалквал гьабугейилан инсухъе бачIараб ругьел. Гьеб букIана гIолиласул бищунго талихIал къоязул цояблъун.
 
Дунялалда жаниб цогиги дунял
 
МухIамадил берал кенчIолел рукIана, театралъул бицунелъул.
— Театр — гьеб ккола дунялалда жанибги бугеб дунял. ХIикматго берцинаб, бацIцIадаб, гьуинаб тIагIамалъул хIайранаб дунял. Цодагьабго хIинкъиги бачIуна рекIелъе – къабул гьавилевдай дун гIагараб халкъалъ. Бажариладай дихъа гьезул божилъи ритIухъ гьабун. Гьединал суалалги рачIуна дихъе сардилъгицин. Театр — гьеб буго нилъер гIумруги, къисматги, къисаги. Бокьун бугеб куцха гьелда квер хъвазе, гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе, — ян бикьана МухIамадица театралде бугеб жиндирго рокьи.
 
Заманалдасан ХI. Хасаевасул кумекалдалъун гьесда лъала театралъул режиссер ГIалисултан Батиров ва ХIусен Казиев.
ГIалисултаница гIемерал малъа-хъваялги гьарун, МухIамад гIемер цIалдезе тIамуна. Цо пуланаб къоялъ гьес МухIамад ахIана театралде.
ТалихIалъ къвал барав гIолиласул рохалие гIорхъиго букIинчIо.
 
ТIоцебесеб хIалбихьи,
анищаб цевевахъин
 
«Кив дун мекъи ккарав?» — гьеб драмаялда, къваригIел гьечIел ишазде гьоркьове ккарав Аминил роль хIаялдаса байбихьана Дудуевас Авар театралъул сценаялда тIоцебесеб гали.
Гьение дунги ахIун йикIана МухIамадица. Сценаялда дида вихьана гIумруялда вугесдаса тIубанго батIияв гIолилав. ГьадигIан тIабигIат берцинав МухIамад сценаялда сверун вугоан бахьикъосарав Аминиде.
 
ЧIвалеб хъатил гъугъаялъ кьуна гIолохъанав актерасул махщалие къимат.
Васасул гьунар режиссераздаги бихьичIого хутIилищха. Жиндихъегоги ахIун, гIолиласул хадурккунисел пикраби, анищал лъазаруна ГI. Батировас. МухIамадица жаваб кьуна жиндие театралъул васлъун вукIине бокьун бугилан.
 
— Актерасул махщалиде гъорлъе лъугьине, гьелъул балъголъаби лъазе, дие кIудияб кумек щола Россиялъул мустахIикъав артист ХI. Казиевасдаса, — ян бицана МухIамадица.
— Гьес нижеда бичIчIизабула сценаялда цIараб хIухьелалъул, битIараб квералъул, хIатта балагьиялъулгицин актерасул жавабчилъи букIине кколеблъи. Дие кIудияб баркала кьезе бокьун буго ХI. Казиевасе, ГI. Батировасе, ХI. Хасаевасе театралияб искусствоялде тIамулел тIоцересел дир галабазе дандчIвай гьабуралъухъ. ХIусен гIемер хIалтIана дир гьаракьалда, кIалъаялда, балагьиялда, кверазул ишаназда тIад. Гьевгун, ГIалисултангун дун гIемер ккола цадахъ паркалда тира-сверизе. Бокьула гIенеккизе гьез бицунелъухъ. Халбихьи цIикIкIарал гьел актераз дие рагьула театралъул тарихалъул тIанчал, хIасратаб рокьигун бицуна жидерго театралияб гIумруялъул…
 
МухIамад Дудуевас хIараб кIиабилеб рольлъун букIана «Навруз» спектаклялъул аслияв герой ТIалибил роль.
— Гьанжего гьанже театралде хIалтIизе лъугьарав духъе кингIаги кьолел аслиял ролал? — илан дица кьураб суалалъе нечадго гьимана МухIамад.
 
«Мун йиго дир эбел» абураб спектаклялдаги аслияб роль хIалеб буго МухIамадица. Мирзаханил роль ккола гьес хIараб лъабабилеб роль.
Нилъеда сценаялда вихьула ракIчIун жиндирго роль хIалев гIолохъанав актер. Щибаб цIияб роль хIалаго, гIолиласул бажариялда хадуб халккведал, бахиллъизе бачIуна гьесул букIинеселда. ЖахIдаялъ цебе хIетIеги ккун, гIодов ккезавичIони, жиндирго анищазул гвангъараб цIваялъухъеги боржинаан гьесул гьунар.
 
Гьанже гIагар МухIамадица спектаклязда хIарал аслиял ролазул цояб ккола «Намус» спектаклялда Намусалъул роль.
Гьес хIалел ролаздасанги бихьулеб буго живго гьевги бацIцIадаб ракIалъул, борхатаб намусалъул, магIарул яхIалъул тIалабазда рекъа-раб хьвада-чIвадиялъул гIолилав вукIин.
МухIамадица рехун течIо районалъул маданияталъулгунги бухьен, гьенив халкъияб творчествоялъул рахъалъ бетIерав специалистлъунги хIалтIулев вуго гьев. Халкъияб театралъул коллективалда цадахъ иргадулаб цевевахъиналдаса хадув МухIамад мустахIикълъана ДРя-лъул культураялъул министралъул баркалаялъул кагътие.
 
Гьунар цIубалеб гIужалда
 
Жакъа МухIамадил махщел тIегьалеб буго. Гьединаб гIужалда гьеб беэдизе ва гIумруялъул бураназдаса цIунизе ккола.
Дида гIемер дандчIвачIо МухIамад гIадинал, театралъухъ рокьи ккарал гIолилал. Театралияб искусствоялде гьесул рекIелъ гьалдолеб гIищкъул цIадухъ чанги хинлъизе ратила нилъ.
 
Гара-чIвариялъул ахиралдаги Авар театралъул гIолохъанав артист М. Дудуевас абуна:
— Дие бокьун буго гIумру театралъе кьезе, тIолалго къасдалги, пикрабиги, хьулалги сценаялдасан халкъалъе рикьизе.
 Нух битIаги гьесул анищазе. Биччанте гIолиласул гIумруялъул нухал гвангъизаризе гьесул цIиял ролаз, цIияб гъасда жинцаго бакараб талихIалъул цIаялъ.